МагъчIваялъе рес

Дунялалъул католиказ кIодо гьабулеб буго ГIиса авараг гьави


Рималъул Папа Франциск. Ватикан, 25Дек2015
Рималъул Папа Франциск. Ватикан, 25Дек2015

Рималъул Папа Францискица мигрантал къабул гьарулезул ишазе кIудияб къиматги кьолаго ахIи бана мигранталгун цолъизе.

Гьедин гьес абулеб букIана ГIиса авараг гьавиялъул байрамалъул гIурхъабалъ «Шагьаралъе ва дунялалъе» абулеб гIадатияб каламалда Ватиканалда. Францискица гьединго загьир гьабуна Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Сириялда ва Ливиялда рагъулаб конфликт лъугIизабизе бахъулеб хIаракаталда жиндирго разилъи ва цIидасан ахIана ГIагараб Машрикъалда, Африкалда ва цоги ахIвал-хIал хIалуцарал регионазда рекъел гьабиялде.

XS
SM
MD
LG