МагъчIваялъе рес

Иран: некIсияб маданият ва гьанжесеб беццлъи


Соназда жаниб гIемер бицулаан Ираналъул атомияб программаялъул хIакъалъулъ. Халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъул рахIат хвезабулеб буго гьелъ. Аму буго цоIги кIвар цIикIкIараб суал Ираналда хурхараб. Гьеб ккола гьелъул къватIисеб политкаялъул суал. Ираналъ кIудияб хIаракат бахъулеб бугин ГIагараб Машрикъалъул ва ГIараб дунялалъул улкабазе асар гьабизецин гуребги, хIатта гьезул жанисел ишазде гъорлъе жубазе.

Ираналъул къватIисеб политикаялъул хаслъи бихьизабулеб ахирисеб мисал буго Мисралда бугеб ахIвал-хIалалда гъунтIараб.

ГьанжелъагIан Ираналъул тIадтараз дагьаб гурони гIемер бицунеб букIинчIо Мисралъул президент МухIамад Мурси тIаса рехиялъул хIакъалъулъ. Гьале 5 июлялда букIараб рузманалда Аятоллагь АхIмад Хатамица вагIза гьабулаго абуна МухIамад Мурси вукIанин Америкалъул ва ГIизраилалъул политикаялъе квер бакъарав президентлъун.

Хатамица абуна Мурсица расги гьабичIин Ислам дунял цолъизабизе. Гьелъул бакIалда гьес бусурбаби чIвалел капурзабазе квер бакъи гьабулеб букIанин сионистазул режимгун цадахъаб политика билълъанхъизабулаго.

Ахирал соназ ГIараб улкабаздда рукIарал инкъилабазда Ираналъул тIадтараз абулеб букIана гьеб бугин Ислам-диналъе швараб кантIи. Щайха «Вацал-бусурбаби» абулеб машьгураб ва гучаб багъа-бачариялъул вакиллъун кколев МухIамад Мурсиде Ираналъ гьедегIан бакIаб гIайиб гIунтIизабураб? Гьадинаб суалалъе жаваб кьолаго

Америкаялдаса аналитик Расул Нафисица абулеб буго Хатамица къасд гьабулеб бугин Мисиралда къураб политикияб ислам ритIухъ гьаризе.

Расул Нафиси: «Мисиралда лъугьа-бахъараб – гьеб ккола политика исламалъул асаралъукьа рорчIиялъул ишара. Ай – де-исламизация абулеб процесс. Гьай-гьай Ираналъ кIудияб кIвар кьола гьелъие. Ва политикияб исламалъул кIвар бугеблъи бихьизабизелъун Ираналъул тIадтараз абулеб буго Мурсил хIукумат гьедегIан исламияблъун букIун гьечIин. Гьадинал гIайибал гьез гIунтIизарулел руго Мисралъул гуребги – Ираналъул политикаялда релъин гьечIеб щибаб улкаялъул хIукуматалдеги».

Жиндир заманалда живго аятоллагь Хаменеица абуна Мисиралда лъугьа-бахъараб – гьеб бугин халкъияб багъа-бачариин, ва гьебги, цогидал гIараб улкабаздаги бахъараб карачел цIакъго релъараб бугин 1979 соналда Ираналда букIараб Исламияб инкъилабалдаин.

Тушбабаз хIаракат бахъулеб бугила гьел киналго хIужаби ислам диналде данде гьарулел ишал хIисабалда рихьизаризе, аммаила Мисиралдаги, Тунисалдаги бахъараб халкъияб багъа-бачари гьеб бугила унго-унгояб исламияб багъа-бачари, ян баян гьабуна аятоллагь ГIали Хаменеица доб мехалъ Тегераналда тоIобитIараб халкъаздагьоркьосеб динияб конференциялда, ва тIаде жубуна – гьел киналго багъа-бачариял цолъизаризе кколин.

Гьебго пикру такрар гьабуна ираналъул цогидал рухIаниязги. Мисиралъул президент Хосни Мубаракица жиндирго хъулухъ тезегIан аятоллагь Хаменеица ахIи бан букIана Мисиралда исламияб низам тIад чIезабиялде. Мисиралда багъарараб къеркьеялъе жиндирго квербакъи загьирабуна

Ираналъул президент МахIмуд АхIмадинежадицаги. Гьес абуна анцIила кIиабилев имамасул нух ккун бугин инкъилабалде рахъарал бусурбабаз. РакIалде швезабила анцIила кIиабилев имам гьев кколин шиитазул малъиялда рекъон бусурбабазул магьди.

Ираналъул тIадтараз гIараб улкабазул халкъазе жидерго квербакъи загьирабун букIиндал Ираналъул поппозициялъул церехъаби Мир ХIусен Мусаувицаги, Магьди Къарубиццаги гIедегIана гьадинабго хIаракат бахъизе. Жиндирго гIурчинаб багъа-бачариялъул рахъ кколезде гьез ахIи бана ираналъул низамалъ гьабулеб пропагандаялъе ахир лъезе кколин абун.

Гьеб бугин унго-унгояб кIигьумерлъи, ян абуна оппозициялъул церехъабаз. Щай гурелъул Мубаракица гьабураб зулму какулаго, ираналъул тIадтараз гьадинабго зулму хIалтIизабун букIанин Тегераналда букIараб демонстрациязул гIахьалчагIазде данде.

Гьелдаса жеги кьварараб зулму ираналъул хасал хъулухъаз гьабун букIанин 2009 соналда рукIарал президентасул рищиязул хIасилалде разилъи гьечIел демонстрантазде данде.

Гьениб баккулеб кIиабилеб суал гьадинаб буго – кин шиитазул Ираналда кIолеб хьул лъезе аслияб къагIидаялда суннитаз гIумру гьабулел улкабазе асар гьабиялда?

Азербажаналъул политолог Расим Мусабековас гьадинаб баян гьабулеб буго нижер программаялъе:

Расим Мусабеков: "Баянаб жо - шагьасул букIа, исламияб республикаялъул букIа - Ираналъ некIогоялдаса гьанжелъагIан къасд гьабулеб буго Ислам дунялалда лидерлъун букIине. Амма гьеб захIматаб масъала буго, шай гурелъул - гьениб шиитазул низам букIиналъ. Ислам дунялалъул бусурбабазул 90 процент ккола суннитал.

Ва гьез шиитазул Ираналъул бетIергьанлъи къабул гьабулеб гьечIо. Гьединлъидал Ираналъ жигараб къагIидаялда ГIизраилалде данде чIун, гьелдалъун гIарабазул къватI жиндир рахъалдехун цIазе гIаммал гьабулеб буго. Хасго гIемерал шиитал ругел гIараб улкабазе асар гьабизе хIалбихьулаго.

Ай ГIиракъалъе, жидеда гииталилан абулел алавитазул низамалъул Сириялъе, Йеменалъе, Бахрейналъе, Тунисалъе ва цогидал улкабазе. Амма жиндир приоритетлъун Ираналъ тIоцебесеб иргаялда рикIкIула Азербажан. Гьенир ругел бусурбабазул лъабго бутIа гьабун кIиго бутIа ккола шиитал.

Амма абизе ккараб буго гьедегIан динияб улка гурин Азербажан ва гьенир ругел бусурбабазул баздаб къадар жалго жидецаго я сунниталлъун ялъуни шииталлъун рикIкIунел гьечIо.

ПалхIасил Азербажаналъе жиндир асар цIикIкIинабизе Ираналъ къасд гьабулеб букIана цебеги, гьабулеб буго жакъаги. Амма Азирбажаналъул тIалъи гьединаб хIаракаталде кьварараб къагIидаялда данде чIолеб буго.

Гьадин букIана Азербажаналда батIи-батIиял Ираналъул цIоб-рахIмуялъул гIуцIаби хIалтIулеб мехалдаги, гьадин букIана Азирбижаналдаса балугълиялде вахинчIев аза-азар вас Кум абулеб Ираналъул динияб бакIалде вачунеб мехалдаги.

Дора гьел ругьунлъизарулел рукIана динияб хIаракатчилъиялъе хадуб гIадамазе асар гьаби мурадалда. Дида кколаро гьаб нилъер заманалдаги Ираналъ гьединаб жиндирго къасдалдаса инкар гьабун букIин. Ва гьедин ккани, Азибижаналъ кьварараб къагIидаялда гьединаб къасд гьоркьоса къотIила, дир хIисабалда.

Гьадинаб къасд, гьадинаб хIалбихьи бихьулеб буго жакъа Тажикистаналдаги. Тажикал сунитал ругониги, мацIалъул рахъалъан гьеб ккола ираниязе гIагараб халкъ. Гьалеха Ираналъе бокьун буго асар гьабизе динияб гуреб - политикияб къагIидаялда, батIи-батIиал проектал хIалтIизарун.

Гьадинабго асар амма экономикияб къагIидаялда Ираналъ гьабулеб буго Армениялъеги Гуржистаналъеги. Цолъарал Штатаз гуржиязул тIадтаразде цебеккунго лъазабуна гьеб данде кколареб иш бугин абун. Бугодагьа-бакъаб гIаги шиитазул уммат Дагъистаналдаги.

Гьелъиеги асар гьабулеб буго Ираналъ. Амма гьенир Ираналъул диниял хIаракатчагIи цIодорго хIалтIулел руго. радикалиял вагьабияздаса хIинкъулаго.

Ираналъул политикияб жигарчилъи жахIабго тани, ракIалде швезаризин гьеб улкаялъул Дагъистаналулгун рукIарал тарихиял бухьенал. Гьезул хIакъалъул бицараб мехалда киназго хъващтIан ракIалде швезабулеб буго 1742 соналда къажаразул Надир-шагьас Дагъистаналде гьабураб тIаде кIанцIи ва гьелдаса нахъе багъарараб кьал.

Аммаила, абулеб буго тарихчIужу ГIалибегова ПатIиматица, ГIасрабазда жаниб Иран Дагъистаналъе тушманаб улкалъун букIин бихьизаби – мекъаб иш бугин.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:52 0:00
Интернет-мухъ

НекIсияб Ираналъ Дагъистаналъулги, Азербажаналъулги маданиятазе асар гьаби нахъ чIвазе рес гьечIеб хIужа бугониги, рехсарал улкабазул гьанжесеб маданият бугин азибижаназулги дагъистаниязулги миллияб маданият.

Расим Мусабеков: «Гьадинаб асар букIинарищха? Иран ккола Азербажаналъегги Дагъистаналъеги мадугьалаб улка. Азербажан мацI босани - рагIабазул къогогIан процент ккола парс мацIалдаса босараб. Маданияталъулги ираналъул аслу буго. Дагъистан босани, гьениб ГIусманияб империялъ гуреб, Ираналъул батIи-батIиял династиязул асар бихьулеб букIана гIасрабазда жаниб. Гьединлъидал - маданияб асар гьениб букIана кидаго.

Амма ираналъул гъваридал кьалбал ругеб гьеб маданият унго-унгояб миллияб, маданиятлъун лъугьана.Ва Ираналъул рес гьечIо гьелда бан малълъаризе, гьаб битIараб бугин, гьаб мекъаб бугин абулаго.

Гьадин абурабани, халкъалъ гьеб нахъ чIвалаан. Гьеб бихьизабуна тушманлъиялъул лъабго улкаги гьудуллъиялъул лъабго улкаги рехсейилан абураб суалгун гьоркьоб дица дагьалъ цебе гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIасилалъги.

Баянаб жо - тушманлъиялъул тIоцебесеб улкалъун Армения рехсон бугоан, кIиабилеб бакIалда Иран, лъабабилеб бакIалда Россия рехсон рукIана. Цого мехалъ Россия рехсон букIана кIиабилеб гьудуллъиялъул улкалъун. ТIоцебесеб бакI гьикъа-бакъараз кьун бугоан Туркиялъе.

Ираналъийн гьудуллъиялъул улкабазул сияхIалда хIатта шуабилеб бакIалда букIун гьечIо.

Ираналда гIумру гьабулеб буго 20-гIан миллион азирбижанас. Ай, азирбижан миллаталъул аслияб бутIа Ираналда буго.

НекIсияб Дагъистаналъул ирсалъе гIараб ва, Ислам-диналъул гIелмуялъ кьучI лъун бугин абураб пикру гIатIидго тIибитIизабун буго гIелмияб гор-свериялда. Ва гьеб буго битIараб пикру.

Амма Парс мацIалъги, парсазул адабияталъги гьабураб асар цIакъ бечедаб бугин абулеб буго Дагъистаналъул гIалимчIужу ГIалибегова ПатIиматица. 2009 соналда гьелъ къватIибе биччана Хунзахъа Дибир-къадил гIумрудул ва гьелмиял асаразул хIакъалъулъ жинца хъвараб тIехь.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:31 0:00
Интернет-мухъ
XS
SM
MD
LG