МагъчIваялъе рес

ЗахIматалъулъ батулеб рахIаталъул хIакъалъулъ


Аргентиналъул президент Кристина Киршнер ва Уругваялъул вукIарав президент Хосе Мухика Монтевидеоялда
Аргентиналъул президент Кристина Киршнер ва Уругваялъул вукIарав президент Хосе Мухика Монтевидеоялда

Щай аб хIалалъ какизе кколеб бечелъи, гьес мискинасе садакъаги кьолеб бугони, пачалихъалъе налогги кьуни, буголъиялдаса закагIатги бахъани?

ЦIакъ гIемераб гIасрабазул гIакъиллъиялдаса кицаби, биценал, абиял руго бечелъиялъулги мискинлъиялъулги хIакъалъулъ. Гьел киналго абиязулъ ва кицабалъ инсан ахIулев вуго щвараб жоялда гIей гьеабизе, кьун щиналда щукру ва щванщиналъе рецц гьабизе. ХъантIиялъ ва гIурхъи лъангутIиялъ чи къосиналде ва кIудиял балагьазде рачиналъул мисалал руго гIасрабаца такрар гьарулел. Цогидаб рахъ босани, щай аб хIалалъ какизе кколеб бечелъи, гьес мискинасе садакъаги кьолеб бугони, пачалихъалъе налогги кьуни, буголъиялдаса закагIатги бахъани? Гьелдаса кIудияб кириги даражаги щиб букIинеб? Киназдасаго загьидал (аскетал) рахъани хур лъица бекьилеб, бокь лъица бахъилеб, боцIи лъица хьихьилеб?

Суалазда хадур суалал, рачIаха жавабал ралагьизе. МагIарулазул тарихалда гIемер бицунел ва бечедал абун машгьурал чагIи рукIана ХIоцоса Нажмудинги ЧIикIаса Парзулавги. Нажмудин большевикаца чIвана имам хIисабалдаги, бечедав чи хIисабалдаги. ТIубараб коммунист партиялда гъоркь улка бугеб лъабкъоялда анцIабго соналъ гьесде чороклъи тIолаго ва рогьрал ралаго аслияб рогьо гIадин рехсолаан гьесул бечелъи, боцIи гIемерлъи ва ракьазул кIодолъи. Гьединаб букIана пачалихъ ва идеология. Лъицаниги хIисаб гьабулароан гьес боцIи хьихьизе гIадамазе кьураб ресалъулги, бахъараб закагIаталъулги, хьихьарал бусурбабазулги. Рогьояб ишлъун рикIкIунаан бечелъи коммунистаца. ГIемерал биценал руго ЧIикIаса Парзуласулги.

Парзуласда хурхарал биценал руго чи кантIизавулел, гIакъилал, цохIо бечелъиялъулъ гIумруялъул магIна гьечIолъи бихьизабулел, инсан кантIизавулел. Парзуласул заманаялдаги гьесие ва сверухъ ругезе букIана гьеб бечелъи ссиялда. Бицен буго гьанив гIодоблъиялда бечедавин цIар арав цо лъарагIас жиндир буголъи бихьизеян Парзулавги ахIун чIахIиял цIолбол ахал рихьизарун ругин. Гьезухъги валагьун Парзулас абун бугила, бугинха дур гIезегIан кIудияб ах, амма дур щибаб цIолбол гъветIалда гъоркь дида цо-цо чу бухьизе кIолинха. Гьебги буго бечелъи ссиялда букIин бихьизабулеб мисал. Амма бицен буго хварабго Парзулас жиндир кверал молодаса гъоркье далун риччай, чIового уневлъи бихьизеян васигат гьабунин.

БитIараб гьереси лъаларо, бицен буго гьединаб. Гьаб киналдасаго нилъеда цебе бачIунеб буго кIвар бугеб суал. Бечелъи лъикIищ, квешищ абураб? ХIакъаб жо киназго абила, лъикI, хIалалаб боцIи гIезабулеб бугониян. Цогидаз абила чи материалияб рахъалъ бечелъанагIан бачIунин рухIияб хъарцинлъи, киналъего гIурхъи лъикIаб бугин. Гьеб суалалъе жакъасеб цебе тIураб дунялалъул тIалабазда рекъараб жаваб батана Уругвай пачалихъалъул президентлъун вукIарав Хосе Мухика абурав чиясул яшавалъул хIакъалъулъ цIаларабго. Аараб соналъ ана гIумруялъул 77 сон барав чи хъулхъалдаса нахъе. ЦохIо болжалалъ гурони вукIинеги вукIинчIо. Живго Мухика вукIана вегетарианец ва аскет. Президентлъун вукIаго гьес гIумру гьабулаан цо реххун тараб фермаялда къваридаб рокъоб. бачIанщинаб харжги кириялъухъ бикьулаан.

Уругваялъул гьоркьохъеб харж рагIула 775 доллар, гьедигIан гурони чIезабун гьечIо Мухикаца жиндиегоги. "Дида абулеб буго дунялалда бищунго мискинав президент абун. Щай дун мискинав вукIунев дир бугеб жоялдаса разияв чи.Мискинал руго буголъиялъул лагъзалги лъугьун гIумруялъ гьеб бакIарулел чагIи" - ян рикIкIунеб буго Мухикаца. Амма гьес бищунго дунял хIикмалъизабуна Рио ди Жанейроялда букIараб саммиталда пачалихъазул бутIрузда цебе лъураб суалалъ. Мухикаца лъуна чIван къотIараб суал: "Нужер киназго абулеб буго дунял бечелъизе кколин, бечелъиги нужер бичIчIиялда буго гIемер кванайги, багьаяб ретIинги, чи рикIкIун рекIине автомобиль букIинабиги. ХIисаб гьабеха, дунялалда вугев 7 миллиардалдасаги чияс нужеца гьабурабги гьабуни, мискинаб Африякаялъул пачалихъазгун индйцаз Америка, яги Германия гIадин автомобилаздаги рекIани, кигIан кислород хутIилеб планетаялда ва щиб лъугьинеб дунялалдаса?" - ян.

Гьеб суалалъе жаваб букIинчIо саммиталда. 2015 абилеб соналъул марталда Хосе Мухика президентасул хъулхъалдаса нахъе ана Конституциялда рекъон дунялалда вищунго мискинав ва вацIцIадав президент абураб цIарги босун. Гьев азарцIул талихIав вуго хутIараб гIаламалдаса. ГIадада абулеб жо букIун гьечIогури магIарулацаги захIматалъулъ бугин рахIат абун, ай бацIцIадаб яшавалъулъ абураб магIнаялда. Руго цойги тIарикъаталъул устарасул рагIабиги: " РахIатаб жо буго мискинлъи" абурал. Гьеле гьеб "мискинлъи" ва "бечелъи" абураб рагIи нилъер пачалихъалда цин гьунарлъун, цин рогьолъун рикIкIана батIи-батIияб заманалда. ГIурхъи цIунизе кколеб батула сундулъго, гьелъ къосине толаро инсан.

Хабар лъикIаб рагIайги!

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG