МагъчIваялъе рес

Къанунияб зулму ялъуни къуваталъул тIокIлъи?


ГIабдулатIиповас, Евкуровас ва Къадировас Магасалда динияб суал дандбана

19 февралалда Россиялъул тахшагьар Москваялда гIумруялдаса ватIалъана пневмония унтиялъ унтарав вукIарав Шималияб Гьиристаналъул бетIер Тамерлан Агъузаров.

Тамерлан Агъузаров абадияб рукъове регIинавизе Шималияб Осетиялде сапар бухьана Гъалгъастаналъул, Чачанлъиялъул ва Дагъистаналъул бутIруз. Прессалъ лъазабуна гьев лъабавго бетIер цо автомобилалде рекIун вукIанин ва машина бачунеб букIанин Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас.

Магасалде тIад руссун, 21 февралалда гьез дандбана лъабабго респубикаялъе кIвар цIикIкIараб суал. Бицен унеб букIана диниял проблемабазул. Гьадин лъазабуна Гъалгъастаналъул бетIерасул администрациялъул ва хIукуматалъул официалияб сайталъ:

«Субъектазул нухмалъулезул пикруялда тарикъатчагIаздаги цогидал диниял гIаркьелазул вакилзабаздаги тIадаб буго сабру бакIаризе. Цоцазе гIайибал гIунтIизарулеб квещаб гIадат тезе ккола. Нагагьлъун дагIбадул суалал ракканани, кIалъа-басаял тIоритIун, маслихIаталде нухал ралагьизе ккола».

Гьадинаб суал гьокьоб лъей циндаго гьабураб хIукму гурин, гьелъие кьучIги бугин, абизе бегьула тIолабго Шималияб Кавказалда къогоялдаса циIкIун соналда жаниб динияб питна халат бахъунеб заманалда. КъотIи гьабун буго Къураналдеги Суннаталдеги, Накъшбандийа ва Къадирийа тарикъаталдеги данде кколарел диниял гIаркьелал Чачанлъиялда ва Гъалгъастаналда рукIине кколарин абун.

Данделъиялдаса нахъе Рамзан Къадировас абуна чачаназги гъалгъазги цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе бугин гьеб масъала тIубазабизелъун.

ТIасан балагьани, гьеб цIияб проблема гуро. Хасго Дагъистаналъе. РакIалде щвезабизин – гьениб 1999 соналдаса нахъе хIалтIулеб буго «Вагьабия ва цогидаб экстремистикияб хIаракатчилъи» гьукъулеб къанун. ХIаракатчагIаз абулеб буго гьеб къануналъ инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин.

Мисалалъе гьез рачула гIемерал хIужаби гIадамал кьучI гьечIого кквеялда, хIатта чIваялдацин хурхарал. Ахирисеб мехалда Дагъистаналъул низам цIунулез цо чанго гьужум гьабуна республикаялда ругел салафиязул мажгитазде.

Салафиязде тIадтараз тIадецуй гьабулеб буго Чачан республикаялдаги, доба гьадинаб къанун гьечIониги. Гьелъул гIакъсалда Гъалгъастаналда сабруяб бербалагьи буго ракълилал салафиязда. Хасго гьелдаса Рамзан Къадыров разияв гьечIо ва хасго гьеб ккана гьесда ва Юнусбек Евкуровасда гьоркьоб багъарараб дагIба-къецалъе гIиллалъун.

Баккулеб буго суал – Дагъистан республикаялда бугеб къанунияб зулмуищ, Чачанлъиялда билълъанхъизабулеб къуваталъул тIокIлъиищ тIаса бищизе кколеб Гъалгъастаналъ? Амма гьелъие жабаб батизе къасдцин гьабичIо Магасалда букIараб данделъиялъул гIахьалчагIаз.

XS
SM
MD
LG