МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул росабалъе нухал рахъизе 92 млн. биччалеб буго


Цогидал регионазда данде ккун, росабалъе нухал раялъе бищун гIемераб гIарац биччараб бакIлъун ккун буго Дагъистан. Гьеб мурадалда пачалихъияб бюджеталдаса республикаялъе бихьизабун буго 92 млн. гъурущ. Щибаб соналъ республикаялда гIемераб гIарц харж гьабулеб бугин хас гьабун нухал раялъе, амма жакъаги хутIулеб буго кIудияб къадар росабазул, автомобилал хьвадулел нухал гьечIел.

Интернет-мухъ

26 апрелалда ЦIумада мухъалда автомашина гIурулъе бортун, жанир рукIарал щугоял, гьезда гъорлъ лъабго лъимер, хун руго. Гьеб нухлул лъугьа-бахъиналъе аслияб гIилла ккун буго лъикIал гьечIел нухал рукIин. Дагъистаналъул мугIрул нухазда кколел нухлул лъугьа-бахъинал аслияб бутIа кколин санагIалъи гьечIел ва хIинкъи бугел нухал рукIиналъул хIасилин лъазабулеб буго Дагъистаналъул Автомобилазулгун нухлул инспекциялда.

Жакъа къоялде асфальт тIун къачIарал нухал Дагъистаналда руго 43 мугIрул мухъазде, гьезул гIемерисел араб гIасруялъул 70 соназго къачIарал кколел руго ва гьабсагIаталде гьезул цо-цоял тIуран хун руго. КъачIачIел нухал ругел микьго мухъ бугила жеги Дагъистаналда, гьезда гъорль Гумбет, ЛъаратIа, ЦIумада, ЦIунтIа, КъурахI ва Кули мухъал.

Гьел мухъазде асфальт тIурал нухал щун гьечIолъиялъул аслияб гIилла бугила гьенире нухал рахъизе захIмат букIинин абулеб буго нухал раялъул хIалтIухъан МухIамадкамиль Дибировас.

Республикаялъе федералияб бюджеталдаса бихьизабураб 92 миллион гъурущ, тIоцере балагьидал кIудияб гIарацин кканиги, мугIрул росабалъе нухал рахъизе харж гьабизе кколеб гIарац хIисабалде босанани, гьеб кIудияб гIарац кколарила.

МухIамадкамиль Дибиров ккола хIукуматалъул кумекги гьечIого, халкъияб кверчIваялдалъун Бузнаса нух бахъиялъул хIалтIабазе квер барав чи. Гьес баян гьабуна Бузнаса нух бахъиялъул хIалт1и рагIалде бакIарулеб бугин.

МухIамадкамиль Дибиров: «Хасалоги чIезе течIо, гьанжеги чIун гьечIо халкъияб нух баялъул хIалтIи. Живго Дагъистаналъул муфтий АхIмад-ХIажи ГIабдулаевасул кверабакъиялдалъун гьарулел руго нух бахъиялъул хIалтIаби. Исана соналда жаниб нух бахъиялъул хIалтIи лъугIизе ракIалда буго. Чабах бараб нух Буйнакскалдасахун бахъун лъугIизабизе ракIалда буго».

Гьединго МухIамадкамилица тIаде жубана Аваро-Кахетиялъул нух бахъиялъул хIалтIаби, «Мостотряд» абураб гIуцIиялъ тIаде босун бугеб, цебе унеб бугин. Араб соналда жаниб гьеб нухлул 12 километр бахъанила, Гьидерил кьо бугеб бакIалдаса бахъун. Исана соналда жанибги гьедигIангониги нух бахъизе ракIалда бугила Дагъистаналъул Нухал раялъул агентлъиялда.

Амма исанаги нухал рахъи рагIалде бахъин щакаб бугин ЦIунтIа мухъалдайин бицана «Эркенлъи» радиоялъе жамгIияв хIаракатчи МухIаммад Цезица. Араб гIасруялъул 70-абилел соназ байбихьанила ЦIунтIа ва ЦIумада мухъада гIорхъотIа ругел нухал раялъул хIалтIаби. Жакъа къоялдеги гьел ран рахъун гьечIила. Щибаб соналъ Шаури росада гIагар бугеб нухда ккарал автоавариязул хIасилалда холила чанго чи. Мисалалъе гьес бачана цебегIан гьениб бегараб рагъулазул машина.

МухIаммад Цези: «Гьел нухал кутакалда квешаб хIалалда руго. Хасго Шаури-Эчеда нух. Гьеб нухда гIумруялдаса ратIалъула чанго чи щибаб соналъ. Гьеб нух бахъиялъе бихьизабураб гIарац коррупциялъул нухаздасан унеб букIин щаклъи гьечIеб жо буго. Гурого, щибаб соналда гьеб нух гьабияле биччалеб гIарцуда рекъараб нух гьабулеб букIарабани, чанго мухъ бугеб шагьра букIинаан тIолго ЦIунта мухъалда. Жиндир заманаялъ гьединго бикъун гIарацгун, бан бахъунеб букIинчIо Гендерил тоннель, ахиралда гIадамалги къватIире рахъун гьеб рагьана. Гьединго рахъине ккезе ратизего руго цIунтIадерил жамагIатги.

Гьеб нух абун нухцин гуро. Гьеб буго кьурабазул парсаздасан бугеб сухъмахъ. Эчедисезул кьотIе щвезегIанцин бегьулеб хIалалъ буго нух, амма гьенисе гIодобе кутакалда квешаб сухъмахъ. РачIуна мухъалде тIадчагIи, гьенире щведал гьел киналго лъугьуна ахIдезе, иш гьаб хIалалда тезе бегьуларилан. Гьебги, жидерго гIумруялда хIинкъун. Амма гIодолъиялде щведал гьезда гьеб кIочон тола».

ЖамгIияв хIаракатчияс гьединго тIаде жубана мугIрузул мухъазда нухал ччукIи къанагIалъи ккунгутIиялъ, гьел разе биччараб гIарац тIадчагIаз чунтбухъги лъун, нухал ччукIанин хъвай-хъвагIаял гьарун таниги лъилго щаклъи кколарин. Автомашина хьвадулел нухал гьечIел чанго мухъал руго Дагъистаналда, гьезда гъорлъ ЦIумада мухъалъул Хушет росу.

МухIканго кинал мухъазде кIвар кьезе бугеб росабалъе нухал разе бихьизабураб гIарац харж гьабулагояли цIехезе «Эркенлъи» радиоялъухъа бухьен гьабун бажаричIо Дагъистаналъул Нухлул магIишаталъул агентлъигун (гьезул хъулухъчагIаз багьанаби ратана).

XS
SM
MD
LG