МагъчIваялъе рес

"Гьоркьохъеб" заманалъул лъимал...


Нилъер хIакимзаби тухумчилъиялдаса нечолелцин гьечIо.

"БачIун бугеб замана, бичIчIулареб - гьоркьохъеб..." абурал кочIол мухъал ракIалде рачIана анкьил ва моцIил цIиял харбазухъ, лъугьа-бахъиназухъ, гIадамазухъ, кIалъаязухъ валагьарабго. РекIеда хъатIулеб калам дагь буго, кIвар буссинабизе гIадаб лъугьа-бахъин бихьулеб гьечIо.

ГIадамал, цIарал, гьурмал ва гьез бицунебгун гьабулеб жо буго цоцада релълъараб, цо коцониб тIураб, чIамучIаб ва чIалгIараб. СССРалъул заманаялда эркенлъиялъе гIурхъиги, рагIуе цензураги, ишазе ва инициативаялъе изнуги хIажат букIана, пачалихъалъул бер ва квер щолареб бакI букIинчIо. "Партия сказала надо, Комсомол ответил есть!!!" абураб игIланалда гъоркь букIана кинабго. ГЬеб нухмалъиялда релълъарал рукIана гIадамал ва рукIа-рахъинги.

Эркенлъиялъ ва цIияб заманаялъ чанги гвангъарал цIаралги, кьер-кьерал лъугьа-бахъиналги, роххелги пашманлъиги, лъикIабги квешабги кьуна нилъее. Амма ахираб I0 соналда жаниб парахалъиялда цадахъ цо бичIчIулареб ахIвал-хIал, цIар лъезе лъалареб заман ва гIел гIун бачIунеб бугин кколеб буго. ГIадада бижараб батиларо гьеб заманалда "нулевые" абураб цIарги.

Россиялъул политикияб карталда 20 соналъ нахъе инчIого цохIого персонажал руго. Дагъистаналдаги гьединго букIана ва жакъаги буго. ГIелаз гIелал хисун, умумуз лъимал малълъун кьолел рукIана ва жакъаги руго тахбакIалги мандаталги. Гьеб кин букIунеб абураб суалалъе баян кьуна цо гара-чIвариялда Рамазан ГIабдулатIиповас: " Щай МухIамадсалам МухIамадов, Иляс ГIумаханов ва Хизри ШихсагIидов лъугьарал лъикIал нухмалъулеллъун? Щай гурелъул гьезул лъабавго гIуна нухмалъиялъул ахIвал-хIалалда. МухIамадсаламилгун Илясил умумул рукIана республикаялъул нухмалъулеллъун. Хизрил вац вукIана обкомалъул секретарлъун, гьенисан бачIараб буго хIалбихьи" - ян. Гьал руго Рамазанил рагIаби, дица гьазие къимат яги баян кьеларо.

Кьезе рекъарабги гьечIо. Амма щивав чиясул букIина гьалда хурхун жиндирго пикру, рагIаби Рамазанил руго газеталда бахъараб гара-чIвариялдаса. Гьездего рачIарал рагIаби такрар гьаризе лъугьана цIех-рехалдаса лъутилелде цеве "Черновик" газеталда букIараб данделъиялда вице-премьерасул хъулухъалда вукIарав Абусупян Хархаровас.

Щай кадровияб нахърателалда гIицIго хIакимзабазул лъимал ругелин гьикъарабго гьев хIикматав инсанас абуна гьадин: "Гьениб гIажаиблъи гьабизе жо щиб бугеб? Генетикаха... Лъай бугел умумузул лъай бугел лъимал рукIун...". ГьечIищха гIакъилаб жаваб? Жакъа гьев "лъай бугев" инсуе цIех-рехалъул цIакъ гIемер суалал рагIула порталдаги, риларал гумуздаги, гIарцудаги хурхун. Гьесул лъималаз эмен хисилищ хъулухъалдаяли абизе кIоларо.

Амма жакъа гIемерисел хIакимзабаца кIвараб жо гьабулеб буго тахбакI лъималазухъе кьезе. Араб соналъул ахирисеб Халкъияб Собраниялъул сессиялда цо гIажаибаб сурат бихьана дида. Спикерас рагIи кьуна Казибеков абурав депутатасе. Цеве вачIана цо цIакъго гIолохъанав вас. Гьес цо суалалда тIаса доклад гьабулеб букIана.

Залалда вугев цо бетIер хъахIав чияс ишара гьабун жиндего аскIове ахIана телеоператор, ишара гьабуна доклад гьабулев вахъеян ва жинцагоги телефоналъ вахъулев вукIана. Щив гьев чияли баян гьабурабго ватана залалда телефонгун ЖКХялъул министр Ибрагьим Казибеков, докладчик - эменги министрлъун ун гьесул бакIалда депутатлъун вачIарав гьесул вас. Доб бацIица чан гьабизе тIинчI ругьун гьабулеб гIадаб хIисаб бугоан Дагъистаналъул тIалъиялъул.

Щалха рачIине ругел чанго соналдаса нилъер нухмалъуде? РачIине руго жидерго гьумер, гьаракь, хатI, гIамал ва рагIи гьечIел, инсуца сияхIазулъ цIарал хъван мандатал щварал, тахбакI бичун босун хъулухъ кьурал гIадамал. Дица гIадада абун букIинчIо байбихьуда кIвар буссинабизе гIурал ишалги, цIаралги, лъугьа-бахъиналги ратулел гьечIин. Гьеб тайпаялъул гIадамал тIарада гIемерлъун.

Гьезда рекъараб букIинарищ нухмалъи ва ишал? МагIарулазул аби буго, "хIанчIида рекъон букIуна би" - абураб. Гьеб чIобогояб бакIалда бижичIеблъи нилъее баянлъула гIадамалги, гьезул ишалги, хIасилалги рихьараб мехалда. Нахъойги такрар гьарила поэтасул рагIаби: "БачIун бугеб замана - бичIчIулареб, гьоркьохъеб". Хабар лъикIаб рагIайги

XS
SM
MD
LG