МагъчIваялъе рес

ГIазиз ГIалиевас гIемераб лъикIлъи гьабуна Дагъистаналъе


МахIачхъала, август 2015
МахIачхъала, август 2015

Азербайжаналъул нухмалъиялда ракIалда буго 1940-абилел соназда Дагъистаналъул Обкомпартиялъул вукIарав тIоцевесев секретарь ГIазиз ГIалиевасе монумент лъезе МахIачхъалаялда. Гьединго гьез тIаде босулеб буго МахIачхъалаялда гьесул цIар кьураб къотIноб гIадамазе хIухьбахъиялъул шартIалги гIуцIизе ва гьеб къватIги цIигьабун къачIазе. ХIажат бугищ Дагъистаналда ГIазиз ГIалиевасул монумент ва кинаб бугеб гьелда тIасан тарихчагIазул пикру?

Азербайжаналъул нухмалъиялда ракIалда буго Дагъистаналъул захIматалъул министерлъиялъул минаялда цебе бугеб бакIалдаса байбихьун кинабго сверухълъи къачIазе. Гьенир гIуцIизе рагIула шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазе хIухьбахъиялъул шартIал, гьединго цIигьарун къачIазе рагIула сверухъа гIебеде ругел цогидал минабиги. Гьеб ккола МахIачхъалаялда ГIазиз ГIалиевсул ва Абубакаровасул къватIал цолъулеб бакI. Гьенибго лъезе рагIула ГIазиз ГIалиевасе монументги. Гьеб хIадур гьабизе байбихьун бугин Бакуялдаян хъвалеб буго информалатаз. ГIазиз ГIалиев кколев вуго гьанжесев Азербайжаналъул нухмалъулев Ильгьам ГIалиевасул эбелалъул эмен.

ГIазиз ГIалиев ккола 1941 соналдаса 1948 соналде щвезегIан Дагъистаналъул Обкомпартиялъул вукIарав секретарь. Республикаялъе гIемерал мунпагIатал ишал гьарурав чи хIисабалда гьесие монумент базе букIиналъул цебего, гьалдаса 15 соналъ цебего букIанин бицунебилан абуна «Эркенлъиялъе» МахIачхъалаялъул администрациялъул хIалтIухъан ГIумарова Аминатица

Амина ГIумарова: «Гьеб къачIазехъин бугеб бакI буго цебе хасаб бетIергьанлъиялъул къайимлъиялда букIараб бакI. Администрациялъул гьабураб хIукмуялдалъун гьанже гьеб кьун буго муниципалитеталде гъоркье ва республикаялъулги Азербайжаналъулги къотIи-къаялда рекъон гьез тIаде босулеб буго гьеб бакI къачIазе. ЦIигьабун къачIаялъул хIалтIаби байбихьун буго. Цебе гьеб бакIалда букIана такси чIолеб бакI, гьанже гьел цогидаб бакIалде рахъинаризе руго. Гьенир хIалтIулезда ракIалда буго тIадеялъул ихдал заманалде киналго хIалтIаби рагIалде рахъинаризе».

Амма хIажат бугиш МахIачхъалаялда гьединаб монумент абураб суалги баккулеб буго цо-цо гIадамазул. ГIадан хIисабалда ва политикияв цевехъан хIисабалда ГIазиз ГIалиев лъикIав чи вукIанилан абулеб буго гьелда тIасан тарихчи Тимур Айтберовас. Дагъистан цебетIеялъул рахъалъги гIемераб хIалтIи гьабунила гьес гьелъул нухмалъулевлъун вугебгIан мехалъ. Амма гьесие монумент баялъе къимат заман ун хадуб кьезе бугин магIарулазилан абулеб буго тарихчияс.

Тимур Айтберов: «Жиндаго хадув Даниялов Дагъистаналъул Обкомалъул бетIерлъун тезеги гьес гIемераб хIалтIи гьабуна. МагIарулазул гьаракь лъиданиги рагIулеб букIинчIеб, чияда бараблъун хутIун букIараб Дагъистан нилъер хIукуматлъун букIинаби гьесул даража ккола, гьеб нилъеда кIочон тезе бегьуларо. Дица рикIкIуна гьесие монумент лъей гьесул хIурмат гьаби гIадаб иш букIинилан. Амма гьез, (азербайжаналъулаз), жидерго пантюркистаз малъараб гьабизе гьел лъугьани, щакаб жо буго магIарулаз гьеб монумент рукIалида телеблъи.

ХIасил-калам гьев квешав чи вукIинчIо, Дагъистан Азербайжаналде гъорлъе бачиналда дандечIарав чиги вукIана дол 1940-абилел соназда. Амма дие рахIат толеб гьечIо цо пикруялъ. Азербайжаналъул просвещениялъул министерлъиялъул бетIер сверизабулеб буго пантюркистаз. Гьезие бокьун буго нилъеда магIарул мацIги кIочон тезабун, магIарулал къажаразде сверизаризе. Гьеб мурадалда гьабулеб батани гьезул жо кколаро, гIадада гIодобе балеб гIарац буго гьезул гьеб. Амма нилъеца гьелъие къимат кьезе буго, гьез магIарулазул маданият цебетIеялъе квербакъиялдалъун, нилъер мацI цIунизе гьез санагIатал ресал ратиялдалъун. Гьединаб хIасил гьелъ кьезе батани, гьеб лъикIаб хIалтIи буго. Биччанте!».

Гьаниб гьединго ракIалде щвезабизе бегьула МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун СагIид Амиров вугеб мехалъго Азербайжаналъулазе бокьун букIана гьабсагIат ГIазиз ГIалиевасул цIар кьураб къотIноб жидерго вакиллъи рагьизе. Амма добмехалъ Амировас биччан букIинчIо гьезул къасдал гIумруялде рахъинаризе.

XS
SM
MD
LG