МагъчIваялъе рес

Россиялъулгун Туркиялъул политикияб дандечIей


Россиялъул ва Туркиялъул президентал Путин ва Эрдогьан ва Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равиль Гьайнудин Москваялда цIияб мажгиталда. 2015 соналъул 23 сентябрь.
Россиялъул ва Туркиялъул президентал Путин ва Эрдогьан ва Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равиль Гьайнудин Москваялда цIияб мажгиталда. 2015 соналъул 23 сентябрь.

Кинаб асар гьабизе бегьулеб Кавказалъул регионалъе Сириялда Россиялъ байбихьараб гьавадул рагъул операциялъ ва Москваялъулгун Анкараялъул гьоркьобакI квещлъулеб букIиналъ?

Гьалкъояз Туркиялъ чIван къотIун, разилъи гьечIолъи загьирабуна жиндирго гьавадул гIатIилъиялда Россиялъул рагъулал боржараби раккун хадусала. Гьелда бан НАТО-ялъ Москваялъе ракIалде щвезабуна, Туркия Шималияб Атлантикаялъул Альянсалъул мушавара-улкалъун бугин ва рагъулаб солидарлъи жеги лъцаниги нахъе бахъун гьечIин абун.

Дагьал цебе Туркиялъул премьер-министр АхIмад Давудоглъуца цо-цо статистикиял баянал рачана. Гьесул хIисабалда ахирисел къояз Россиялъ Сириялде 57 гьавадул гьужум гьабунин, гьездаса "Исламияб пачалихъалъул" позициязде кIиго гьужум гурони, тIокIаб гьабичIин.

Аслияб къагIидаялъ Россиялъ гьавадул кьабиял гьарулел ругин Башар Асадиде данде чIараб Сириялъул яргъид гIуцIараб оппозициялъул къукъаби ругел бакIазде. Гьеб хIужа ритIухъ гьабулеб буго жибго Сириялъул оппозициялъги.

Россиялъул рагъулаб гама Босфоралда
Россиялъул рагъулаб гама Босфоралда

Туркиялъул президент Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница лъазабуна, Москваялъулгун Анкараялъул гьоркьобакI квещаб рахъалдехун буссани, Россиялъе кIудияб зарал щвезе бегьулин. Туркиялъул рагъулал бутIруз жидерго россиялъул коллегаби кIалъа-басаязде ахIулел руго.

Туркиялъул политикаялъул цIех-рех гьабулей политолог Инесса Ивановалъ Эркенлъи Радиоялъе интервью кьолаго, абуна Россиялъул-Туркиялъул бухьенал кризисалде рахине гьечIониги, цо-цо проблемаби раккизе рес бугин.

Инесса Иванова: "Жиндир заманалда Ражаб ТIайгьип Эрдогьаница ва АхIмад Давудогълуца Башар Асадидаса тIалаб гьабуна улкаялда реформаби тIоритIи. Амма хIасил ккечIо. Гьелдаса нахъе Туркиялъул территориялда гIуцIун рукIана «Сириялъуил Эркенаб Армиялъул» къукъаби ва Туркиялъ Башар Асадил низам тIаса рехизе гIаммал гьабулеб буго. ​

Дида ккола гьеб бугин президент Эрдогьанил напсияб позиция. Гьесда батIалъи бихьулеб гьечIо «Исламияб пачалихъалда» ва Башар Асадил низамалда гьоркьоб. Гьеб проблемаялда бан гьесда кIвечIо коалиция гIуцIизе Туркиялъул халкъиябгун Республиканияб партиялгун. Гьеб партиялъул батIияб пикру буго".

СУАЛ – Москваялъулги батIияб пикру буго Сириялъул проблемаялда бан. Кинаб асар гьабизе бегьулеб Россиялъулгун Туркиялъул бухьеназе гьадинаб рагIирекъонкутIиялъ?

Инесса Иванова: "Гъоркьисала декабрь моцIалда Владимир Путиница Туркиялде сапар бухьана ва Ражап ТIайгьип Эродогьангун паракъатго гьеб проблема дандбана. КIиявго президентас гьоркьоб лъуна кIирахъалъулал бухьеназул суал – тIоцебесеб иргаялда экономикиял бухьеназул.

Гьединлъидал, дида кIоларо абизе Сириялъул проблемаялъ Россиялда ва Туркиялда гьоркьоб конфликт багъаризе бугин. Гьеб буго иргадулаб политикияб рагIирекъонгутIи. Ва гьадинаб рагIирекъонгутIиялъул бицани жеги кIудияб бахIс Туркиялъул букIана Цолъарал Штатазулгун. Туркиялъул тIадтараз абулаан жал хIадурал ругин халкъаздагьоркьосеб коалициялде гъорлъе ине. Амма Американияз жидерго аслияб тушманлъун лъазабуна Исламияб пачалихъ. Туркиялъийн тIалаб гьабулеб букIана Асадил режималде тIадецуй гьаби.

Хасго гьединаб рагIирекъонгутIи ккедал, Туркиялъ халатаб заманалда жаниб Инджирлик абулеб жиндирго рагъулаб базаялде америкалъул аскриял риччалел рукIинчIо. Гьадинаб изну Туркиялъ американиязе кьуна исана соналъул байбихьуда, жиндирго территория цIуни мурадалда".

СУАЛ: Туркия ккола НАТО-ялъул мушавара-улка. Кин дуда кколеб, нагагьлъун Туркиялъулгун Россиялъул конфликт багъарани, бугищ рес Шималияб Атлантикияб альянсги гьелъулъ цIаялъе?

Инесса Иванова: "Гьадинал хIужаби церегоги рукIунаан. Масала Сириялъул рагъулал боржараби Туркиялъул гьавадул гIатIилъиялде роржун рачIулаан ва гьеб суал гьоркьоб лъун букIана НАТО-ялъул данделъабазда. Туркиялъе квербакъи загьираби гурони, тIокIаб иш гьабун букIинчIо.

Гьанжеги НАТО гьеб букIине бегьулеб конфликталде гъорлъе ине гьечIин дида ккола. Щай? Щай гурелъул гьеб масъала бигьаго тIубазабизе бегьулелъул. Гьале дагьалъ цебе хIукму гьабун Туркиялъулгун Россиялъул рагъулал консультацияби тIоритIизе".

Азербайжаналъул политолог Расим Мусабековасул хIисабалда Россиялъул ва Туркиялъул аскариязда гьоркьоб рагъулаб тунка-гIусси багъаризе рес гьечIониги, гьеб кIиябго улкаялъул гьоркьобакI квешаб рахъалдехун буссани, гьебги лъикI гьечIин.

Расим Мусабеков: "Россиялъулгун Туркиялъул гьоркьобакI конфронтационияб даражаялде бахани, щаклъи гьечIого, Азербайжаналдаги, Гуржистаналдаги, хIатта Шималияб Кавказалъул республикабаздагицин Россиялъ тIадецуй гьабизе байбихьила.

Чачаназеги, дагъистаниязеги, гъалгъазеги Туркия некIогоялдаса гIагараб улкалъун ккола - динияб, маданияб ва цогидаб рахъалъан. Гьалеха, Туркиялъулгун Россиялъул бухьенал тушманлъиялде сверани, гьелдалъун гIадатиял гIадамазул бухьеназеги квалквал баккила. Ва гьединаб ахIвал-хIалалъ гIадамазе квещаб асар гьабилин дида ккола.

Азербайжаналъул бицани, гьеб респубика лъидаго бачIеб ва ресал цIикIкIараб улка бугониги, гьелъиеги гьаб регионалда багъарараб рагъалъ квещаб асар гьабизе бегьула. ХIисаб гьабеха нужецаго: цо рахъалъан вацлъиялъул пачалихълун кколеб Сириялда бугеб режималде данде чIараб Туркия, цогидаб рахъалъан Сириялъул режималъе квербакъи гьабулеб мадугьаллихъ бугеб Иран".

Сирия--Идлиб вилаяталде Россиялъул рагъулаб боржароялъ бомбаби рехулеб куц
Сирия--Идлиб вилаяталде Россиялъул рагъулаб боржароялъ бомбаби рехулеб куц

Щиб хIакъикъаталда Сириялда гьабсагIат кколеб бугебали – захIматго буго абизе, ян абулеб буго Расим Мусабековас, амма цо-жо баянаб буго.

Расим Мусабеков: " Щибдай гьабулеб бугеб Россиялъ доба? Россиялъул телеканалаз гьабулеб пиаралъе гьедегIан кIудияб кIвар кьечIого, рачIезин балагьизе - кинаб икъбал щун бугебали Россиялъе гьелъ доба байбихьараб гьавадул рагъул операциялъул.

"Исламияб пачалихъалъул" гуреб - аслияб къагIидаялъ Башар Асадиде данде чIарал къукъабазул позициязде гьужумал гьари гурони, тIокIаб щибниги гьабичIо гьениб Россиялъ.

Росссиялъ Сириялъул конфликталде гъорлъе жубан буго Америкалъе жиндирго рагъулаб къуват бихьизаби мурадалда. Экономикияб ва социалияб рахъалъ Россия жакъа пашманаб ахIвал-хIалалда буго. Рагъулаб гуч бихьизаби ва гьелдаго цадахъ жиндирго цIиял рагъулал системабазул хIалбихьи гьаби. Гьеб цо. КIиабизеги - Башар Асадиде данде чIарал ва Туркиялъги Магърибалъги Сириялъул хIукуматалъе политикияб альтернативалъун рикIкIунел къукъаби гьениса нахъе гъей ва тIагIинари- гьале Кремлалъул унго-унгоял мурадал.

Гьелда гьедин гьабизе кIвани, Сириялда хутIила "Исламияб пачалихъ" ва Башар Асадил хIукумат. Ва тIокIаб чара гьечIого Магърибалъги Цолъарал Штатазги Башар Асад жахIавго тела "Исламияб пачалихъалъул" зулму Асадил зулмуялдаса цIикIкIараблъун рикIкIулаго.

Амма, дида ккола гьеб чIобогояб хьул батилин. Россиялъе икъбалал щун ругин абизе гIедегIуге, ян жаваб ккола гьабсагIат гьадинаб пиар гьабулезе".

СУАЛ: Азербайжаналъул ракьул ва ралъдал территория хIалтIизабизе изну кьеян гьарулеб букIанищ Россиялъ?

Расим Мусабеков: "БукIинчIо. Гьадинаб хIажалъиги букIинчIо. Куркьби ругел ракетаби Россиялъ риччана жиндирго каспиялъул акваториялда ругел гумубаздаса. Гьеб гуребги - Азербайжаналъул территориялда тIад гьел ракетабиги роржун унел рукIинчIо. Гьел роржун унел рукIана Ираналъул ва ГIиракъалъул территориялда тIад.

Америкалъул рагъулал тIадтараз лъазабуна, ункъго гьадинаб ракета Ираналъул территориялде бортанин. Амма дида лъаларо, гьеб битIарабищ-гьечIищали.

СУАЛ: Ругищ Сириялда Азербайжаналъул рагъухъаби? Ругони - лъил рахъ ккун гьел рагъдолел?

Расим Мусабеков: "Ругин дида ккола. Цояз Исламияб пачалихъалъул рахъ ккун рагъдолел руго, цогидаз - гьелде данде. Азербайжан халкъалъул лъабго бутIа гьабун кIиго бутIа ккола шиитал. Ва гьел Исламияб пачалихъалдехун руссун гьечIо. Гьединал радикалиял азербайжанал шиитазул ХIизбуллагь гIуцIиялъул, ялъуни Башар Асадил цо-цо къукъабазда гъорлъ ратилин.

Россиялъулги Азербайжаналъулги хасал хъулухъчагIаз гьезда хадуб кьварараб хал кквей гьабулеб батила, дир хIисабалда. Гьез хIакъикъаталда кIудияб хIинкъи кьолеб буго".

Кинаб бугеб Россиялъул бусурбабазул бербалагьи президент Владимир Путиница Сириялда байбихьараб гьавадул рагъулаб операциялда.

Россилъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равиль Гьайнуддиница бусурбабаздехун вуссун, гьарана Сириялъул суал политикаялде сверизабуге ва питна багъаризабугеян абун. Мемориал абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул Москваялъул къукъаялъул хIаракатчи Бахром Хамроевасул пикруялда Кремлалъ Россиялъул бусурбабазул рухIаниязде тIадецуй гьабулеб буго, Сириялда Россиялъ гьабулеб рагъулаб операциялде гьезул квербакъи гьабизаби мурадалда.

Бахром Хамроев: "ГIезегIанго бусурбабаз дандбалеб буго гьеб суал. Социялиял сайтазде балагьани, гьеб якъинго бихьула. Гьез гIицIго дандбай гуребги - гьез какулеб буго Сириялда Россиялъ гьабулеб иш. Россиялъ Исламияб Пачалихъалде гьужумал гьарулел гьечIо, гьелъ гьужумал гьарулел руго Джабхат аль-Нусра ва Ахрар аш-Шам гIуцIабазул позициязде. Гьезулгун гара-чIвари гьабизе лъиениги бокьун гьечIо, амма гьел ккола гIакълуги сабруги бугел гIадамал ян абизе бегьула гьез гьабулеб ишазул ралагьани.

Нижеде лъикIалан лъала Россиялъ гьарулел ишал какулел бусурбаби ругеблъи. Ва гьезде тIадецуй гьабизе буго. Гьебги лъала. Кире гьел ине тIамулел Россиялъул тIадтараз? Дорехун рагъдезеищ. У! Киреха жеги?"

Шималияб Кавказалъул ва Исламалъул проблемабазул цIех-рех гьабулев эксперт Коммерсант газетаялъул журналист Иван Суховасул гьадинаб пикру буго.

Иван Сухов : "Россиялъул бусурбабаз Башад Асад Исламалде данде чIаравлъун рикIкIула. Россиялда гIага-шагарго 15 миллион бусурбанчи вуго. Ва киналго гьел бусурбабазул гьадинаб пикру буго ян абизе кколаро. Амма суннитазул цIикIкIараб къадар узухъда гьев рикIкIула бусурбабазул дандиявлъун.

Сириялда унеб бугеб рагъ гьез къабул гьабулеб буго киналго суннитазде данде Башар Асадица багъарараб рагъ хIисабалда. Ва Башар Асадие хIалае бачIараб Россиялъги гьадинабго рагъ бачунеб бугин суннитазде данде, гьезул пикруялда".

XS
SM
MD
LG