МагъчIваялъе рес

Маданияталъул рукъзал къазе бегьулищ бегьуларищ?


Республикаялда ругин азаргоялдасаги цIикIкIун маданияталъул рукъзал, амма гьезул гIемерисезул щибниги пайда гьечIин, гьел хIалтIулел гьечIин, гьединлъидал гьел къазе кколилан лъазабуна Рамазан ГIабдулатIиповас

Дагъистаналда ругел рикIкIен гIемерал, амма жидедаса щибниги пайда гьечIел маданияталъул рукъзал къазе кколилан лъазабуна республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Республикаялъул маданияталъул министерлъиялъги гьеб пикру гIахьал гьабулеб буго, цин киналго маданияталъул рукъзал кин хIалтIулел ругелалли халги гьабун хадуб къотIизе бугин гьезда хурхун хIукмуян абулеб буго гьез. Щибилан абулеб бугеб гьелда тIасан мухъазда ругел маданияталъул бутIаялъул нухмалъулез?

Республикаялда ругин азаргоялдасаги цIикIкIун маданияталъул рукъзал, амма гьезул гIемерисезул щибниги пайда гьечIин, гьел хIалтIулел гьечIин, гьединлъидал киназулго мухIканаб анализги гьабун хIалтIулел гьечIел гьел къазе кколилан лъазабуна Рамазан ГIабдулатIиповас, 27 январалда лъай кьеялъулгун, маданияталъул ва гIолохъанлъиялъгун спорталъул суалазда тIасан тIобитIараб данделъиялда. Гьелдалъун рес бугин республикаялъул бюджеталъул гIарац тIокI гьабизе.

Республикаялда ругел киналго маданияталъул идарабазул инвентаризация гьабизе жеги августалдаго кьураб тIадкъай букIун буго Рамазан ГIабдулатIиповас, Дагъистаналъул маданияталъул министерлъиялъе. Гьанже маданияталъул рукъзабазда хурхун гьесул тIадкъай жидехъе официалияб куцалъ жеги бачIинчIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе маданияталъул министр хисулев Мурад ХIажиевас. Гьес бицунелда рекъон жакъа республикаялда рагIула 2000 ниги маданияталъул идара, гьезда гьоркьоса цохIо маданияталъул рукъ рагIула 1030, гьел киназулго хал гьабизе ккани бищун дагьалдаса цо лъагIелниги хIажалъулеб буго.

Жидеца киналго мухъазул росабалъ ругел маданияталъул рукъазабазул халги гьабизе бугин, гьелдаса хадуб абизе бегьулин кинал къазе бегьулел ва кинал лъикI хIалтIулел ругелалиян бицана Мурад ХIажиевас «Эркенлъи» радиоялъе.

Мурад ХIажиев: «Нижеда лъала чанги гьединал пайда гьечIел маданияталъул рукъзал рукIин, ва гьединалго щибниги пайда гьечIел гьелъул нухмалъулелги рукIин. ХIукуматалъул кисиниса харжги бачIунев хъулухъчи вугони гьесда бараб буго гьес бетIерлъи гьабулеб идараялъул мукагIалъиги. РукIуна хъулухъачагIи творчествоялъул кьучIалда хIалтIи бачIунел, гIемер интересал пикрабиги, хIалтIизе гъираги бугел. Руго къо аги, сордо агиян щибниги хIалтIи гьабичIого жив гIодов чIараб бакI хинлъизабулелги. Гьединго маданияталъул идараялъе нухмалъи гьабулев чиясда бараб буго гьелъ кьолеб пайдаги. РукIуна гIадамал жаниб ихтилатаб тадбир тIобитIизе рукъ гьечIониги, гьелъие ярагьунеб бокьараб рукъги балагьун гьениб жаниб хIалтIи гьабун бажарулелги. Гьединлъидал гьаниб цохIо маданияталъул рукъзал къаялдалъун гIарац тIокI гьабиялъул гуребги кадровияб потенциалалъул суалги буго бачIунеб цебе. Цо-цоязе гIун буго щибниги байрам яги ихтилат жаниб тIобитIичIониги маданияталъул рукъ бугиш бугоян аби ва кагътазда гьелъие цо лъица бугониги нухмалъиги гьабулеб букIин. КIиабилесе гIун буго цо кинаб вугониги концерталъулаб программагун жив бакI-бакIалда цевевахъунев вукIин. Лъабабилес абуни хIаракт бахъула цохIо маданияталъул рукъалъе нухмалъи гьаби гуребги, гIун бачIунеб гIелалъе рухIияб тарбия кьезеги. Гьеб кинабго рахъги хIисабалде босун хIалтIи гьабулеб буго нижеца маданияталъул рукъзабазда хурхун ва хадуб гьеб киназулго хIасилги гьабизе буго».

Гьедин маданияталъул рахъалъ бищунго лъикI хIалтIулел мухъазда гъорлъ Мурад ХIажиевас рехсана Хунзахъ, Хьаргаби, ГIахъуша Леваши мухъал.

Маданияталъул рукъзал гурин къазе кколел хъулухъалдаса рахъизе кколин хIалтIи гьабун бажаруларел гьел нухмалъулелилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Шамил «Центр традиционной культуры» абураб идараялъул нухмалъулев ХирамухIамадов ХирасулмухIамадица. Жакъа Шамил мухъалда рагIула 34 маданияталъул рукъ гьезул цIикIкIарасез жидерго хIалтIи 90 проценталде гIагаруниги тIубалеб бугилан абулеб буго гьес.

ХирамухIамадов ХирасулмухIамад: «Маданияталъул рукъзал къазе бигьаяб жо буго, амма щиб хадуб гьабизе бугеб жамагIаталъ. ЛъикIалъеги квшалъеги гIадамал данделъулеб букIараб, жаниб ихтилат тIобитIулеб букIараб рукъ гьелъие нухмалъи гьабизе гьунар гьечIев чи сабаблъун къан хутIизехъин буго. ЖамагIаталда бугеб гIайиб щиб? Бокьараб росу босани, мисалалъе, Гьоор росдал буго жидерго миллияб гIадатги, миллияб ретIелги, кьурдиги, кечI-бакъанги. Гьединал росабалъ ругел маданияталъул рукъзал цо чи сабаблъун къазе бегьиларо. Гьел къачIого гьенив чи хIалтIизе тIамизе ккела, гьесухъа бажаричIони бажарулев чи тIамизе ккела.

Гьеб суал борхизе мустIахIикъаб буго, къазе кколел бакIалги ратила республикаялда чанги. Мисалалъе ратизе бегьула жамагIатал жидде маданияталъул рукъазал хIажат гьечIо, зурма-къали къваригIун гьечIо, гьеб къаниги ургъел гьечIилан абулел. Гьединан абулел росаби ратани къазе ккелаха хIакъикъаталдаги маданияталъул рукъзал, тIокIаб щибха гьезда гьабилеб?»

Гьаниб хIисабалде босизе кколеб жо буго цоги, Шамил мухъалдаса Хирасулов МухIамадица абухъе цIакъго динияб рахъалда тIадчIей гьабулеб жамагIат бугеб росабаз хIакъикъаталдаги инкар гьабизе бегьулеблъи маданияталъул рукъалдаса. Кьурдиги, кечI ахIиги ва гьелда релъараб ихтилат-кеп исламалдаги беццараб гьечIелъул, жидее маданияталъул рукъалдасаги мажгитго бокьилин абулелги росаби рукIине бегьулин абуна «Эркенлъи» радиоялъе цо-цо гIадамазги. Гьединго тIатIалго кIудияб къварилъи ккаралдаса росулъ ихтилат гьабуларел бакIалги руго жакъа магIарухъ. Мисалалъе Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъ, 2007 соналъул сентябралда изну гьечIого яргъидгIуцIараз ичIго гIолохъанчи чIваралдаса чанго соналъ тIатIалаго сухIмат-кечI гъорлъ бугеб тадбир тIобитIун букIинчIо.

XS
SM
MD
LG