МагъчIваялъе рес

Азербайжаналда Дагъистаналъул вакиллъи лъие хъулухъалда бугеб?


Азербайжаналда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул манаялда халгьаби тIобитIана гьал къоязда Дагъистаналъул ХIисабалъул Палатаялъ. Гьелъул хIасилалда чанги къанун хвезабиялъул хIужа тIатинабун буго гьез гьениб. Аслияб хIужалъун гьениб буго Дагъистаналъул вакилъи абун цIар букIаниги, дагъистаниязул ихтиярал гьенир азербайжаналъулаз цIунулел рукIараллъи.

Дагъистаналъул ХIисабалъул Палатаялъ хал гьабун буго 2009 соналдаса 2014 соналде щвезегIан Азербайжаналда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъ гьабураб хIалтIул, чанги гIунгIутIаби ратун руго гьезда гьенир. ТIоцебесеб ирагаялда гьеб идараялда хIалтIулел ратарал азербайжан милллаталъул гIадамазе щибниги хъулухъ гьечIого цIикIкIинабун батун буго хIалтIухъ харж. Гьединго вакиллъиялъул къайимлъияда букIараб босараб «Мерседес Бенц» маркаялъул авотомобиль гьеб бачунев вукIарав чияс жиндего бичун босулаго, гьелъул жиндирго хIакъикъияб багьаялдаса ункъо нухалъ учузго щун буго гьесие . Гьелъул хIасилалда республикаялъул бюджеталъе лъикIаланго зарал ккун буго.

Амма гIарцул рахъалъ ккараб зарал гуреб, гьениб кIвар буссинабизе ккараб хIужа бугин гьелгущинал соназда жаниб гьеб идараялда Дагъистаналъул ихтиярал Дагъистаналъул вакилас цIунулел рукIинчIолъиян абулеб буго нижехъе щварал баяназда. Гьел цIунулел рукIанин азербайжан миллаталъул чияс. Гьебин абуни кколин пачалихъалъулаб гражданияб хъулухъалъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул хIукуматалъул къанун хвезабиялъул хIужалъун. Гьелда тIасан гьадин бицунеб буго «Эркенлъиялъе» МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулесул заместитель Маркъо ШагIбановас.

Маркъо Шаг1банов: «Дица чанги макъалабиги хъвана гьелъул хIакъалъулъ. Азербайжаналъул миллатачагIи гурони, Дагъистаналъул ихтиярал цIунизе чи гьенив вукIинчIо. Гьенир ругел нилъер миллатцоязе гьелдаса зарал гурони пайда щибниги букIинчIо».

2014 соналъул июналда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас гьениве тIамуна дагъистанияв. Гьединго буго хабар гьеб халгьаби хурхараб букIине бегьулин Дербент мухъалъул вукIарав нухмалъулев Къурбан Къурбановасдагиян. Щайин абуни Азербайжаналда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамад Къурбанов гьесул гIагарав чи вукIанилан абулеб буго.

ГIиллаби гьел гурелги рукIанин гьелъиеян абулеб буго Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «Къурбановасда бараб батизеги бегьула гьеб, амма дида ккола Дагъистаналъул вакиллъиялъул гьанже цIивачIарав нухмалъулесги абун батизе бегьулин гьел халгьабиял тIоритIизе кколилан. Щайгурелъул жавабияб хъулухъалде вачIарав цIияв чиясе бокьула гъоркь букIараб бакI налъабаздасаги ва гьел гурел цогидалги, гьесде жавабчилъи кколеб жоялдаса бацIцIад гьабун букIине».

Дагъистаналъул ХIисабалъул Палатаялъ республика тун къватIирехун тIокIал гьеб тайпаялъул халгьабиял тIоритIун гьечIо ахираб заманаялда. Азербайжаналда ратарал гIунгутIабазда тIасан хIадурараб материал республикаялъул нухмалъиялдеги, Жанисел ишазул идараялдеги битIун буго.

XS
SM
MD
LG