МагъчIваялъе рес

Чачаназул гIолохъабазул паспортазул къадар цIикIкIунеб буго


​Исламалда жаниб лъугьараб вагьабияб рикьиялда нахъги рилълъун, гIолилал Сириялде рагъизе инчIого рукIиналъе цIияб къагIида ургъун буго Чачан республикаялъул парламенталъ. Гьеб ккола жинда жаниб миллатги, тухумги, динияб рикьиги, устарасухъа босараб вирдги бихьизабураб «рухIияб паспорт».

Вирд босарал чагIи салафияллъун рикIкIунаро, гьелъулъ буго паспорталъул аслияб магIна.

Дагьалъ цебе Россиялъул телеканалалдасан Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас рахIатхвей загьир гьабуна ИГИЛалда гъорлъе арал чачаназул къадар 500 чиясде бахун букIиналадса. Гьезул 200 чи чIван рагIула, 50 чи – рокъове тIадвуссун рагIула, ракI бухIун.

Гьедин – «рухIияб паспорталдалъун» гIолилал ИГИЛалдаса цIуна-къай гьабизе ракIалда буго гьеб республикаялъул нухмалъиялда.

МахIачхъалаялдаса бизнесчи Камалудин МухIамадовасда гьелъулъ пайда цIикIкIун бихьулеб буго.

Камалудин МухIамадов: «Гьеб паспорт кодоб кквезе тIадаблъун гьабураб мехалда лъалаха щивав чи – добе-анибехун гьетIи гьечIев чи бачIинахъего разилъила гьениб хъвай-хъвагIай гьабизе. Республика тун къватIире унел, яги щакаб хьвада-чIвади бугел чагIазе абуни бокьиларо гьеб паспорт кодоб кквезе.

ЭР: «Дуца гьеб кинилан рикIкIунеб: лъикIиланищ, яги квешиланищ?»

Камалудин МухIамадов: «Цо рахъалъ, лъикIин ккола дида. Амма цогидаб рахъ босани, гIадамазда гьоркьоб бичIчIунгутIиги ккезе рес буго. Щибниги дин, яги политика бичIчIуларел чагIазе цодагьаб санагIалъи гьечIолъи кккезе рес буго гьелъул. Гьединал чагIазда бичIчIизабизеги ккелаха щиб гьебали.

Гьединго цоги суал буго гьениб. Киназдаго тIадаблъун гьабулеб батани гьеб паспорт боси, къануналда данде кин гьеб кколебаниха…».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Хунзахъ мухъалдаса Шамиль абурав гIолохъанчияс бицана жив вугин тIарикъатчи, амма вукIаниги, Дагъистаналад гьединаб паспорт билълъанхъизабулеб букIарабани, жинца инкар гьабулаанин гьелдаса. Щайин абуни вирд боси гIицIго Аллагьасе гIоло гьабулеб жо бугила, гIадамазда бихьизабизе гьабуларила. Гьединго бокьараб пачалихъияб документгицин гьересияб гьабизе кIолеб мехалда, гьеб «рухIияб паспортищин» гьабизе кIолареб? Гьединлъидал гьеб гIададисеб пикру бугила («рухIияб паспорт» кодоб кквезаби).

Шамиль: «ГьечIо, хIасил кьезе гьечIо гьелъ. Гьеб хIакъикъияб букIиналда божилъи гьечIо гурищ кинабгIаги? Масала, вагьабиясда кIола гурищ тIарикъатчияс гIадин кIкIван мегежгун хьвадизе, паспорталдаги жив тIарикъатчи вугин вихьизавизе? Динги гIицго Аллагьасе гIло гьабулеб жо буго, вирд босун батаниги, батичIониги. Доба-аниб хъвалеб жойищ гьеб букIунеб? Бокьарав чиясул ихтияр буго жиндирго пикру букIине. ТIокIал жал руго гьарулел. Щив кинали полициялда лъазейин гьабулеб батилаха гьеб, амма гьединан гуребги лъазабизе кIола гурищ полициялда гьеб? Гьезул хIалтIи буго щакаб хьвада-чIвадиялъул чагIи тIатинари. Гьелъухъ гIарац чIалгIадейищ кьолеб бугеб хIукуматалъ гьезие? Гьереси-паспортги кодоб ккун вугони, кисан гьезда чи лъалев – салафиял ратаниги, тIарикъатчагIи ратаниги, теракт гьабулел чагIи ратаниги?

Цойги жо тIаде жубазе бокьун буго гьелда хурхун. Жакъа къоялда чанги чагIи руго жал гIабдалзаби ругилан, хасал документалги кодор ккун (хIукуматалъ кьолеб пенсиялде хьулги лъун). Гьединабго жо хIазе кIола гурищ салафияздаги – полициялъ жал доре-анире цIаларедухъ, жал тIарикъатчагIи ругилан, паспорталги кодор ккун».

ЭР-ялъ гара-чIвари гьабурав чанго экспертасги тIаде жубана Чачаналъ билълъанхъизабулеб гьеб рухIияб паспорталдалъун ццим бахъинабизе бугин салафияб рикьиялъул гIолилазда гьоркьоб. Щайин абуни дин гьабизе бугеб эркенлъиялъе нух къай гIадаб жо кколин гьеб. ТIадежоялъе киналго салафиялги гурин ИГИЛалъул рахъги ккун, Сириялде рагъизе унел ругел.

XS
SM
MD
LG