МагъчIваялъе рес

Пушкинги бандиталги


Васасе инсуца кьолеб тарбия Пушкиница хвезабураб куцалъул

- Бандит вуго гьав, бандиит!!! - ян абулеб букIана гьоболас аскIове вачIарав ункъго сон барав васасул бетIерги квералъ лъулъалаго. Бахъун кисиниса азарго гъурущ гIарацги кьун виччана нахъе вас. "Бандитасул" эмен ХIосен вукIана данд битIун бугеб лакайдул диваналда бохалда бохги бан рази-ракиго валагьун васасухъ. Гьоболас къо-лъикI гьабуна гьесие. Гьесда цеве тIамулев вукIана кIудияв гIурав жиндирго вас.

Гьесул гьундул, гьев цIунун аскIор эхетарал гIадамал, каваби рагьулел, пиджак кьолел, гьев вачIарабго тIаде рахъулел. Пикрабазде ва анищазде цIан вукIана эмен гьоболасул рагIабаца. Цойги щивлъунха асда вас цеве тIамилев? ГIачивехьлъунищ, хьитазул устарлъунищ, ялъуни вакъа-къосарав мугIалим яги гIалимчилъунищ? Ав живго берцинго хъвай-цIали лъаларев чи гьеле гьел "бандитазул" кумекалдалъун гурищ гIадамалъе вахъарав? Байбихьи гьабун букIана Гъизларалдаса Астраханалде унел поездазда цIогьодиялдаса ва гIадамазухъа жо бахъиялдаса.

Хадув цо хъахIаб рокъов вукIарав азул мазгьабалъул ламурас живго цIунизе вачана, хIалтIизабизе базар кьуна, яшавги лъугьана, гьундулги рана, гIалам бахилаб гIумруги гьабуна. Дагьаб жо хутIана инсуца малълъарабги гьабун росдал магIишаталъул техникумалде цIализе лъугьине. ТIубанго талихI къинаан гьеб жо гьабун букIарабаниян ракIалде ккана асда нахъойги. Амма ункъго сон барав васасул асие бокьулареб цо гIамал букIана. Авгун гIел бащадал лъимал азбаралда бандитал хIалел ругеб мехалда вас "Почемучка" журналалде къулун ватулаан асда мех-мехалда.

Гьелдасаги инсул ццин бахъулеб жо букIана кьер-кьерал къалмалги росун суратал рахъизе вас лъугьарабго. ХIасил калам, инсуца квеш лъикI вас "бандитлъун" куцалев вукIана. Амма гьеб тарбиялда рекъолареб цо жоги букIана цадахъго гьесда тIад къалеб. Какги базе кколаан васас. Какги бандитлъиги цадахъ малъулеб букIана. Инсуда бичIчIулеб букIана жакъасеб Дагъистаналъул ахIвал-хIалалда гIадамазда гъорлъ вас чIезе ккани гьесда как базабизе кколеблъиги, дагьа-макъаб Къуръан лъаниги, кверкьеялда гIадамаз цIалулелдаса дагьаб батIияб, гIемерисезда рагIичIеб дугIа цIаланинги гьев ворхулевлъи тIадеги гIадамазда цеве.

Гьеб какги аб дунялалъе цIикIкIун хIажат букIана доб дунялалдаса. Гьесда рихьулел рукIана цIакъ гIемерал чагIи гьаб дунялалда какицагун мажгиталъ хьихьарал. Ай гьеб гьабулел хьолбохъ чIезариялъги квен балагьизе кумек щварал. Гьесда лъалеб букIана васас гIураб магIишат ва рукъ гIорцIараб рикъзи нахъе лъурабго ахIун дибирзабигун гьундухъ мавлидги ахIани, щивав ахIтIохъанасул кодоб нус-нус долларалъулги лъуни, жиндир вас тIадеги ворхулеблъи халкъалда гьоркьов.

Гьеле гьеб хIалалде рачIине ккани вас вагъизе кколаан, гьес мадугьалбазабазул лъимал руххарабниги, машинабазул цIурдул рекун, яги цойги гьелде релълъараб жо гьабизе кколеблъи. Бертин гьабилелде цониги чи лъукъани, яги гIебеде ккезавуни лъаледухъ бигьалъилаан депутатлъунниги вахинениги. АхIун дибирзабигун, аварагасул (жинда Аллагьасул салам лъеяв) хIадисалги рехсон маслихIатги гьабилаан. Гурони щибги босунха инев ав ХъахIаб рокъове жиндир вас депутатлъун унел чагIазул сияхIалда хъвайин? ТIокIлъиялда школа лъугIаниланищ абилеб, багIараб дипломалда университет лъугIанинищ бичIчIизабилеб? ГIабдалин ккела дора ругезда, ккела щай букIунеб, лъала гIабдал вугеблъи.

Асул математикаялъгун химиялъги, гоголь моголазги Дагъистаналда яшав гьабуларо. Бищунго Дагъистаналда ссиялда ругел гIурусал руго Калашников ва Стечкин. Гьев кIигояв рачлихъ ругел ва ккаралъур гьел хIалтIизарулел чагIазе кьола гьанир мандаталги, тахбакIалги, киса-кибего квал-квал гьечIого унеб гIурччинаб канлъиги. Дол хъвай-цIали лъалел пакъирзаби рукIуна замаллъун, помалъул ва лъагIалида жаниб цоцIул гьикъулеб гIакълуялъул гIакълучагIилъун. Ай бандитазул чукъа-рахьан, гъаравашал ва цере тарал хIалтIухъабилъун. Гьеб хIакъикъат бичIчIарав эмен вукIана мугъзада нахъа квералги лъун, мерхьун персазул халичагун рукъ сверун тирулев. Тохлукьего асул бер чIвана васас столалда тIад тараб лъималазул журналалда ва маргьабазул тIехьалда. Ццин бахъун канлъи босана ХIосенил.

"Гьале гьаб маймалакица вуго хвезавулев дир вас!" - ин къелъ речIчIана "Сказка о золотом петушке" - ян тIад хъвараб Пушкинил тIехь. Гьеб чанго тIамачги жаниса бортун зигардилеб гIадин бортун ана цо бокIнилъе. "Живго вуго гьев Пушкин петушок!!!" - ин чанго бух1араб раг1иги реххун, гъулгъудилаго ана вас валагьизе...

XS
SM
MD
LG