МагъчIваялъе рес

Бизнесалъе нух къараб тухумчилъи


Монополиязда дандечIараб Дагъистаналъул идараялъул бетIер Кубасаевас Къурбан, Махlачхъала, 31Июл2012
Монополиязда дандечIараб Дагъистаналъул идараялъул бетIер Кубасаевас Къурбан, Махlачхъала, 31Июл2012

Монополиязда дандечIараб Дагъистаналъул идараялъ кьуна бащдаб лъагIалида жаниб гьабураб хIалтIуда хурхараб пресс-конференция. Идараялъул нухмалъулев Кубасаевас Къурбан бицаралда рекъон, идараялде рачIарал гIарзабазда гьоркьосан 53% кколеб буго хIакимзабазда тIасан хъвараб.

Республикаялъул хIакимзабазда тIасан хъварал гIарзабазда гьоркьосан цо-кIигоялъул мухIкан гьабун бицеян абидал, Кубасаевас ракIалде щвезаруна «Энергиялдалъун халкъ хьезариялда сверун Дагъистаналъул компаниялъул» нухмалъулесдаги, Бухьеназул ва индустриялъул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулесдаги хъинтIарал букIанин гIарзабиян.

Кубасаевасул рагIабазда рекъон, министр Насрутдинов МухIамадхIусеница газ щвезабиялъул рахъалъ цере хIалтIулел рукIарал компаниялгун къотIи-къай халат бахъинабичIого гьечIого гьеб цIибаккараб компаниягун хъван буго. Дол компаниязе абуни чанго миллионалдалъун зарал ккун буго. Гьез гIарзаби хъван руго монополиязда дандечIараб идараялде. Идараялъ лъазабун буго цIияб компаниялъул хважаин министр живго вукIин ва диваналде кьун вуго гьев.

«ХIалтIудаса нахъе вахъе министр», – илан абулеб букIун буго монополиязда данде чIараб идараялъул юристаз. Амма диванчияс гIакIа лъун буго министрасда тIад. ГIакIадул къадар – 12 000 гъурущ.

-Компаниязе ккараб заралалда бащадаб бугищ гьеб гIакIа,-ян журналистаз гьикъидал монополиязде дандечIараб Дагъистаналъул идараялъул нухмалъулес къокъго абуна:
-Гьеб суал хIукму къотIараб диваналъе кье, - ян.

Пресс-конференциялда Кубасаевас абуна бизнес цебетIеялъул рахъалъ 182 улкаялда гьоркьоса Россиялъ 120 бакI кколеб бугин. «Улкаго гьединаб бакIалде букIаго Дагъистаналъул бизнесалъул щиб бицинеб?», - ян тIаде жубана Кубасаевас.
Гьесул рагIабазда къеркьон, бизнесалъулаб конкуренция цебетIезе бичалеб гьечIо чанги масъалаялъ.

Къурбан Кубасаев: «БатIи-батIиял миллиял кланазда гьоркьор рикьун руго экономикалъул бутIаби. Гьелъ цебетIезе биччалеб гьечIо конкуренция. КIудияб бизнесалда гъорлъ ругел компанияз нухал къалел руго гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалъе. Экономика цебетIурал улкабазул мисал босани, бихьила гьезул экономика гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалда бан букIин. Дагъистаналда бугеб бизнес гIемерисеб мехалда хIакимзабазул кодоб буго. Документаздани гьеб букIине бегьула гьезул гIагаразда тIад хъван. БацIцIадаб бизнес цIакъ дагьаб буго. Гьединго абизе ккола, монополиязда дандечIарал къанунал хвезариялда хурхун рачIарал гIарзабазул 53% кколин пачалихъиял идарабазда хъинтIараллъунин».

Исана бащдаб лъагIалида жаниб монополиязда данде чIараб дагъистаналъул идараялде бачIун буго 399 гIарза. Гьезда гьоркьосан 152 гIарза рикIкIун буго битIун кьураблъун. Гьел гIарзабазул хал гьабидал къанунал хвезариялъул 41 хIужа тIатун буго. Гьезда хурхун бихьизабураб гIаммаб гIакIадул къадар 1 миллионгун 415 азарго гъурщида бахун буго. ТIадежоялъе гьеб гIакIадул бащдаб гурони кодобе щун гьечIо.

Пачалихъиял идарабазе къваригIараб къайи-матахI босиялъул системаялдаги къанунал хвезариялъул чанги хIужа тIатун буго. Идарабаз къотIи-къаял хъвалел руго хасаб сайталда лъазабиял кьечIего, лъазабиял кьуниги гьел ратизе ургъунго захIмалъабиги гьарулел руго.

Кубасаевас абухъе, идарабаз тIаса рищун багьаял автомобилал росулел руго. Мисалалъе, рищиязул комиссиялъ лъазаби лъун батун буго кIиго миллионалъул багьа бугеб «Тойота» автомобиль къваригIун бугин. «Гьеб автомобилалда релъарал цогидал маркабазул учузго ругел автомобилал щай бегьуларел рищиязул комиссиялъ росизе?», - ян абулеб букIана Кубасаевас.

Журналистаз гьединго борхана авиабилетазул багьабазул суалги. Гьел цIакъго хира ругин гIарзаби кидаго щолин жидехъейилан абуна Кубасаевас ва тIаде жубана авиабиилетазул багьабазда хурхун хасаб цIех-рех байбихьун бугин.

Чед хиралъиялъул суалалдаги хъинтIана журналистал. Кубасаевас абуна чед гьабулел фирмабаз багьаби цIикIкIинари бараб бугин коммуналиял хъулухъазухъ кьезе кколеб гIарцул къадар борхиялда, амма 17 гъурщиде букIараб чадил багьа 20 гъурщиде бахинабиялъул мухIканаб цIех-рех гьабизе бугин абуна монополиязда дандечIараб идараялъул нухмалъулес.

Ахиралда Кубасаевас абуна жидехъе щолеб информациялда рекъон, цоцада релълъараб бизнесалда гъорлъ ругел компанияз цадахъ лъугьун пуланал багьаби чIезариялъул хIужабиги Дагъистаналда чанги ругин, амма гьезда хурхун гIарзаби щаялиго рачIунел гьечIилан.
XS
SM
MD
LG