МагъчIваялъе рес

ЦIурал мажгиталищ чIорогоял килисаялъищ?


Москваялда ГIидалъул как балел бусурбаби, 28июл2014
Москваялда ГIидалъул как балел бусурбаби, 28июл2014

Исана бусурбабазул КIалбиччанкъо данде ккана гIемеразда лъалареб бугониги-Русалъ ГIисал дин боси- абулеб пачалихъияб байрамгун. Щибха букIараб гьеб къоялъ «ГIурус дунялалъул» тахшагьарлъун рикIкIунеб Москваялда? Гьениб, аслияб хутIизегIан, цоги килисаби чIорого рукIанин абизе бегьула, амма рогьаралдаса къватIал цIун рукIана тIолабго дунялалъул бусурбабазго гIадин ГIидалъул къо кIодо гьабулел ва ГIидалъул какал ралел бусурбабаз. Гьелда хадубго интернетги цIуна гьезда разиял гьечIез сайтазда лъурал суратазулги комментариязулги. Щай Москваялда бусурбабазул байрамкъо цоги нухалдаги гьездехун рокьукълъи загьир гьабулеб къолъун кколеб?

Бусурбабазул иргадулаб байрамалъ иргадулаб нухалда борхулеб буго Россиялъул тахшагьар Москваялда бусурбабазе какал разе гьечIел санагIалъабузал суал. Гьел санагIалъаби байрамкъояз рукIунаро мажгитазда жанир гьинчIел къватIазда какал разе ккарал бусурбабазеги гьел къватIазда ругел минабахъ гIумру гьабулел гIадамазеги. Бусурбабазул республикабазда гIадинан гьел байрамкъоял Москваялда гIодоркъояллъунги лъазарун рукIунаро. ХIалтIуде ине кколезе яги унтун хехаб кумек ахIизе ккарав чиясухъе тохтур щвеялъулцин букIуна гьениб санагIалъибахъи.

Щибха гьабизе кколеб бусурбабазе жидерго байрам тIобитIизеги цоги диналъул гIадамазе гьел къоязда квал-квал гьабунгутIиялъеги?

Москва шагьаралда ва гьелде гъоркьехун ругел мухъазда гIумру гьабун вугев батIи-батIиял баяназда рекъон, 2 милионалдасаги цIикIкIун бусурманчиясе диниял тадбирал тIоритIизе гьечIо кинабниги 8 гурони мажгитгун динияб идара.

Рамазан моцI лъугIидал рукIарал байрамалъул къоязда мужгитал сверун къватIахъ какал ралел бусурбабазул суратал иргадулаб нухалда кьолел рукIана россиялъул информалатаз.

БакIалъул цо даптаралъ хъвалебцин букIана москваялъулазда гьел суратаз ккезабулеб букIанин жал бусурбабазул шагьаралда гIумру гьабун бугел гIадамал ругин. ХIакъикъаталдайин абуни россиялъул тахшагьаралда гIумру гьабун вугев 10 млн. цIикIкIун чиясул щуабилеб бутIа гурони бусурбабазул гьечIо.

Гьебго заманаялда гьел суратаз бихьизабуна цоги кIудияб проблемаги-диниял тадбирал тIоритIизе бакIал гьечIолъи.

Россиялъул бусурбабазул идараялъ 2008 соналдаса нахъе буго Москваялъул нухмалъиялда гьарулеб тахшагьаралда мажгитал разе бакIал рихьизареян. Москваялда 10 бугеб административияб мухъалъул щибалда цо-цо мажгит базе бокьун букIана

Шагьаралъул нухмалъиялъ гьел бакIал кьунгутIи бичIчIизабулеб бугин шагьаралъул гIадамазе гьел разе бокьун гьечIолъиялъиялдалъун.

http://www.portal-credo.ru/site/print.php?act=comment&id=2085

Гьедин шагьаралъул халкъалъул пикру гIадахъ босулев мэр Сергей Собяниница живгоги жиндаго лъикIин ккарал проекталги гурони щайин халкъалъе кьоларебин абураб суал лъолеб буго Портала-Credo.Ru сайталда Феликс Шведовский абулев чияс. Масала, гьес бегьулаанин Москваялда мажгитал ранилан гьениб гIадамазе бакIал къварилъизе гьечIолъиялъул пропагандаялъул кампания тIобитIизе. Гьелде тIадеги гьенибго бицине бусурбабазул байрамазул заманаялда нухал къазе ккезе гьечIолъиялъулги, къотIнор какикьтIанал тIамиялде ккезарун бусурбаби инжит гьаризе гьечIолъиялъулги. Гьедин бусурбабаздехун москваялъулазул рокьукълъиги дагьлъизе букIанин гьел гьезукьа хIинкъизеги рукIинчIин хъвалеб буго Шведовскияс. Гьесго бицен гьабулеб буго Москваялда 200 килиса баялъул программаялда рекъон ралел бакIазда сверунги рукIанин шагьаралъул гIадамазул разилъунгутIиял, амма гьезул кIвар букIинчIин шагьаралъул мэриялъейин.

Гьеб киналдаго хурхун бусурбабазул бугин жидерго пикру, цояз махсаро гьабун цогияз унго-унголъунги ракIалде щвезабулин Константинополалда рукIарал гIемерал килисаязул къисматалъул, гьанже гьеб шагьаралда турк мацIалда Стамбулин абулин хъвалеб буго Шведовскияс.

Экстремистияб багъа-бачариялда хадуб хал кколеб Москваялъул «СОВА» централъул нухмалъулев Александр Верховскияс абулеб буго мажгит баялде данде гIадамал рахъиялъе гIилла бугин жамгIияталда гьоркьоб ксенофобиял ва этникияб рокьукълъиялъул пикраби гIемерлъи. Гьебги хурхараб бугин ахирал анцI-анцI соназда жаниб Москваялде славянал гурезул миграция цIикIкIиналдайин.


Александр Верховский: "Гьеб бакIалда аслияб факторлъун бугин абизе бегьула славянал гурел иммигрантаздехун рокьукълъи цIикIкIин.

Жидее мажгит къваригIун гьечIин гIадамаз абулеб мехалда, гьелъул магIна ккола гьенире рачIунел азербайджанал, таджикал, чачанал жидее къваригIун гьечIин абураб. Гьеб проблемалъул буго динияб гуреб этникияб хасият».

30 сон барай ортодоксалияй христианай Вера Куичица рикIкIунеб буго щибав чиясул букIине кколин как базе бакIин.

Дмитрий абулев херав чияс абуна жив кьварарав атеист вугин, амма мажгит баялъул рахъ жинца кколеб бугин.

Дмитрий: «Мажгит .. Дица гьелъул рахъ ккола. Щай гIисал дин цебе кквезе кколеб? Щай? Щай ГIиса авараг Мухамад аварагасдаса лъикIав вукIине кколев? Дица гьелъул рахъ ккола».

Москваялда гIумру гьабулеб буго 100-ялдаса цIикIкIун миллаталъ ва гьезул гIемериселги руго батIи-батIияб диналъул гIадамал. Аслияб къагIидаялда гьезда гьоркьор руго христианал, бусурбаби ва ягьудиял.

Жакъа Москваялда бищунго кIудияб динияб идара ккола ГIурусазул килиса.

Тахшагьаралда буго гьитIинаб-кIудияб 900-гIан килиса, гьезулги бащдалда даимго тIоритIулел руго диниял тадбирал. Гьединаб баян кьолеб буго ГIурус килисаялъул пресс-хъулухъалъ.

Килисаязда тадбирал тIоритIулел ратилин, амма килисаязде унел чагIи жинда рихьизего рихьуларин бицана Эркенлъи Радиоялъе 15-ялде гIагарун соналъ Москваялда гъоркьехун мухъалда гIумру гьабулев вугев Дагъистаналъул ЧIарада мухъалдаса ЖабрагIилица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:14 0:00
Интернет-мухъ

Москваялда бусурбабазул буго 6 мажгит ва 25 динияб жамгIият, ягьудиязул буго 5 синагога ва 15 динияб жамгIият. Кинабниги Москваялда буго 900 динияб идара.

Гьебго заманаялда бусурбабазул лидераз абулеб буго мажгитал раялде данде ругел гIадамазул щибго тIасанкIалъай букIунарин Москваялда ресторанал яги къасисел клубал раялде данде, ругониги гьезде лъицаго кIварги кьоларин.

XS
SM
MD
LG