МагъчIваялъе рес

БетIергьан гьечIеб «Мерседесги» кIиго чиясул гIумруги


МахIачхъалаялда автоавария гьабураб «Мерседес»
МахIачхъалаялда автоавария гьабураб «Мерседес»

Хамиз къоялда Гъизляралда маслихIат гьабун буго авариялда Эльдаргун Разият МухIамадовал жиндихъан хварав чачаназул полициясул цIаралдасан рачIарал чагIазги хваразул гIагаразги. Гьедин лъазабулеб буго информалатаз. Амма гьеб авариялда сверун интернеталда букIана цIакъ кIудияб ахIи-хIур.

Автоавариялъул рахъазда гьоркьоб, Кавказалда гIадатияб куцалда, маслихIат гьабула-щибаб къойил нужералги нижералги нухда рукIунин, гьединаб жоги бокьаразухъан ккезе рес бугин абун.

Амма киналго гурел светофоралъул багIараб канлъуде кIвар кьечIого шагьар бакьулъан хъамун унел ва киназго гурел жал кьабураб машиналъур ругел чагIи бер рехичIого толел. Иш гьедин букIараблъи бихьулеб буго гьеб автоавария бахъараб видеоялда.

Гьелдаго бихьулеб буго, цо-цо баяназда рекъон 10 млн.гъурщил багьаяб «Мерседес» цоги автомашинаялда кьаби (хадуб лъала гьеб «Лада Гранта» автомашина букIин), кьабураб параялъго гьеб бачунев вукIарав чиги, гьесда аскIой йикарай гIаданги гьезда цадахъ букIараб цоги автомашиналъуса гIадамаз жидералдаго рекIинари ва авария гьабуралъул рулалда нахъа батIияв чи гIодов чIезави. Бихьулеб буго гьез цо кагътал цоцахъе кьолебги. Блогераз хъвалеб буго гьеб батизе бугин кьабураб «Мерседесалъул» документал «цIияв шоферасухъе» кьолеб мехин.

Хадуб кьабураб машинаги гьениб тун, цогидаб машина гьениса нахъе уна. «Лада Грантаялде» аскIове векерулев гьезул чиги гьеб видеоялда вихьуларо. Гьелда рукIун руго дагьаб хадуб азарханаялда хварал Эльдаргун Разият МухIамадовал. Цоцазе гьел кколел руго ункъгIалги, вацасул васги.

Автоавариялъул гIайибилавлъун лъазавуна Чачанлъиялдаса жанисел ишазул министерлъиялда цебе бугеб хъаравулзабазул идараялдаса 25 сон барав кIудияв сержант Арсумкаев Имран. ГьедигIан хирияб автомашина гьесие кисаяли лъазабулеб гьечIо. Гьединго лъазабулеб гьечIо гьеб автомашинаялъул хважаин щивалиги. Цо-цо баяназда рекъон, гьев кколев вуго чачаназул Гудермес мухъалъул нухмалъулев Хизриев Заур.

КРА хIарпалгун автомашинаби лъил ругелали хъвараб официалияб гуреб сияхI
КРА хIарпалгун автомашинаби лъил ругелали хъвараб официалияб гуреб сияхI

Гьеб машинаялъул номеразда КРА хIарпал рукIиналъ рес кьолеб буго гьеб чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзанил сверухълъиялдаса чиясул машина бугин абизе. Интернеталда нижеда ратана КРА хIарпалгун автомашинаби лъил ругелали хъвараб сияхI. Гьениб, МахIачхъалаялда Шамилил ва Ярагъиясул цIаразда ругел нухал цолъулеб бакIалда 9 ноябралъул радал кьабураб 95 регионалъул 888 номерал ругеб

КРА хIарпалгун автомашинаби лъил ругелали хъвараб официалияб гуреб сияхI
КРА хIарпалгун автомашинаби лъил ругелали хъвараб официалияб гуреб сияхI

«Мерседесалъул» хважаинлъун вихьизавун вуго Цезарь абурав чи. Гьеб сияхIалда журан руго цIаралги тIокIцIаралги.

Гьебго заманаялда Къадировас Инстаграммалда бугеб гьумералда хъвалеб буго

http://instagram-kadyrov95.ru/post/90449225749/%D0%B4%D0%BE%D1%80%D0%BE%D0%B3%D0%B8%D0%B5-%D0%B4%D1%80%D1%83%D0%B7%D1%8C%D1%8F-%D1%80%D1%8F%D0%B4%D0%BE%D0%BC-%D1%81%D0%BE-%D0%BC%D0%BD%D0%BE%D0%B9-%D0%BD%D0%B0%D1%81%D1%82%D0%BE%D1%8F%D1%89%D0%B8%D0%B5-%D0%BF%D0%B0%D1%82%D1%80%D0%B8%D0%BE%D1%82%D1%8B

Инстаграмалдаса Къадировасул гьумер
Инстаграмалдаса Къадировасул гьумер

"Патриотгун, Ягуаргун ва Цезаргун ниж цадахъ гIуна, гьитIинаб къоялдаса ниж гьудулзабиги руго ва цадахъ ниж къеркьолел рукIана халкъаздагьоркьосел террористазде данде",-ян.

Живго Гудермес мухъалъул бетIер Хизриев Заурица лъазабуна цо-цояз гьеб авариялъул гIайиб жинда гьабулеб бугин, амма жив гьенив вукIинчIин, декабралъул авалалдаса нахъе жив унтун вугин. Жиндихъан авария ккун букIарабаниги жив гьениса гьедин ине вукIинчIин абун.

Хваразул гIагаралгун маслихIат гьабунин абун авариялъул гIайибилавлъун лъазавурав Арсумкаев тамихIалде цIазе вугевищали лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG