МагъчIваялъе рес

ЛъикIаб жо букIун гьечIо мацIал гIемерлъи


Лариса ХIажиева
Лариса ХIажиева

Дур багIараб чоца накаби чIваяв, Накабийищ чIвалел чIухIарав дуе?

КигIан гIемер политикаялъул бицаниги, экономикаялъул бицаниги, цояздаса цоял хIикматал лъугьа-бахъиназул бицаниги Дагъистаналда бищунго халкъалъул рахIат хвезабулеб ва актуалиблъун хутIулеб буго миллияб суал. Миллатал гIемерлъи Дагъистаналъул хаслъиги, тIокIлъиги, гIунгутIиги, санагIатгьечIолъиги ва гьединго цо хасаб гугьар ва берцинлъиги. Миллатал гIемерал рукIиналъул дида лъалеб тIокIлъи буго гьаб хутIараб дунялалдаса батIияб, хIикматаб, гIемер кьеразулаб, бакъназулаб, гIадатазулгун гIамалазул, ретIа-къаялъулгун яшав гьабиялъул, мацIазулгун тарихалъул пачалихъ лъугьунеб буго. ГIадада абураб гьечIо Дагъистаналъул рахъалъ "Дир Дагъистан" тIехьалда хъвавухъе гьудулзабаца гIемер тIугьдузул квацIиянги, тушбабаца гIемер бутIрул ругеб аздагьоянги, нухлулаз мугIрузул улка ва мацIазулгун халкъазул гохIиланги. Щивасда гьелъул тIокIлъиги гIунгутIиги бихьулеб букIана.

ГIумруялъулъги руго гьелго гIунгутIаби ва тIокIлъаби. МацIал гIемерлъиялъул ругел квал-квалазул ва санагIалъи гьечIолъиялъул бицине бокьун буго дие. Жакъа ахIи буго киса кибего гIисинал миллатазул мацIал холел ругин, тIагIунел ругин. Дагъистаналда официалияб къагIидаялъ титулаяб халкълъун рикIкIараб 14 миллат ва гьезул мацIалда буго пресса ва телевидение. КIигIан санагIатго ва берцингоха букIинаан 3 миллион халкъ бугеб Дагъистаналъул цохIо мацI букIарабани. Гьаб сагIаталда дун гIенеккана интеренеталда машгьурай тумазул кочIохъан Лариса ХIажиевалъгун МухIамад ГIабасовас авар мацIалда ахIулеб кочIохъ.

ХIикматго берцинго ахIулеб буго кечI Ларисаца, амма ракI чIун лъала тIаса-масаго таржама гьабун гурони гьелда гьеб кочIол берцинлъи ва тIокIлъи лъалеб батуларо. Гьединго буго гьениб битIахъе сири баледухъ Ларисаца некIсияб тумазул бакъаналда ахIулеб кечI. https://ok.ru/video/2445280644 Гьалъухъ гIенеккарабго пикрабазул рахсаца нилъ батIи-батIияб бакIалде цIала, цере рачIуна суратал, гIадамал, гIумру, лъугьа-бахъинал. Гьеб кинабго нилъер фантазиялъул пихъ, щибха лъалеб сундул рахъалъ жийго кочIохъаналъ ахIулеб бугебали. Лариса ХIажиева йиго хIикматаб гьунаралъул кочIохъан. РакIалде рачIна нилъер магIарулазул фальклоралдаса, халкъияб кIалзул гьунарлдаса керен гIекколел бакъанал ва кучIдул. Пайда щиб, гьей гьунар бугей кочIохъаналъул рес гьечIо гьеб асар бичIчIизе ва халкъалъухъе кьезе мацI батIияй йикIун. Гьелъ абулеб буго рагьун кьейин жиндихъе аваразул кочIол хазинаялдаса бищунго лъикIал кучIдул халкъиял бакъаназда ахIилин. АхIила гьелъ, пайда щиб, кигIан берцинаб гьаркьица ва махщалида гьаркьал гьаруниги жийго кочIохъаналъе асаралъ асар гьабураб гIадаб берцинлъи, гугьар букIунаро ва нилъер ракIазда квалуларо. КигIан берцинго букIинаан гьелъ некIисияб чагъанаялда гъоркь магIарул гIертIида къвалги бан иццухъ ахIани, рагIи рагIи ккун нилъехъе кьуни масала гьал рагIаби:

Дур багIараб чоца накаби чIваяв,

Накабийищ чIвалел чIухIарав дуе?

Чараб гормедоялъ габур бухьаяв,

Бичун рухIищ кьелеб дур кьибилалъе?

АхIила гьел Ларисаца, кин нилъеца гьелда бичIчIизабилеб сундул бицунеб бугебали гьаб кочIолъ. Нужеца пикрабалъниги х1ал бихьея гьалъул таржама гьабизе. Кинаб таржамаялъ кьелеб "дур багIараб чодул накаби чIваяв" абураб авар кочIол асар? КиналъгIаги кьеларо, кьезе ресги гьечIо. Нилъеца таржамаялдалъун бичIчIизабизе кIола ПатIиматие МухIамад вокьулеб мехалда МухIамадие ПатIимат щай йокьуларей абураб пикру бугин гьениб абун, амма кочIол гугьар хутIила гьеб хъвараб мацIалда ва гIицIго гьеб мацIалда кIалъалеб халкъалъе, хутIаразе гуро. ЛъикIаб жобукIун гьечIогури мацIал гIемерлъи. Нужеда кин кколеб?

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG