МагъчIваялъе рес

ФСБ: Волгоградалда теракт гIуцIарав чIвана Дагъистаналда


Волгоградалда кьвагьизабураб тролейбус, 30Дек2013
Волгоградалда кьвагьизабураб тролейбус, 30Дек2013

Дагъистаналъул Гъарабудагъкент мухъалда чIван вуго араб соналъул декабралда Волгоградалда гьарурал терактал гIуцIаравин абулев Залитинов Мурад. Гьедин лъазабулеб буго ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ. 12 декабралда Гъарабудагъкент мухъалъул Гурбуки росулъ гьевги, жеги щуго изну гьечIого яргъидгIуцIаравги сверун ккун рукIана гьеб росулъ бугеб минаялда жанир.

Дагъистаналъул Гъарабудагъкент мухъалда чIван вуго араб соналъул декабралда Волгоградалда гьарурал терактал гIуцIаравин абулев Залитинов Мурад. Гьедин лъазабулеб буго ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ. 12 декабралда Гъарабудагъкент мухъалъул Гъурбуки росулъ гьевги, жеги щуго изнугьечIого яргъидгIуцIаравги сверун ккун рукIана гьеб росулъ бугеб минаялда жанир.

Терроралда дандечIараб Миллияб комитеталъ, изну гьечIого яргъидгIуцIарав чIван вугилан абун гурони гьесул цIар баян гьабун букIинчIо. Гьанже ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ загьир гьабулеб буго гьесул хIакъалъулъ тIолабго баян. Гьезул баяназда рекъон, 2013 соналдаса нахъе бицен гьабулев Залитинов Мурадица бетIерлъи гьабулеб букIун буго «Имарат Кавказа» абураб, изнугьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъе. Гьедин гьев кколев вукIун вуго «гъадар мухъалъул» изну гьечIого яргъидгIуцIаразул бетIерлъунги.

Гьес гьединго бетIерлъи гьабулеб букIанин «хвалде унел» хIадур гьариялъегиян хъвалеб буго ФСБ-ялъ кьураб баяналда.

2013 соналъул 29 декабралда, Волгоградалда маххул нухлул вокзалалда Залитиновас хIадур гьавурав «хвалде унес» гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хвана гIемерав чи. Гьелда нахъисеб къоялъ шагьар бакьулъ кьвагьана гIадамал тIад рекIараб троллейбусги. КIиябго кьвагьиялъул хIасилда хун вукIана 30, лъукъана 70 чи.

Гьеб такъсир гьабиялъул гIайиб гIунтIизабун дагьаб цебегIан диваналъул хIукму къотIана ункъо дагъистаниясе

Ибрагьим МухIамадовасегун ГIалавудин Дадаевасе кьуна туснахъалъул 19 сон. Вацал МухIамаднабигун ТIагьир Батировазе – лъаб-лъаб сон.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, 2013 соналъул ахиралда «Гъадаралъулаб» абураб терроралъулаб къокъаялъ гьабун буго Волгорадалда теракт гьабиялъул хIукму.

Кьвагьулел алаталги тIад ран кьвагьизе гьез хIадурун руго Дагъистаналдаса Сулайман МухIамадовгун Аскер Самедов. Кинабго гьеб теракт кин гьабилебали дандбазе, жанире ракIаризе гьезие бакI кьун буго Ибрагьим МухIамадовасгун ГIалавудин Дадаевас (цIех-рехалъул баяназда рекъон).

Гьедин Аскер Самедовас, Волгоградалдеги ун, маххул нухлул вокзал кьвагьизабунин, Сулайман МухIамадовас троллейбус кьвагьизабунин рикIкIунеб буго цIех-рехалъ.

Волгоградалъул диваналъ гьабураб хIукмуялда рази гьечIо МухIамадов Ибрагьимил адвокат СагIид Ибрагьимов. Гьеб такъсиралдехун бухьенгицин гьечIел, Дагъистаналдаса кирениги къватIирегицин рахъинчIезейин абуни кьунин 19 сонилан абулеб буго гьес.

МухIамадов Ибрагьимиде гIунтIизабулеб гIайиб букIана теракт гьабулел чагIи Избербашалда бугеб жиндирго рокъоре риччанилан. Амма гьебго гIайибги тIадчIезабун, гьесул вац гьабсагIаталда туснахъалда вугин бицанила жинца диваналда, гьелъин абуни лъиего асар гьабичIила.

Гьеб хIужа «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна МухIамадов Ибрагьимил тIулбикьарай яц Хамисицаги. Жий гIарзалъ инчIеб бакI хутIичIин гьелда тIасан, амма жинде кумек гьабулев чи кколев гьечIилан абулеб буго гьелъ. Амма вацасда щибниги гIайиб гьечIолъи жиндица бихьизе гьабилин.

МухIамадова Хамис: «Теракт гьабиялъе бетIерлъи гьабуравиланги абун иргадулавги чи тIагIинавун вуго гьез. Гьел «бетIерлъи» гьабулел чан ругелали лъаларо, цо анкьидасанги рагIизе буго цоги гьединавго бетIер тIагIинавунилан.

Дир вацасда гIайиб гьечIо. Гьеб гьечIеблъи дица бихьизеги гьабила, кинаб рес батунги, кие дун ине кканиги, дица гьеб иш рагIалде бахъинабизе буго. 19 сонги кьун гьев туснахъ гьавизе ккани кигIан гьитIинабги далил гьечIо гьелъие нугIлъи гьабизе кIолеб. Кинабго гьабуна Москваялда берцин рихьизе гIоло».

Гьеб ишалда гъорлъе лъугьиналде, жинца цин рагIа-ракьандеги щун цIаланин щунусиде гIагарун тIамач бугеб цIех-рехалъул даптарин абулеб буго адвокат СагIид Ибрагьимовас. Гуребани жив Волгоградалде щвезегIанги унароанила, жиндие млрд. гъурущ кьолеб букIарабанигицин.

XS
SM
MD
LG