МагъчIваялъе рес

"ВачIинги инги" халатав чи вуго ГIабдулатIипов


Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов
Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов

Цо-цо политикиял палихъабазул прогнозалда рекъон гьеб данделъиялда ГIабдулатIиповас Борис Ельциницаго гIадин абизе кколаан "Я ухожу" - ян.

Дагъистаналда бищунго хвел гьечIел жал руго къватIул харбал. ГIурусаца "слухи" абулел жалха. Гьеле гьел "слухаз" буххулареб кавуги, гьел раккулареб рукъгун къватIги къанагIат батила жакъа мугIрузул улкаялда. Дагъистаналъул бетIерлъун Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдаса нахъе гьел гьоркьор къотIичIеб къого букIун батилароян абизе бегьула. ТIоцеве заманаялъ республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулевлъун тарабго тIибитIана хабар гьев вугин анлъго моцIалъ тарав бетIерин. 2013 абилеб соналъул сентябралда иргадулаб щуго сонил болжалалда гьев нусгоялде гIагарун процент депутатаз гьаркьалги кьун вищаниги, къотIулел рукIинчIо хабар гьев заманаялъ тун вугин. Заманаялъ ишал тIуразарулесул статусалдаса халат бахъараб щуго сонил бетIерлъун вищун хадур тIиритIана харбал цIияб сон сверизегIан тун вугин. ЦIияб сон щун хадуб Хасалил Олимпиада лъугIун хадув унев вугин.

Гьелда хурхун живго ГIабдулатIиповасцин рагьараб эфиралда цо махсаро реххана: "Дун Олимпиада лъугIун хадув хъулухъалдаса унев вугин абулел чагIи ритIарал руго... амма гьез абулеб гьечIоги кинаб Олимпиада - риидалил, хасалил, чан абилеб соналъул Олимпиадаяли, гьединлъидал гьел кIвар буссинабизе кколел рагIаби гуро" - ян. ТIубараб хасалил Олимпиада тIобитIараб хаселги, ихги, рииги, тIад буссун хасалихълъиги сверана анкьидаса анкьиде ГIабдулатIипов хъулухъалдаса "вахъулаго".

2015 абилеб соналъул цIияб соналде мухIканго унев вугин тIибитIана хабар. Гьелда цохIо хъвай-цIали лъалареб бецIаб халкъ гуреб кIуди-кIудиял хIамкимзаби, хIатта ХъахIаб рокъоб бугеб къапилацин божун букIана. БитIун гьел харбазул гуч бугеб мехалда ахIана парламенталъул иргадулаб гуреб сессия. Повесткаялда бихьизабун букIана цохIо ва аслияб суал: "Республикаялъул бетIерасул парламенталде ва халкъалде хитIаб" (послание) абураб жоха. Сессия байбихьилелде цере депутатазул ва министразул рукIана цоязул рахIат хварал, цогидазул щибдай алъул ккелеб абурал гIадал гьурмал.

Журналистал ралагьун чIун рукIана иргадулаб сенсациялъухъ. Цо-цо политикиял палихъабазул прогнозалда рекъон гьеб данделъиялда ГIабдулатIиповас Борис Ельциницаго гIадин абизе кколаан "Я ухожу" - ян. Гьеб букIана тIад ван Амучицагун ХIажимурад ГIумаровас батIи-батIиял банкетный залазда "Дагъистаналъул халкъазул съездги" тIобитIун анкьи-анкьидаса республикаялъул бетIер хъулхъалдаса нахъе "витIулеб" заман. Гьеб гIечIого Москваялдасаги нахъе аян амру щун бугин тIибитIун букIана хабар.

"Нолъги ТВялда Ильяс ГIумахановасул хвенех паркъана, гьев чи лъикIалъе вугIулев гьечIо гIурусаца цевеххун" - ин ахIун бачIулаан цо-цояз. ТIад руссинин посланиялдегун парламенталъул залалде. Спикерас сессия рагьана, депутатазул регистрация гьабуна ва рагIи кьуна республикаялъул бетIер ГIабдулатIиповасе. Гьев кодор живго "нахъе унев вуго"- ян хъварал кагъталги ккун мухIканго цеве вачIана. Республикаялъул бетIерасе рагIи кьурабго депутатаз ва министраз хъат чIвачIо. Залалда лъугьана "щибдай алъул ккелеб?" абураб гIадаб бакIаб сихIкъотIи.

"ЧIун ругогури чиги хун кверкьовуда ругел гIадин???" - ин залалъухъ валагьана ГIабдулатIипов. Зал нахъойги буцIцIун чIана. "КъватIул харбазда божун руго, гурищ??? КъватIул харбазда гуро божизе кколел, ишазда, ишал гьаризе тун руго нилъ щивав жиндир бакIалда, харбал тIиритIизаризе ва гьезда божизе гурел. Гьаб бакIалда хъат чIвани битIун букIина" - ян залалъухъ валагьана ГIабдулатIипов, залалъ варххиялда хъат чIвана ва релъана. Гьеб релъиги букIана батIи-батIияб, дагьав цеве министрлъун тарасул ракI-ракIалъулаб, цогидазул ххвалие, бокьичIого гьабулеб.

Республикаялъул гIаммаб экономикияб хIалалъул анализги, иргадулаб лъагIалие гьаризе кколел ишазе нухалги рихьизаруна хитIабалда. Хъвана политикиял суалаздаги, ракIалде щвезаруна оппозициялъул чагIи: "Дир бищунго кIудияб гIунгутIи буго - гьечIо дир мустахIикъал тушбаби, ругелги цIакъго гIисинал, цIар абизецин санагIат гьечIел чагIи руго. Саламатаб оппозиция букIине кколеб бакIалда лъабго шизофрениялъ ккурав гIабдал вуго оппозициялъул цIаралдаса кIалъалел" - ин. ХIасил калам, гьеб хитIабалъ ганчIида тIад гамачI течIо "нахъе унев вуго" - ян абурал харбазул.

Гьелъул хIакъалъулъ "Новое дело" газеталъ кьуна "Послал и не ушел" абураб макъала. ТIубараб 2015 абилеб соналъ сасун рукIана гьеб кьабиялдаса хадур "ГIабдулатIипов нахъе унев вуго" абурал харбал. 2016 абилеб соналъул тIоцересел номеразда "Черновик" ва "Республика" газетаз кьолеб буго нахъойги гьединал харбал раккун ругин.

ГIажаибаб политикияб къисматалъул политик вуго Рамазан ГIабдулатIипов. Москваялда гьев вугеб мехалъ 15 соналъ рукIана харбал Дагъистаналъул бетIерлъун вачIунев вугин. Гьаниве вачIун хадув къотIулел гьечIо нахъе унев вугин. Я вачIине, я ине лъаларев чийищ гьав вугевали. Поитикаялда хадуб хал ккурал чагIаз абулеб буго гьесул "инги" букIине бугин вачIинго гIадаб халатабин. Лъида гьеб лъалеб, лъалев цохIо ТIадегIанав Аллагь вуго.

Хабар лъикIаб рагIайги!

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG