МагъчIваялъе рес

Забруялъул къо ва харж гIоларев "гIалимчи"


Жакъа буго Россиялда печаталъул къо.

Дагъистан рикIкIуна Россиялдаго бищунго тIадегIанаб даражаялда печатги бугеб, рагьун тIадчагIаздаса хIинкъичIого критика гьабулеб ва бадибе рагIи абулеб бакIлъун. Гьелъул хIасилалда гьанир ахираб къого соналда жанир гIезегIан журналисталги чIвана. Амма руго жакъаги рагьун хъвадарулел, гIезегIан чIагоял, гьунар бугел журналистал ва газетал. Хасго жамгIияталда ва тIалъиялда асар буго ресрубликаялда риччалел хIукуматалъул гурел "Новое дело", "Черновик", "Республика" газетазул. Жиндирго цIалдолев вуго цохIо миллияб мацIалда биччалеб эркенаб "Миллат" газеталъулги. Газеталъул къадруги, гьелъул тIалъиялда ва жамгIияталда бугеб асарги тиражалъ, ай забруханаялъ кьабулел газетазул къадаралда бараб гьечIо Дагъистаналда. Щай? Щай гурелъул, хIукуматалъ гIарац кьолел щибаб миллаталъул "хIакъикъатал" ва "Дагъправда" административияб ресурсалъ хъвазарула, амма цIакъ дагьаз гурони цIалуларо.

Школаздаги, райадминистрацияздаги, министерствобаздаги харчIал гьарун регун ругел гьезул щиб асар букIинеб цIалулареб мехалда? Гьел газетазул редакторзабазда цебе буго цохIо масъала - цониги хIакимзабазда хъинтIулеб жо биччангутIизе реццараб гурони, гьелъухъ данде подпискаги гьаризе. Амма республикаялъул печаталда ва гьелъул даражаялда хадуб хал ккурал чагIазда бихьулеб буго ахирал соназда лъаледухъ борхана профессионалияб даража муниципалиял газетазул. Гьелъие гIиллалъунги ккана ахираб анцIго соналъ райгазетазул нухмалъуде рачIана профессионалияб лъайги щварал, лъикIал пикрабиги пасихIаб мацIги бугел редакторал. Гьелги магIарухъе ун тIубанго рухI рагIалде бакIарана аваразул аслияб газета "ХIакъикъаталъул".

Гьенир цIализесел гIадал авторалго хутIичIин абизе бегьула цо чанго чи хутIун. Амма гьелъул хвел гьечIев редактор Камаловасда 70 сонилъе вахъарабго гIей гьечIеблъун бихьана жиндир тахбакI ва бюджеталъ рихьизарурал шагьаби. Гьес хитIаб гьабуна районазул бутIрухъе гьел лъикIаб, жиндир газеталдаса тIадегIанаб даражаялда ругел газетазе тIалкъенги цIалун, хвалил бусада лъураб "ХIакъикъаталъул" кваркьиялда гъоркье бачине муниципалияб пресса. БакIалъул редактораз ва бутIруз авар прессаялъул Мичуринил "пихъ" къабул гьабичIеб гIадаб жо рагIана.

Гьединабго хIалбихьи букIана чанго соналъ цебе литературиял журналал жиндир къайимлъиялда кьеян ХъахIаб рокъове вортахъун. ГIумар абун цо цIакъ тату хварав печаталъул министрги вукIана гьес "тезавурав", гьебго пикруги босун хьвадулев. ГIажаибаб хIалтIи, гьев кIиго хIикматав инсан ГIалиги ГIумарги тIамуна республикаялъул творчествоялъулаб интеллигенциялда ва гьезул ишазда тIад нухмалъи гьабизе. ГьечIо бакъул дунялалда цониги гьез хъвараб кечI, къиса, хабар, макъала, тIехь, бакъан, бахъараб сурат, хIараб роль бихьарал чагIи.

Гьеб гьабулел ва гьабизе лъалелги рихарал руго гьезие, амма хIакимлъуда тун руго. Мунагьал чураяв ГъазимухIамад ГъалбацIовасе рокьулаан такрар гьаризе рагIаби: "Чиясул багьа буго гьесда халкъалъе кьезе кIолеб жоялда бащадаб" абурал. ГIалицагун ГIумарица кьураб жо дида лъаларо, нилъедаса араб гурони. Лъай щваралдаса нахъе бюджеталъул моцIуялда хахдолел, интригаби, хIиллаби, какдей, гIадамал цоцаде гьуси гурони.

Щиб гьабизе Камаловасе 70 сонил ригьалде вахарабго гъаримал райгазетазул хIалтIухъабазулги, хъвадарухъабазулги гIарац жиндие тIалаб гьаби, цониги тIехьги цIалуларев, мухъ хъвазеги хъваларев чиясе? ТIаде жоялъе радиоялдаса вуго кIалъалев жиндие гIелмабазул кандидат хIисабалда 10 азарго гъурущ гурони тIаде кьоларин. Гьаб рагIун хIамил кIертцин кIаррун белъизе буго. Кинаб гIелмуяли ва щив кандидатали баян кьезе хIажалъи бихьуларо. Дица чанго соналъ цебе цоял цояздаса ахIмакъал пикрабигун ГIалиги ГIумарги цере рахъарабго абуна нужеда, интеллигенциялда тIадаб бугин цохIо жидер ишги гьабун чIечIого ГIалида мун ГIали вугин, ГIумарида мун ГIумар вугин абизеян.

Гурони аз пикруялъеги, гIакълуялъеги бакI кьоларо, дунялалъул гIоркь жидехъеян рагъарула. Камалов вуго Дагъистаналда тIоцебе литературияб асаралъухъ гонорар кьезе инкар гьабурав чи газеталда. ХIукуматалъ хасаб бюджеталъул статьяялдалъун гьелъие бихьизабураб гIарац бугониги. Поэтал гIабдалзаби ругин абулаан рагьун. РукIинарищха, гьез мухIканго цересел кьерал ккурав ГIумарилгун ГIалил бицунеб мехалъ. Нахъойги кумекалъе вачунев вуго Камаловас гонораралдаса махIрум гьавурав поэт:

"Дида рагIун букIана ахIмакъ гъарим вугилан,

Гьесда гурхIизе ккелин, кигIан кин бугониги.

Гьесда кинан гурхIилел, габурги цIвакизабун,

ЦIодоравги нахъе цун, цеве чIараб мехалда..."

Жакъа гьеб "габур цIвакизабураб" агьлуялъ цоцазе шапакъатал кьолел руго лъикIал журналисталин, тIокIал мухбирзабиян. Гьеб церемонияги чIезабун, "нужеца абе, хIурматиял, гьаб шапакъат кьолев Камаловасулги, гьеб босулей Токбулатовалъулги бищунго лъикIаб макъала, яги тIехь кинаб цIалараб абураб суал кьуни жаваб кьезе кIолев чи гьечIо планета Земля абураб бакIалда. Гьезул къо рагIула жакъа. Баркулаха нужер киназдаго гьеб къо.

Хабар лъикIаб рагIайги!

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG