МагъчIваялъе рес

Культура гьабулаго квачалел магIарулал


Хасалил заманаялъ электроэнергиялъул гIемерал лазатбахъил кколел руго мухъазда ва росабалъ. Электрикиял алатал гIемерлъи ва цIаракиял гIемерлъи, гьелдаго цадахъ, 10-15 соналъ цебего хисизе заман щварал токалъул кварал рукIин абулеб буго гIадамаз аслияб гIиллалъун гьелъие.

Унсоколо мухъалъул гIадамаз гIарз гьабулеб буго токалда хурхун ругел квекIеназул. Гьез лъазабулеб буго токалъул къуват дагьлъун, электрикиял алатал холел ругила. Гьединго ток свинабулеб бугила щибаб къойил гIадин, цин цо бакIалда цинги цойги бакIалда.

Квачал рачIингун токалда хурхун квекIенал ва электоросетязда къуват гьечIолъиялъул гIунгутIаби Дагъистаналъул тIолго мухъазда ва росабалъ кIвар бугеб суал кколеб буго.

Гьедин, хасел бачIингун токалъул чирахъул канлъи хIевучирахъалъул гIадаб букIунин, токалъул печазулги щибго хинлъи букIунарин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ГьоцIалъ росулъа ХIасанов ХIасаница. Гьес баян гьабухъе, гьенибги къо гьоркьоб бахъун ток свинабулеб буго, амма гьел гIарзагъун кирего ун гьечIо.

ХIасанов ХIасан: « Хасало ток свинабула цIакъ гIемераб. Гъоркьиса цIияб соналъул сордоялъ чанго сагIаталъ букIинчIо ток. Бугеб токалъул къуватги цIакъ дагьаб букIуна. Гьелъие гIилла буго, магIарухъ газги гьечIеб мехалъ, гIадамаз тIорччол печалги лъолел гьечIо. Цинги токалъул печаз хинлъун рукIунел руго. Цинги трансформаторазде хIал цIикIкIун, гьел рухIула. Гьел хисизе ккананиги тIубараб авалалдаго цо-кIиго къоялъ букIунаро ток».

МагIарухъе кварал цIаралдаса росу гIизагIан кIодолъун бугила, гьединго техникаги ток хIалтIизабулеб гIемерлъун бугила. Советияб заманаялъго цIарал кваразда гьеб хIалуцин хIехьезе кIолеб гьечIила. Трансформаторал тIаде лъун, цIиял токалъул кварал цIанани гьеб суал тIубалилан баян гьабуна ХIасаница.

Хинлъиялъе ругел ресазул бищун тIибитIараб кколеб буго токалъул печал рай. Гьелъие гIиллаги кколеб буго гьеб хира гьечIолъи. Масала, тIорччол печ бакун рукъ хинлъизабизе хIажалъулеб буго 2-3 тонна тIорччол хаселалъе.

Цо тонна тIорччол кколеб буго гьоркьохъеб куцалъ 10 азарго гъурщиде. Киназулго ресги гIолеб гьечIо гьеб босизе.Советияб заманаялъ магIарухъ тIиритIун рукIана нартил печал. Гьедин гIадамаз чанго тонна нартил босун печал ракун хинлъулел рукIун руго. Нартги гьеб заманаялъ цIакъго учуз букIиналъ.Нилъер заманаялъ гьеб нарт босун хIалкIоларила, нартил печаздаса щибго пайдаги гьечIила.

Унсоколо мухъалъул Шамильхъала поселокалъул токалда сверун бугеб унти буго хасаб. Рихьундерил ГЭС балаго лъугьараб гьеб мугIрузул мухъалда цо бугеб поселекалъул гIицIго цо бугеб энергетикияб ицц кколеб буго ток. Гьениб гьечIо газ, цIулал печал ракизеги рес гьечIила гIемертIалаял минабахъ. Бачараб отоплениеги гьениб гьечIила. ГIицIго печал ран хинлъулила.

Цере гIемертIалаял минабахъ хинлъиялъе хIалтIизабураб токалъухъ гIарац босулароанла, гьабсагIат киналъухъго босулила гIарацилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадов Рашидица.

МухIамадов Рашид: « КIудияб гIунгутIи буго токалъул Шамильхъалаялда. Квен-тIех гьабизе, хинлъизе, сундуего хIалтIизабула ток. ГьабсагIат киналгIаги скидкабиги гьечIого, шагьаралда гIадин гъурущги 90 кепекги босулеб буго. Цебе хинлъиялъе бухIизе гьадинго хIалтIизабулаан ток.

Гьанже киналъухъго гIарацги босулеб буго. Нижер ракьалда рарал ГЭСал рукIаниги, шагьаразул гIадамаз гIадин кьезе кколеб буго гIарац. ЦIулаца бакизе рес гуро, газ гьечIо, цохIо токалда божарал чагIи руго ниж».

Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росулъа МухIамадов МухIамадицаги лъазабуна, гIицIого цо росулъ, цо мухъалда бугеб захIмалъи гурила гьеб. Ток бачарал кваралги ругила 10-15 соналъ цебего хисизе заман щварал.

МухIамадов МухIамад: « Цо нижер росулъ бугеб жо гуро гьеб, киса кибего хасало букIуна гьеб балагь. Абулеб буго хасало дагь гурого биччаларила ток, гьедин батизеги бегьула, амма кигIан ток биччаниги гьел кварал руго некIого хисизе заман щварал. Анкьида жаниб цо нухалъгIаги токалъул къварилъи ккечIого хутIуларо.

Киназго ралел руго стаблизаторал. Гьеб мехалъ гьез бугеб ток цIцIун цуцахъа бикъараб гIадаб жо кколеб буго. Цойги суал буго культура гьабизе тIорччол печал нахъе рахъун, гIемер токалъул печал ран, гьез хинлъизе рукIине».

«Дагэнергосеть» абураб токалъул жавабияб гIуцIиялда гьел киналго квекIенал ток гIемер хIалтIизабиялда хурхинарулел руго. Гьедин, гъоркь соналда данде ккун I5-20 проценталъ цIикIкIун бугила ток хIалтIизаби хасалил заманаялъ. 2015-2016 соналъ гьел гIунгутIаби тIагIинариялъе хасаб программа бугила мугIрузул мухъазда токалъул кварал хисиялъе ва трансформаторал лъезе бихьизабураб.

Гьеб мехалъ гьеб гIунгутIаби тIагIинчIониги, дагьлъизе рес бугила.

XS
SM
MD
LG