МагъчIваялъе рес

"Аллагьасе гIоло"  гьабулеб питна


Рузман къоялъ МахIачхъалаялда къанагIат гурони батиларин, батизего батуларин абизе бегьула эркенго, киназего бакIги гIун как базе бегьулеб мажгит.

ГIолел гьечIо бакIал. КъватIир халичаби, турут, газетал, гужгатал бугес бугеб гIодоб тIамун ралел руго какал. Гъоркь рукIараздасаги бакIал къварилъана салафиязул мажгитал къарабго. Гьанже киналго цадахъ как базе ккана.

Гьеб тIадеги лъикI бугогуриян абила жанисел масъалаби лъаларел гIадамаца. ЛъикIги букIинаан нилъ цолъизарулел суалал цIикIкIун ругелъул ратIа гьарулездаса абун гIакълуялда гьикъун гьел цо нухде рачIани. РачIун ругищха? Гьеб буго захIматаб суал, рачIарал бакIалги ратила, рачIинчIелги ратила. Гьелъие цо мисал.

Дун рузман базе гIемерисеб мехалда ккола МахIачхъалаялъул вокзалалда аскIоб бугеб мажгиталде. Гьаб нухалдаги гьедин ккана. Мажгиталъул лъабабго тIала занкIун цIун батана жеги рузман байбихьизе 40 минут гIанасеб заман бугониги. ТIоцебесеб тIалаялда жанире лъугьунеб бакIалдаса квегIаб рахъалде рессарабго батулеб цо гьитиIнаб рукъ буго мажгиталда. Гьенив жанив уна къогогIан чи. Имамас цIалулебги рагIула.

Гьениве лъугьана хутIарал бакIал ккун ратун. Рузманалъул какде эхетарабго дидаса квараниде эхетун вугоан бахараб магжил, тIаде балагьун салафиязул рукIунел гIаламатал ругев гIолохъанчи. Гьес аскIор ругезул гъажалда бахине кьолеб букIана цо гьуинаб махI бугеб жо. Цинги байбихьана кьерал ритIизаре, цоцада гъункун эхетеян ишара гьабизе. Дир хIатIил гьитIинаб килщида тункизабуна жиндирго бох, гьоркьоб бакI тогеянги абуна.

Гьес гьабураб гьабун квегIаб рахъалде вугесда бох тункизабуна дица, гьес дагьабго кьуризабуна жиндирго бох дида хъваларедухъ. КвегIаб рахъалда вугесда бугоан гIурччинаб такъия, мегежги кIван бугоан. Дагьаб хъвалисараб, мадугьалзаби рекIее гIечIеб бербалагьиги букIана. Рузман лъугIарабго кьерал ритIизарулесда хадур ращдал къватIире ана, хутIарал гIурччинаб такъия лъуравгун жанир чIана.

Дида бихьулеб ва бичIчIулеб бакIалдаса гьев кIиго гIолохъанчияс цIакъго рагьун загьир гьабулеб ва хутIарзде бугIулеб бугоан жидер цоцаздехун бугеб рокьукълъи. Жал щиб рахъалъул чагIи ругел абураб жо. Гьел кIиялго цолъизарулел суалал диналъулъ 98 процент буго, ратIа гьарулел 2 процент. Щайха аз гьеб кIиго проценталдаги рекIун гIадамал рикьизарулел, гIибадаталъулъ жидер къагIидаби ругIизе лъугьун ругел?

Дунялалъул киналго диназул кьибил, аслу, кьучI рагIула аскIов вугев инсанасдехун лъикI рукIиналъулъ, инсан инсанасе вокьизе ахIулел. Хасго Ислам буго ракълил дин. Жибго "Ислам" абураб рагIул кьибил буго "салам - рекъел" абураб рагIудаса бачIараб.

Азул аб кинаб гIибадат Аллагьасе гIоло гIадамал рихарабали дида кинго бичIчIизе кIоларо. Гьеб суал кьурабго салафияз абулеб буго: "дур щулияб гIакъида гьечIо" - ян. Суфияз бачIинахъего къокъ гьабула ва хIукму къотIула: "Дудаса вагьабиясул махI буго" - ян.

Кида ал гIакълуялда гьикъун цоцахъе квер кьезеги, Аллагьасе ва Исламалъе гIоло ракълидеги рачIине ругел? Гьеб суал хутIулеб буго далухъе. ГIадатиял бусурбаби гьез хIалхьиялдаги толел гьечIо, "хIетIе тункизабе" - ян цояс, тункичIогоги тIубалин кIиабилес. Гьеб гурелъул аслияб суал.

Иманалъул анлъабго рукнуялда иман лъей ва божиги, Исламалъул щуябго рукну тIубазе ккеялда дагIба цонигиязул гьечIо. Цолъеха гьелда сверухъ гIисинал суалалзда сверухъ дагIбадичIого. Гьединаб буго инсанасул хасият.

Бокьараб захIмалъи баччула, жиндир чIухIиялда ва напсалда тIад бергьенлъи босизе захIмалъула. ГIемерисезда кIочонеб буго ТIадегIанав Аллагьас жиндие гьабулеб гIибадаталда бащад инсанасдаса пикрабалъ, рекIелъ ва ишазулъ вацIцIалъи тIалаб гьабулеб букIин.

Инсан инсанасдехун лъикI вукIин диналда аслиял тIалабаздаса цояб букIин. Гурони нилъер гIибадат реллъине буго тIубараб рииялъ херги бецун хаслихъе цIа гъеялда. Аллагьас щивав бусурманчиясе канлъиги кантIиги кьейги. Хабар лъикIаб рагIайги!

XS
SM
MD
LG