МагъчIваялъе рес

Православиял христианазул байрамалда


Москваялда Христианазул диналъул православияллъун рикIкIунезул 230 азарго чияс, 350 анцIгоялдасаги цIикIкIарал килисабазда, монастыразда жаниб гIахьаллъи гьабуна тIадегIанасе гьабулеб хъулухъалда.

Гьаб соналда Москваялда «Храм Христа Спасителя»-абулеб килисаялде бачIун буго динияб хазина. ГIиса авараг гьавураб мехалъ балъголъалез ай гъоб заманалда гьезда абулеб букIахъе «волхвабаз» кьурабл сайигъатал. Гьел рихьизелъун килисаялде рачIарал аза-азар чиясул халатаб ирга букIана Москваялда «Храм Христа Спасителя»-ялда цебе. Динияб хазина Москваялда букIине буго гьаб анкь ахиралде щвезегIан.

Сонайилаб каламалда гIурусазул Православияб килисаялъул Патриарх Кирилица халкъ ахIулеб бугоан гIумру ГIиса аварагасдасан мисалги босун тIамизе. Патриарх Кириллица рикIкIунеб буго халкъалда ГIиса авараг гьавураб къоялъул байрамалъул магIна кIочон тун бугин.

Патриархасул рагIабазда рекъон халкъалъ гьеб къо коммерциялъул байрамалде сверизабун буго. «Халкъалда кIочонеб буго ГIиса авараг гьавураб къоялъул магIна. Гьел тIуранго бичахисиялде гъорлъ къан руго ва гьеб байрамалъул- коммерциялъул байрам гьабун буго. Гьеб буго бищун ракIалда къараб жо. ТIадегIанас биччагеги гьаб байрамалъул жанисеб, гъваридаб магIна хвезе»-ян абулеб буго Москваялъул ва тIолго Россиялъул Патриарх Кириллица Россия-2 телеканалалъе кьураб интервьюялда. Нахъе рахъинчIого халкъ социалиял гьиназда рукIин Патриарх Кириллица рикIкIунеб буго рухIанияб кризислъун.

Социалиял гьиназда рахъинчIого гIадамал рукIин килисаги тIад ургъизе кколеб тема буго . Патриархас абухъе рухIанияб рахъ битIизаби- гьеб килисаялъул хIалтIи кколеб букIиналда бан.

Патриарх данде чIарав вуго «Рождество»-абураб гIурус рагIиги хисун халкъазда гьоркьосеб «Крисмас»- абун гьаб байрамалде абиялдеги. Цо-цо политикиял суалаздеги ирга щвезабулеб буго Патриархас.

Патриарх Кириллица рикIкIунеб буго Россиялде рачIарал гIадамазда бичIчIизе кколин гьездаса россиялъул халкъ цIикIкIараб букIинги, россиялъул гIадамазул жидерго культура букIинги, рукIарахъинги жидерго хасаб букIинги.

Гьаниб бугеб низам тIаде рачIараз тIубазабулеб гьечIони къануналъул кьучIалда гIадлуги гьабизе кколин. Кинабго бихахочизабулеб, нухмалъи –гIадлу гьечIеб къуваталъе гьеб гьабизеги биччайчIого -ян абураб бербалагьи буго Патриах Кириллил.

Президент Владимир Путиница ГIиса авараг гьавураб къо Сочиялда кIодо гьабуна. Олимпиадаялъул кIалгIаязда аскIобегIан бараб килисаялда жаниб.

ГIиса авараг гьавураб къо кIодо гьабулаго хIинкъи гьечIолъиялъул рахъ цIунулел полициялъул къадар Москваялда 800 го чисде бахун букIанин кьолеб буго жанисел ишазул министерлъиялдасан.
XS
SM
MD
LG