МагъчIваялъе рес

Киназдаго лъалеб ва лъицаниги хIисаб гьабичIеб "цIияб хабар"


Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатиIповас Дагъистаналда 1000 хIалтIулареб культураялъул рукъ бугин абураб цIияб хабар бицана районазул ва шагьаразул бутIрул ахIараб данделъиялда.

Щай гьел культураялъул рукъзал хIалтIулел гьечIин абураб жо цIияб хабар лъугьараб бутIрузеги, жамгIияталъеги? Щай гурелъул нилъер лъицаниги киданиги хIисаб гьабулароан росулъ бугеб клуб, библиотека, яги культураялъул рукъ абураб бакI пачалихъалъ щиб гьабизе гьабураб бакIали. Гьеб къабул гьабулаан цониги чиясе моцIрол харж бачIиналъул мурадалда рагьараб, жаниве вачIунев чи гьечIолъиялъ къан тараб, я пайда, я зарал гьечIеб бакI хIисабалда.

Гьеле гьеб я зарал, я пайда гьечIеб бакI хIалтIулеб гьечIин ва хIалтIуларел бакIал къазе кколин гIадада бюджеталъул гIарац харж гьабичIогоян республикаялъул бетIерас абурабго гьеб нилъер киназего тамашаяб цIияб хабар лъугьана.

"БитIун абулеб буго ГIабдулатIиповас. Масала, чан соналъ гьадав КъурахIица лъагIалие лъабцIул клубалъул нуцIаги рагьун щибаб моцIалъ харж босараб. Щибизе къварегIараб бакI эб клуб?" - ин абила жидеего харж щвечIеб халкъалъ. "Вабабай, вададай, гьанже щиб чара, дие гьаркьал кьуни завклублъун тIамилин рагIи кьурав АдухIида щиб гьабилеб?" - ин бетIер кквела бегавулас. Цогидав пашманлъила чияр цIаралги хъван босулеб букIараб харжидаса махIрумлъанин.

ХIасил калам гьеб ГIабдулатIиповасул хитIабалъ цоял пашманлъана, цоял роххана. Поэтас абухъе, "цояхъе гьеб щвана борохь киниги, цогидахъе щвана чIухIараб цIумлъун". ХIисаб гьабеха, кигIан кIудияб кIкIал бугеб нилъер гIумруялъулъ ва нухмалъиялъулъ гьабизе кколеб ва хIакъикаталда гьабулеб хIалтIуда гьоркьоб? Кинаб масъалагун рагьарал бакIал культураялъул рукъзал, библиотекаби ва клубал?

Гьел рагьана инсан хIайваналдава ватIа гьавизе. Инсанасе цохIо хвечIого вукIине кванай гуреб, гьев тIокI ва тIадегIан гьавулел бакIал хIажалъун. Гьесухъе гIелмуги, бичIчIиги, кантIиги, тарбияги, чияс чиясул адаб гьабиги щвезабизе. Культура цохIо кечI ахIи ва кьурди гуро. Культура буго хьвада-чIвади, гIадамазул гьоркьорлъаби, тарбия кьей ва кьураб боси. ТIуралел ругищха гьел масъалаби жакъа култураялъул рукъзабаца, библиотекабаз ва клубаз? Кинабго гьабулеб буго гIаксалдаян абизе бегьила.

Ришват ва цIогь сурун бихьизабизе кколел библиотекаби кьолел руго ришваталъухъ. Инсанасда лъикIлъиги, тIадегIанлъиги, берцинлъиги бихьизабулеб культураялъул рукъ гIарац бикъун ва ришватал кьун тIалъи босарав бегавуласул хъизан хьихьулеб буго цо-цо бакIазда. Гьеб кинабгоги лъугьана сах гьабизе кIолареб рухIияб унтуца жамгIият кверде босиялъ. ВацIцIадав гIабдаллъун вихьун, хIалихьат ва ришватчи гIакъиллъун вихьун нилъеда.

Цо хIакимас абун букIана дида гьанжеялдаса I5 соналъ цебе, капек хутIичIого гьаб гIарац гIадамазе кьелаан дица, гьелъухъ гъоз дун хъулухъалдаса реххуларевлъи лъани абун. Гьел культураялъул рукъзал щиб мурадалъ рагьарал, кинаб масъалагун хьихьулел, щиб гьез гьабулеб бугеб абураб суалалда тIад нилъ ургъичIеб ва жавабиял чагIаздаса гьеб тIалаб гьабичIебгIан заманаялъ нилъее ГIабдулатIиповас бицунеб жо букIине буго цIияб хабарлъун.

Дида лъаларо кинаб даража росабалъ бугебали, лъала тIубанго Дагъистаналда культураялъул рукъзал цоял хIисабалъе, ххвалие рагьун рукIуна. Цогидал тIадехун абухъе моцIаца къан рукIуна, къосинчIого кIиязго моцIрол ахиралда харжалги росула. Росабини тела, гьаниб тахшагьаралдагиха тату хун бугеб. Авар газета мадаралда хъвай-цIали лъаларев цо чиясухъе I99I абилеб соналъ ижараялъе кьураб 26 азарго тиражалдаса 6 азаргоялде ккана. Нилъедаса лъабго нухал дагьал лезгиязул тираж цIикIкIун буго авар газеталдаса.

Жакъа бугебги гьарун цIалун хъвазабураб. Редактор лъикIав менеджер вуго, газета хъвазабизе бергьараб махщел буго гьесул, цIализабизе гьечIо. ЦIалулел киназго къо-лъикI гьабуна I00 соналде гIагараб тарих бугеб миллияб газеталъулгун. Дагьабниги пикру калам бугевщинав чи доваса нахъе ана. Аниги щиб асие, бизнесалъе элдаса квал-квал гьечIелъул. ЧIечIого републикаялъул бетIерасухъе кагътал хъвалев рагIула жакъаги цин миллиял литературиял журналал "ХIакъикъаталъухъе" кьеян, хадув киналго райгазетал кьеян, ахирисеб данделъиялда вукIун вуго гIурус мацIалда биччалеб кIиго журнал "Дагъистан" ва "Дагъистналъул халкъал" щай цолъизаруларел абун гениальный план министрасе кьолев.

Гьелги жиндихъе кьеян абулеб батила. Гьесда кин бичIчIизабулеб гьеб кIиго журналъул батIи-батIияб тематика бугин, цояб художествениябгун публицистикияб, цогидаб - жамгIиябгун политикияб абун.

БичIчIуларо, гьединал рагIабицин рагIун ратуларо гьесда. Гьеб кIочараб ахIвал-хIал рагIула магIарулазул ахирисеб гъансито, авар каламги, культураги, рукIа-рахъинги бихьизе нилъ данделъулеб миллияб театралда. Гъораса актералги нахъе хъамун, хIакъикъияб искусствоги чIван, сухIмат-кечI ва кьурди-кеп гьабулеб бакI гьабун рагIула цо бахIарчияс. Гьелъул ва театралияб тарихалъул гIатIидго бицине буго иргадулаб мкъалаялда. Хабар лъикIаб рагIаги!

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG