МагъчIваялъе рес

МугIрул тун авалахъазде рахъунел магIарулал…


Кинал ругел аслиял гIиллаби гIадамал росаби тун шагьаралде гочиналъул ва рес бугищ гьел гьенирго чIезе?

МагIарухъа гIатIиракьалде гочунел гIадамазул къадар цIикIкIунеб букIиналъул суал борхана гьал къоязда Халкъияб Мажлисалъул сессиялда. Кинал ругел аслиял гIиллаби гIадамал росаби тун шагьаралде гочиналъул ва рес бугищ гьел гьенирго чIезе?

Аслияб куцалда росабалъа гIадамал нахъе гочиналъе гIиллалъун кколеб бугин магIарухъ гIадамазе хIалтIи гьечIолъи, гьединлъидал гIарац балагьизелъун гьел батIи-батIиял шагьаразде гочунел ругилан абуна Халкъияб Мажлисалъул иргадулаб сессиялда, «Справедливая Россия» партиялъул депутат Мурад Пайзулаевас.

Хасго гIолохъанал ригьалъул гIадамал унел ругин росуги тун. Аслияб гIиллалъун гьелъие хутIулеб буго росулъ гьезие хIалтIи гьечIолъи. Гьеб гIиллаялъ шагьаралде гочаразул цояв ккола Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа Шарипов Бегавги. Хъизам хьихьизе кIолеб хIалалъ росулъ магIишат гьабун бажарулеб букIинчIолъиялъ вахъанин жив шагьаралдеян бицана гьес «Эркенлъиялъе».

Шарипов Бегав: «Шагьаралда хIалтIаби руго, бихьиназеги руччабазеги, хIалтIи камун гьенив чи хутIуларо. Мисалалъе, хъизамалъе щола гьабсагIат шагьаралда 15 азарго гъурущ, вас вуго хIалтIилев, дунго вуго. Росулъин абуни дие хур бекьаралъухъ векьарухъанасе кьураб жо щоларо гьениса бакIарараб жоялъухъ. Росулъ херал чагIазе пенсия щола, хIукуматалъул хIалтIуда ругел чагIазе буго тIаде рикъзи, дун гIадав чиясе гьечIо, хасго гIолохъабазе тIубанго гьечIо. Цо щуазарго гъурущниги бищун дагьалдасан щолеб букIарабани чIелаан дун росулъ, гьечIелъулха росулъ хIалтIи.

Цебе Совет хIукуматалъул заманалда букIана кигIан бокьаниги хIалтIи, Казахстаналде кирпич къотIизе ани щолаан лъикIаб гIарац, гьанже гьечIо».

Росулъ цоккураб хIалтIиги бугони, дунго ракIрекъараб гIарацги щолеб бугони, узухъда нахъвуссинин живилан абулеб буго Шарипов Бегас. Жакъа гьединал гIадамал гIемер руго Дагъистаналда. Чан чи гьединаб куцалда росула шагьаралде гочаравали бицунел чIванкъотIарал тарихал «Эркенлъи» радиоялъухъе щвечIо.

ТIубанго шагьаралде рахъинчIогоги унел руго хIалтIи балагьун россиялъул шагьараздеги росабалъ гIумру гьабун ругел чагIи. Гьедин унин жидер лъорасаги гIадамал, амма хъизам-рукъ гьезул магIарухъ бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, ЦIумада мухъалъул Къедиса ГъазимухIамадов ИсмагIилица. Ахираб заманалда жидер росу лъалаго кIодолъанин гочинчIого чIарал гIолохъанал хъизамазул къадар цIикIкIиналдалъунилан абулеб буго гьес.

ГъазимухIамадов ИсмагIил: «Росулъ гIумру цIуниялъе ресал руго жакъа. Гьале нижер Къеди росулъа ахираб анцIго соналда щивниги чи инчIо гIатIиракьалде гочун. ЦIумада мухъалд нижер росу цIикIкIана кIудияб росулъун, 120 росу цIараки буго гьениб. ГIолохъанал хъизамал гIемераб росу ккола гьеб, щайгурелъул гьениса гьел шагьаралде инчIого хутIун.

Амма цогидал бакIазда иш лъикI гьечIо.Тарихиял хъвай-хъвагIаязда хадув чанго магIарул росулъе сапар гьабуна дица исанаги, араб соналдаги. Гьедин чанги бакIалда росаби чIороголъун ратана, мисалалъе Болъихъ, Хунзахъ мухъалда, школазда лъимал цIакъ дагь руго».

Исана сон Дагъистаналда лъазабун буго МугIрузул соналъунги. МугIрузул сон гьабиялъул аслияб мурад бугин, мугIрузул мухъазда ругел гIунгутIабазде кIвар буссинаби, гьел церетIезериялъе квербакъи гьабиян абуна Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Росу тун шагьаралде гочунезул къадар дагьлъиялъе пайда букIине бугищ гьелъул абун гьикъидал гьадин загьир гьабуна жиндирго пикру ГъазимухIамадов ИсмагIилица.

ГъазимухIамадов ИсмагIил: «Гъоркьиса сонги лъазабун букIана республикаялда ахихъанлъиялъул сонилан абун, амма гьелдалъун ахал гIезарулел чагIазе пайда ккарабищали лъаларо. Исана онги МугIрузул сонилан лъазабиялъ кинаб пайда кьелебали лъаларо. ХIукуматалъул нухмалъиялъ гьедин лъазабунги батани, гьелъи биччазе гIарацги батани кьела гьелъ пайда. Амма цохIо соназда цIарал чIваялъ кьезе хайир гьечIилан рикIкIуна дица».

МагIарухъ гIумру гьабизе лъикIал шартIал чIезаризе ккани, ялъуни гIатIарикьалде гIадамал гочиялъул процесс лъалхъизабизе ккани цIакъ гIемер гIарац къваригIунин, амма Дагъистаналъул бюджеталда гьеб гьечIилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.

XS
SM
MD
LG