МагъчIваялъе рес

Стивен Сигал: "Путин ккола унго-унгояв цевехъан"


Fox News абулеб Америкалъул телеканалалда гьал гIодоркъоязда цеве вахъарав актер Стивен Сигалица тIадегIанаб къимат кьуна Россиялъул президент Владимир Путиние, хасго гьес Сочиялъул Олимпиадаялда цере хIинкъи гьечIолъиялъул шартал мисал гьечIеб къагIидаялда щулалъизарун рукIиналъухъ. Сигалица абуна Путин вугин улкаялъулги, ФСБ-ялъулги кIудияв цевехъан.

Живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурав террорист – эркенлъуда. Магърибалъул улкабазул тIадтаразул ракI чIун буго кватIичIого теракт букIиналда. Ралъдал рагIаллъиялда аскIор хьвадулел Америкалъул рагъул гуми ахIуд рахъун руго.

Гьадинаб сценарий бихьизабуна Fox News телеканалалда жиндир заманалда Республиканияб партиялъул рахъалъан Америкалъул президентлъиялде кандидатлъун вукIарав Майк Хакабица.

Амма рагъул махшелазул устар Стивен Сигалида лъикI лъалеб батила хIакъикъатги, букIинесебги.

Россиялъул хасал хъулухъазда ругел жиндирго гьалмагъзабазул баяналда мугъ-чIвай гьабун гьес абуна – Сочиялда гьужумал гьаризе ресал гьечIин. Амма гьтес тIаде жубана – тIубараб хIинкъи гьечIолъи букIунарин кибниги.

Мисалалъе туканалде унев чи машинаялде гъоркье ккезе рес бугин кидаго. Стивен Сигалица кутакалда веццулев вукIана Владимир Путинги ФСБ-ги ва Цолъарал Штатазул президент Обамадехун вуссун, Россиягун гьоркьобакI лъикIлъизабиялде ахIи бана.

Стивен Сигал: «Гьеб буго цIакъ гучаб улка, бечедал тIабигIиял магIданал ругеб, гIемер лъикIаб тIалъи бугеб. Дида ккола - гьел нилъер гьудулзаби ругин.

Дир хIисабалда гьеб буго цохIого цо рес дунял цадахъ цIунизе цогидал гучал пачалихъаздаса. Дида ккола Россия ккола нилъер бищун гIагараб гьудулаб пачалихълъун».

Сочиялда рукIинесел Олимпиялъул хIаязда хурхун гьадинаб баян гьабуна Стивен Сигалица.

Стивен Сигал: «Террористазе бакIги ресги тун гьечIо Сочиялда гьужумал гьаризе. АхIуд рахъун руго гIемерал къуватал. Гъозул руго кIудияб махшел. Президент Путиница гьеб ищ гьабулеб буго гъалатIал гьечIого.

"Альфа" абулеб хасаб къукъа дунялалда бищун лъикIаб къукъа буго хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъан».

ТIаде балагьани - Америкалъул актерас гьабураб баян базабун буго Владимир Путинилгун Барак Обамал гьогьомарал бухьеназда.

Стивен Сигаласулийн абуни - гIемер лъикIаб гьудулъи буго Россиялъул президентгун. Гъоркьисала март моцIалда Россиялъул вице-премьер Дмитрий Рогозиница Стивен Сигалидехун вуссун гьарана Америкалъул базаралда Россиялъул тункIал ричиялъе официалияб квербакъи гьебеян абун.
XS
SM
MD
LG