МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда автоавариязда хун вуго 200 чи


Гъоркьисалалде данде исана Дагъистаналда ккарал автоавариязул къадар гIемерго дагьлъун буго. Гьедин бицана Дагъистаналъул нухазул полициялъул бетIер Валерий Громовас кьураб хIисабалъулаб пресс-конференциялда. Цереялде дандеккун исана авариязул къадар дагьлъун букIаниги Кавказалъул регионазда гьоркьоб бищун гIемер авариял кколеб бакIлъун рикIкIунеб буго Дагъистан. Исана цохIо бащадаб лъагIалида жаниб гьел авариязул хIасилалда хун вуго 200 чи.

Исана бащадаб лъагIалида жаниб Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго кинабниги 551 авариялъул. Гьеб къадар гъоркьисалалда лъагIалил тIоцIебесеб бащалъиялда ккарал аварияздаса дагьаб букIаниги, гIадамал исана цIикIкIун хун руго. Гьединал баянал кьуна гьал къояз МахIачхъалаялда жидер идараялъ бащадаб лъагIалица гьабураб хIалтIул хIисаб кьолеб пресс-конференциялда Дагъистаналъул нухазул полициялъул бетIер Валерий Громовас.

Исана соналда жаниб нухазда ккарал балагьал лъугьа бахъиназул хIасилалда хун вуго кинавниги 200 чи, гьезда гьоркьоб 15 лъимерги букIун буго. Гьединго авариязул хIасилалда чорхое зарал ккун буго 685 чиясе, гьезда гьоркьовги вукIун вуго 68 лъимер.

Валерий Громов: «Ахираб ункъабго соналда жаниб щибаб санайил дагьлъулел руго нухазда кколел авариял, амма гьезул къадар дагьлъаниги холезул къадар цIикIкIунеб буго. Гъоркьисалалде дандеккун исана хваразул къадар 12 проценталъ цIикIкIун буго. Бищун гIемер чи хун вуго нудасан унаго автомобиль тIаде бачун яги гьеб речIчIун. Исана I64 нухалъ тункун буго нухдасан унел чагIазда автомобиль. Гьелъул хIасилалда къадаралде щун вуго 42 чи, 136 чиясе заралги ккун буго. Амма кидаго цохIо автомобиль бачунев чиясда гуро гIайиб букIунеб. Жалго гIадамазул пикру гьечIолъиялъ, ургъел гьабичIого бокьа-бокьаралъусан хьвадиялъги гIемерал балагьал лъугьа-бахъинал ккола. Гьедин нухдасан рачIунезда жидедаго гIайибги букIун, автомобиль тункиялъул хIасилалда 30 ниги чи хвана 6 моцIалда жаниб. Автомобилал рачунелги нилъер кутакалда цIакъал гьечIо батIаго, гьездаги букIуна гIайиб, амма гIадамалги дагьалниги цере ралагьун рилълъине кколаха. Щиб бицаниги авариял ккеялъе бищун кIудияб гIилла буго нухда хьвадизе кколеб къагIидаги хвезаби ва гьекъезеги гьекъон рулалда нахъа рукIин».

Громовасул рагIабазда рекъон бащадаб лъагIалида жаниб ккараб 200 авариялъу 98 авария ккун буго автомобиль бачунев чи мехтун вукIиналъ, яги гьес наркотикал хIалтIизарун рукIун гьев рекIетIа вукIинчIолъиялъ.

Гьединго Дагъистаналъул нухлул полициялъул бетIерас бицана нухазда гIадлу букIинабиялъеги, авариязул къадар дагьлъиялъеги квербакъи гьабизе бугила Дагъистаналъул тахшагьаралъул батIи-батIиял бакIазда рарал видеокамерабазилан.

«ХIинкъигьечIеб шагьар» абураб программаялда рекъон рарал гьел видеокамерабазул кумек букIине буго шагьаралъул нухазда гIадлу хвезабулел автомобиль бачунел кквеялъе. Гьез мухIканго бихьизабулеб буго ва хъвалеб буго автомобилалъул хасаб номерги, гьелда рекъон автомобилалъул бетIергьанги чIезавун, гьезул щивасе гIадлу гьабизе бугин лъазабуна Громовас. ЦерегIанин полициялда рихьулареб бакIалда нухазда бокьа-бокьараби гьабун цереса тIагIине лъиениги рес щвезе гьечIила, камерабазги полициялъ гьабулеб хIалтIул цо хасаб бутIа тIубалин лъазабуна гьес.

Журналистаз нухазул полициялъе бищун гIемер суалал кьолел рукIана МахIачхъалаялъул нухазда гIадлу букIинабиялъе щиб гьабизе бугебин абун, ва автомобиль бачине рес кьолеб хасаб документал хехго щвезе ккани щибин гьабизе кколебин абун.

Гьел суалазе жаваб кьолаго Громовас лъазабуна МахIачхъалаялъул нухазда гIадлу букIинабизе ккани бищун цебе жамгIияб транспорталдасан байбихьизе кколила. Тахшагьаралъул нухаздасан жидего бокьахъин хьвадулел маршруткабазул къадар чанго нухалъ дагьлъизабизе бугила, гьел киналго хасаб техникияб хал-шал гьабизе тIамизе ругила. Гурони щущан инел ругел, махIцарал автомобилазда гIадамал раччиялъ гьезул гIумруялъе кIудияб хIинкъи бугила, амма жидеего щолеб гIарцул гурони тIалаб гьабулев чи гьечIила гьел маршруткабазул бетIергьабазда гьоркьобилан. Гьединго Громовас лъазабуна чара гьечIого хIажаб бугила кинабго жамгIияб транспорт нухда хасаб бакIалда гурони чIолареб хIал гьабизе, гьеб мехалда гIемер мадар букIине бугила шагьаралъул къватIаздайилан.

Гьединго автомобиль бачине рес кьолел хасал документал щвеялъе бигьалъиялъе исана щибаб гьел кьолеб бакIалда хасал терминалал лъезе ругила, гьезул кумекалдалъун документал хехго-хехго щвезе ругин лъазабуна Громовас.

XS
SM
MD
LG