МагъчIваялъе рес

«Бусурбабаз мавлидгицин ахIизе бегьула ГIиса Авараг гьавураб сордоялъ»


Православиял христианазул версиялда 7 январь ккола ГIиса-авараг гьавураб къо. Гьез гьеб къо кIодо гьабула бищунго кIудиял диниял байрамазул къоязул цояб хIисабалда.

7 январалдехун гIемерисел дагъистаниязул бербалагьи буго ГIиса Авараг гьабураб къоялдехун гIадин. Гьединго абулеб буго гьеб кIодо гьабиялъул бегьунгутIи гьечIин батIаго, амма гьекъел-мехтелде сверизабулеб бугин цо-цо мехалда ГIиса Авараг гьавураб къойилан.

МухIамад Авараг гьавураб къоялъго гIадин, ГIиса Авараг гьавураб къоялъги бусурбабаз мавлидал гьаризе бегьулин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда динияб институталда дарсал кьолев ГIабдурахIман МухIамадовас.

ГIабдурахIман МухIамадов: «БатIаго щибниги бегьунгутIи гьечIо ГIиса Авараг гьавураб къоялъ. Амма гьеб кIодо гьабулелинги абун гьекъолдун, хIарамал жал гьаризе бегьилищха. Масала, МухIамад Авараг Мадинаялде щведал, гьесда гьениб шамат къоялъ ягьудияз кIал кколеб батун буго. Гьелъул магIна щибин цIехедал, гьеб бугин Муса Авараг гьавураб къойин абун буго гъоз. Гьеб мехалда жал мустахIикъал ругин нужедаса цеве гьев кIодо гьавизеян абун буго МухIамад Аварагас. Гьединлъидал ГIиса Авараг кIодо гьавизе бегьуларин абураб жо гьечIо исламалда. Нилъеца Аварагзабазда гьоркьоб батIалъи гьабизеги бегьуларо. Жибго христианаз абулаха гъов Аллагьасул вас вугин, эмен гьечIого гьавурав вугелъул. Гъолъулги гьадинаб жо буго тIахьазда – эбел-эмен гьечIого Адам вижизавизе кIварав Аллагьасда, эмен гьечIого ГIисаги кIванилан.

Амма христианаз гъосул дин гьабулеб гьечIоха. Гъов гьекъолаанила, лъарги кодобе босун. Инжилалдаги буго гьедин хъван. Амма хIакъикъаталда букIинчIеб жо ккола гьеб».

Бусурбабазе МухIамад Авараг гьавураб къо гIадаб байрам бугин христианазеги ГIиса Авараг гьавураб сордо, гьединлъидал миллатал гIемераб Россиялда цоцада гьебги баркун рукIани, щибниги къварилъи гьечIин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул теологиялъулгун халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул мугIалим ва журналист Муслимат Ражабовалъ.

Муслимат ккола христианазул хъизаналда гьаюрай гIадан. Гьелъ ислам босаралдаса чанго сон буго. Жинца абиларин жидер хъизан гьедин цо кутакалда диниял гIадатал цIунулеб хъизан букIанилан абуна Муслиматица. ТIадежоялъе гьез гIумру гьабулеб бакIалда килисаги букIинчIо. Гьединлъидал ГIиса Авараг гьавураб къо киналго дандеги руссун, рокъоб кIодо гьабулеб букIун буго гьезул хъизаналъ.

Муслимат Ражабова: «Жакъа къоялда бусурбаби рукIаниги, христианал ратаниги, батIалъи гьечIо – гIемерисез дин тIалаб гьабулеб буго. Россиялдаги килисабазде рачIунезул гIемерисел гIолохъанаб гIел буго. Телевидениялдасан бихьичIищ гьеб, ГIиса Авараг гьабураб сордоялъ. Жакъа къоялда дунял цIадулъ босун буго. Гьединлъидал чара гьечIого хIажат буго динги, гьелъул кумекалдалъун цоцалъ рекъелги чIезабизе. Жиндир заманалда МухIамад Аварагасги гIемер бицана гьелъул, жиндир умматалде васиятги гьабуна миллатазда, халкъазда гьоркьор гьуинго рукIайин. МухIамад Аварагасгицин гьедин гьуинлъи цIунулеб букIараб мехалда нилъер ихтияр бугищха дин батIиялгун кьалда рукIине? ГIусманиязул султан Сулейманицаги чияр ракьал рахъулеб мехалдацин цIунулел рукIун руго гьенир гIумру гьабулел гIадамазул ихтиярал, риххизарулел рукIун гьечIо килисабиги».

ГIиса Авараг гьавураб къоялъул бицунаго, цо-цо дагъистаниязда ракIалде щола жал кидаялиго христианаллъун рукIараблъиги. Гьеб заманалда рарал килисабазул нахъе хутIарал руго Шамил мухъалъул Датунаялда ва Дербенталда бараб эрмениязул килисаби. Руго жеги ганчIазда рикIарал хъвай-хъвагIаялги.

Гьелъул хIакъалъулъ ЭР-ялъе бицунеб буго Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул археологиялъулгун тарихалъул институталъул директор МахIач Мусаевас.

МахIач Мусаев: «ГьабсагIат балагьани, нилъер гьаниб, хасго магIарухъ, маслихIияб дин букIараблъи хIакъаб жо буго. Гьедин чIезабулеб буго тарихчагIаз. ГьанжелъагIан хутIарал артефактазда гъорлъ рехсезе бегьула Датунаялъул килиса, магIарухъ ратарал хъанчал. Руго хъвай-хъвагIаял. Масала, нижер Ругъжаб росулъ батана гуржи хIарпаз магIарул мацIалда ганчIида гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьениб бикIун буго росу гIуцIараб сон – 1365 сон.

Гьединго гIезегIан магIарулазул хутIун руго христианазул цIаралги. Масала, ГIалисканди – Александр, Тидури – Теодор, КIушкIанди – Константин, ГьерекIлъи – Ираклий. ТIоцебе бачIараб монотеизм абулеб динги кколаха гьеб, Аллагь цо вукIин чIезабулеб. Гьанже нилъер бугеб диналдехун гIемер хурхенги буго гьелъул. ПалхIасил, нилъер диналъул бац гIадаб жо ккола гьеб.

Нилъер гьаниб Россиялда гIадин кIодо гьабулароха ГIиса Авараг гьавураб къоги. Гьабулел чагIи дагьал руго гьанир – гIурусал, эрмениял, гьириял. Нилъеда тIадаб жо буго гъозда гьеб къо барки. КIудиязги гьедин абулеб рагIана дида».

Хадубго МахIач Мусаевас тIаде жубана гьалщинал гIасрабаз Дагъистаналда рекъел цIунизе кIванин гIемермиллатазул, батIи-батIиял диназул гIадамал цоцаздехун адабалда рукIиналъ.

XS
SM
MD
LG