МагъчIваялъе рес

ГIажаибаб мантIикъ жагьилзабазул


Нилъеда цIакъ гIемер газет-журналаздаги, радио-телевидениялдаги, социалиял гьиназдагун годекIабахъги рагIулеб жо буго улкаялъул, республикаялъул, районалъул ва росдал политикаялда тIаса бахIсал. Гьав лъикIав вугин, дов цояв квешав вугин, цебе лъикI букIанин, букIинчIин долдаса хIалихьатаб мехги тIадчагIиги тарихалда рукIинчIин цогидал - кидагосел бахIсал, дагIбаял. РукIа абеха, гьединал чIагоял, активиял гIадамаца гурищ гражданазул жамгIият гIуцIулебин абила цо-цояз т1адеги балагьун. ГьедигIан бигьаго бихьуларо иш тIаде балагьухъе. Гьел годекIабахъ бахIсал гьарулел чагIазул 90 проценталдасги тIаде руго телепропаганда гуреб батIияб информациялъул алатазухъ гIенеккичIеб халкъ.

Гьел активиял руго бихьизабураб нухдаса кьуричIого ине, лъугьа-бахъунелъул хIисаб гьабизе гурел. Улкаялъул кутак ва гуч Шамалде ралел бомбабалъ, цолъизабураб Крымалъулъ ва жидедаго цебе тIамизе кIолареб пачалихъалъул къуваталъулъ бихьулел чагIи. Гьезул цонигиясул гьечIо суал тIалъиялъе я коррупциялда, я ришватазда, я хвезарулел ихтияразда, я жидерго тухум-кьибилазда гьоркьор рикьулел хъулухъазда хурхун.

Дагьаб цебегIан "Новая газетаялда" букIана макъала "Щай Россиялда бечедаз мискинал мерхьунел?" абураб цIаралда гъоркь. Москваялда МГИМОялъул тIоцебесеб курсалдаса сессия кьезе кIоларого нахъе реххарав студент Томас Левиевас 13 миллион багьа бугеб цIияб Ferrari автомобилалда сагIаталда жаниб 200 километр хехлъиялда бачун авария гьабун чухIун руго гIемерал машинаби, живго къватIиве реххун чIаго хутIана ва больницаялда лъунин. ДТП гьабураб бакIалдаса вахчун вуго Левиев, амма органазда кинго "кIун гьечIо" гьев щивали чIезавизе. Гьаб цIарги къватIибе бачIана фейсбукалда гьев лъалел чагIаз лъун. Нилъер дунялалда ччорбал рихьизарулеб гучаб державаялда кIолеб гьечIо тахшагьар бакьулъ гьадигIан вахIшиял такъсир гьабурал гIадамал жанир лъезени кир гурел, щалали чIезаризецин.

Гьелда хурхун журналистка Юлия Латынинаца хъвалеб буго: "Гьава цIикIкIарабго гIолохъаби лъугьуна кIанцIезе, гIакълуялда данде кколарел жал гьаризе. Хасго гьел цIикIкIуна закон хIалтIуларел бакIазда. Россиялда мискиназул гьава цIикIкIингун законалъ гьукъараб ИГИЛалде уна гIолохъаби. Бечедазул цIикIкIараб гьава гIодобе буссине 13 милионалде Ferrariял кьола авариял гьаризе" - ян.

Гьев Левиев рагIула ИзрагIилалъул гражданин. Щайха гьес Москваялда гьарулел такъсирал дора гьаричIого? ИзрагIилалда гьесие 15 сон щолаан такъсиралъухъ, Россиялда абуни 15 азарго гъурущ гIакIаги кьун къватIиве ун рагIула. Гьедин официалияб къагIидаялъ абулеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул вакил Маркиница "ИзрагIилалда гьесие кIудияб болжал щолаан" - ин. Гьаниб лъица квал-квал гьабулеб бугебали бичIчIулеб гьечIо. Жеги патриоталин керен буххулел цо-цо гIабдалзаби ахIдезе руго гьаб пикруги улка бокьуларев чиясул бугин. ГIадамал чIвалел, гъурулел, такъсирал гьарулел чагIи рихьуларел ал патриотал рагIула, законалда цере киналго ращадал рукIин тIалаб гьабулел чагIи - Магърибалъул агентал, щуабилеб колонна ва тушбаби. ГIажаибаб мантIикъ (логика) жагьилзабазул.

Жидее улка бокьи загьир гьабизе гьаз чIечIого чухIулеб цохIого чIанда буго. Ельцин гьекъолдухъан вукIана Путин гьекъоларо, Россия рихун буго дунялалъе гьеб накабаздаса борханин. Нилъер хIурмат гьабулин, нилъехъа хIинкъуларин, нилъ хIачIого тезе лъиданиги кIоларин. Лъай абе киназдаго ва босе хIисабалде, киданиги дунялалда хIурмат гьабизе гьечIо 18 сон барав ахIмакъас Ferrariялда чияр машинаби чухIулеб, гIадамал лъукъулеб ва цIех-рехалъул комитеталда гьев щивали чIезавизе кIолареб пачалихъалъул. ХIурмат гьабула тIоцебесеб иргаялда къануналда цере киналгоги ращадаб, хутIараб дунялалъе жиб нухмалъиялъул ва гIадлуялъулъги мисаллъунги бугеб улкаялъул.

Хабар лъикIаб рагIайги!

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG