МагъчIваялъе рес

Бидулаб ДТПялде гIахьаллъи бугев УФСИНалъул шофер ккуна


23 январалда Хасавюрт-МахIачхъала шагьранухда гIадамал раччулеб «Газель» автомобилалда речIчIараб «Тигр» бронетранспортер бачуневукIарав ккун вуго. Гьеб авариялъул хIасилада ункъго чи хвана,  20 чиясе зарал ккун буго.

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рех гьабун бахъинегIан кIиго моцIица туснахъ гьавун тезе вугин гьевилан лъазабулеб буго республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ 25 январалда ккун вуго МахIачхъалаялдаса Хасавюрталде нахъе гIадамал раччулеб «Газель» автомобилалда речIчIараб бронетранспортералъул шофер. Дагъистаналъул туснахъазда хадуб халкколеб идараялъул ай УФСИНалъул автомобиль букIун буго гьеб бронетранспортер, гьеб идараялъул хIалтIухъабиги рачун хасаб ишалъ Хасавюрталде ине букIараб.

Гьеб цебехун бицен гьабураб авария 23 январалда Хасавюрт мухъалъул Тотурбийхъала росдада аскIоб ккана. Гьелъул хIасилалда укъго чи хвана 20 чиясе заралги ккун букIана. ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго жиндирго нухда ине букIараб «Газель» алда дандекIанцIизабун бугин бронетранспортерилан. Амма гьеб «Газель» ги цIакъго хехго бачун бачIине букIун бугила, гурони гьедигIан цIакъ кIудияб зарал кколароанила гьелъиейилан абулеб буго гьез. Газеталъул кузов гьаказдаса борчIизабун бугоан дандречIчIиялъул кутакалъ, кабинаги автомобилалъул нахъияб рахъги бащадабниги цоцадаса тIезабунги бугоан.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбеков Расулица абуна гьев ккурав шофер цебе-цебеги автомобиль бачунеб къагIида хвезабиялъухъ чанцIулго административияб тамихIалде цIан вукIанилан.

Темирбегов Расул: «Гьаб сагIат кIиго моцIица туснахъ гьавун вуго гьев чи. Авариялдаса хадуб гьевги азарханаялде вачун вукIана. Тунка-гIуси щун гурони гьесие кIудияб къварилъи ккараб хIал гьечIо. Гьеб ишалда хурхун цIех-рех лъугIун бахъинегIан кIиго моцIица гьев туснахъ гьавун тезе хIукму къотIана итни къоялъ диваналъги. Гьесни абулеб буго жив гьеб «Газелалалде» данде кIанцIизе тIамунилан. Гьесул рагIабазда рекъон цойги ВАЗ автомобиль бронетранспортералде тIаде бачун бачIине букIун, нухлул цойгидаб рахъалде бачине ккун буго гьес жиндирго автомобиль. Гьенисан бачIине букIараб Газелалда дандречIчIун буго гьеб мехалда. Газелалда жанир рекIун рукIаразги гьелъие нугIлъи гьабулеб буго. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун цIех-рех гьабизе буго нижеца».

Дагъистаналъул сахлъикьеялъул министерлъиялъул ахирисел баяназда рекъон гьеб цебехун бицен гьабураб авариялъул хIасилалда ункъго чи хун вуго. Газелалъул шоферги цебесеб бакIалда рекIун рукIаралги авария ккарабго гьеб бакIалдаго хун руго. Цойги чIужугIадан гьатIан къоялъ Хасавюрталъул азарханаялда къадаралде щун йиго. Гьелъул цIакъго захIматаб хIалалъ габурги, бетIерги бекун буго. Талат къоялде гьеб бронетранспортерги Газельги цоцалъ речIчIиялъул хIасилалда зарал ккаразул кинавниги ичIго чи вуго Гъизилюрталъулги Хасавюрталъулги азарханабазда. Гьезда гьоркьоса кIигоял цIакъго захIматаб хIалалда ругила, гьезул гIадалнахуе зарал ккун бугила, гьумер гъур-гъурун бугин, хутIаразул гьаб сагIат квешаб хIал гьечIин лъазабулеб буго сахлъицIуниялъул министерлъиялъ. Гьезулго баяналда рекъон гьел захIматго ругел сах гьаризе дагьалги лъикIал ресал ругел азарханабазде рачун бажарулеб хIалалдаги рагIуларо гьаб сагIат.

Гьединго захIматаб хIалалда Гъизляралъул азарханаялда руго 24 январалда Гъизляр мухъалъул Крайновка росдада аскIоб кIиго автомобиль цоцалъ речIчIиялъул хIасилалда зарал ккарал. Гьеб авариялда ункъго чи хвезеги хвана. Гьебго къоялъ МахIачхъалаялда аскIоб Кривая Балка абулеб бакIалда гьединго кIиго автомобиль цоцалъ речIчIун лъабго гIолохъанчи хвана. Цойги гьебго 24 январалда Избербаш шагьаралда аскIоб 17 тонна газалъул тIад бугеб кIудияб юк баччулеб автомобиль бегана. Гьелъул хIасилалда лъиениги зарал ккечIо.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе Общенародный Фронт абураб жамгIияб багъа-бачариялъул баяназда рекъон транспорталдалъун гIадамазе цIикIкараб хIинкъи бугел шагьаразда гьоркьоб цебесеб кьерда буго МахIачхъалаги. Гьез лъазабулеб буго цересел саназде дандеккун 2015 соналда, МахIачхъалаялда нухда ккарал авариязул къадар 24 проценталъ цIикIкIун бугилан.

XS
SM
MD
LG