МагъчIваялъе рес

"Култур-мултур" культураялде буссине ккани "Маданияталъул сон" гIоларо


Исанасеб 2014 сон Дагъистаналда лъазабун букIана маданияталъул сонлъун. Гьелда хурхун батIи-батIиял тадбирал тIоритIизе хIисабалде босун букIана культураялъул министерлъиялъ. Кинаблъунха букIараб гьеб сон хIакъикъаталдаги маданияталъул бутIаялда жаниб? Гьеб суалалда тIасан маданияталъул церехъабигун ва гьелъие къимат кьун бажарулел гIадамазулгун гара-чIвари гьабуна нижер мухбир Юсупов Ашаханица.

Гьал къоязда Максим Горькиясул цIаралда бугеб гIурусазул Драмаялъулаб театралда хIурматияб куцалда нуха-регIана исана Дагъистаналда маданияталъул сонлъун лъазабун букIараб лъагIел. ХIукуматалъул ва тIалъиялъул церехъабиги, маданияталъул министерлъиялъул нухмалъулелги, творчествоялъул интеллигенция, шагIирзаби кьурдухъаби кочIохъаби , чанго батIияб махщалил вакилзаби данде ракIарун рукIана гьеб тадбиралде.

Кинабха букIараб маданияталъул сонлъун лъазабураб лъагIел Дагъистаналда? Гьеб суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гара чIвари гьабуна литературияв критик, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор БисавгIалиев МухIамадилгун ва Дагъистаналъулги Россиялъулги мустIахIикъав артист, Авар театралъул машгьурав артист Казиев ХIусенилгун.

Маданияталъул сон бугилан абуна гьелдалъун исана пайда щун батилин культураялъул министерлъиялъеги цо хасал чагIазегиян абулеб буго БисавгIалиев МухIамадица. Жибго маданияталъе гьелдалъун щвараб кумек, я цебетIей букIинчIилан абуна гьес, щайгурелъул цохIо соналда жаниб цебетIезабун гьабулеб жо букIунарин маданияталъул хIалтIи.

МухIамад БисавгIалиев: «Маданияталъул сонилан абураб жо букIине бегьуларо. Гьелъул магIна щиб кколеб? Росдал магIишаталдаса ялъуни экономикаялдасаги бахъун маданияталъе гIарац кьезе кколиланиш? Ялъуни цогидал рахъалги жалго тун, цохIо культураялде кIвар кьезе кколиланиш? Маданияталъул, ялъуни ахихъанлъиялъул гьединго лъай кьеялъул сон лъазаби абураб пикруго буго мекъаб».

ЭР: «Дуца абулеб буго цохIо соналда жаниб цебетIеабулеб жо букIунарин маданиятилан. Жакъа кинал ресал рихьулел ругел дуда гьеб цебетIеялъе Дагъистаналда?»

МухIамад БисавгIалиев: «Ресал кигIан бокьаниги руго. Амма жакъасеб Дагъистаналъул хIукуматалъе хасиятаб жо гьеб гуро. Дида лъалеб мехалдаса нахъего кидаго культураялъул министерлъиги, гьунар бугел кьурдухъабиги, кочIохъабиги, батIа рукIана. ГIемерисеб мехалда культураялъул министерлъиялъе нухмалъи гьабулел рукIана кинаб бугониги махщел яги гьунар жидер гьечIел чагIи. Гьунарги бугел, гьеб иш жидерго гIумруялъул магIналъунги гьабурал гIадамал кидаго гьелдаса тIун рукIуна. Гьеб цохIо Дагъистаналъе гуребги, тIубараб Россиялъеги хасиятаб жо ккола».

Цо сон маданияталъул сонлъун лъазабунилан гьелъ хIасил кьоларилан абураб МухIамадил пикруялъул рахъкколеб буго Авар театралъул артист ХIусен Казиевасги. Амма исана сон Дагъистаналда Маданияталъул сонлъун лъазабиялъул магIна букIанищин абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьуна.

ХIусен Казиев: «Буго, щай гьечIеб. Щибаб сон маданияталъул сонлъун лъазабуниги гьелдаса вохрав вуго дун. Жакъа культураялъул хъарцинлъи буго кинабго рахъалда жаниб. Культура цебетIезабизе кколилан ахIи балев республикаялъул нухмалъулевги вуго».

ЭР: «Жакъа кинал ресал ругел маданият цебетIеялъе Дагъистаналда?».

ХIусен Казиев: «Ресал руго. Цебе щибаб росулъ рукIана маданияталъул рукъзал жакъа гьел гьечIо бащадалниги. Гьел цIигьаризе рес буго. Жакъа гIолохъанал артистазда гъорлъ руго гIемерал гьунар бугел гIадамал. Гьезда кверчIвазе рес буго тIалъиялъул. Жакъа щибго гьунар гьечIел, бертабалъ кучIдул ахIулел рукIунел кочIохъабазе кьолел цIаралги цогидабги кумек нижер театралда ругел гIолохъабазеги кьезе бегьилаан гьез».

ЭР: «ЦIиял цIарал загьир гьаризе, гьезие кумек гьабизелъун гьабураб хIалтIул цониги мисал халлъаниш дуда Культураялъул министерлъиялъул хIалтIуда жаниб?».

ХIусен Казиев: «Дун вукIинчIо ГIурс театралда букIараб данделъиялда. Нижер театралдаса цонигни чиясе шапакъат ялъуни цIар кьуниланги рагIичIо. Цогидазе кьунги батила гьез гьею Нилъер щиабаб мухъалда ругелъул гIемерал соназ маданияталъул бутIаялда хIалтIарал гIадамал».

Маданияталъул бутIаялда жаниб Дагъистаналда жакъа унтараб суаллъун ккола фонограммаялда гъоркь кучIдул ахIулел кочIохъабазул хIакъалъулъ суалги. ЧIагояб гьаракьалда ахIулеб кочIол дандеруссин жакъа Дагъистаналда къанагIатаб ишлъун ккун буго. Халкъалъ гъираялда къабул гьабураб гьединаб кIочIол сордо тIобитIана исана апрелалда, Авар театралда, дагъистаналъул мустIахIикъай кочIохъан Хадижат Жамалудиновалъ. Гьединго интернеталда гIадамаз цоцахъе рехулел видеороликаздаги рихьизе бегьула чIагояб гьаракьалда гъоркь, аргъаналда яги тIамурги хъван кечI ахIулел гIолохъабиги.

XS
SM
MD
LG