МагъчIваялъе рес

Дмитрий Песковас - Рамзан Къадировасул баяналда тIасан


Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабуна, Сириялда Россиялъ бачунеб рагъулаб операциялъул хIакъалъулъ бицен гьабизе кколин Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул лъазариял хIисабалде росун.

Гьадинаб гьес абуна Чачан Республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанил рагIабазда тIаса баян гьабулаго.

«Россия-I» телеканалалъе интервью кьолаго, Къадировас абуна террористикияблъун рикIкIунеб ва гIемерал улкабазда гьукъараб «Исламияб пачалихъалъул» кьеразда гъорлъ чачаназул хасаб тIадкъаялъул къукъаялъул рагъухъабиги ругин агентал хIисабалда. Хасго гьез гьабулеб агентуралъулаб хIалтIул хIасилалда Россиялъул авиациялъе икъбалал щолел руго, ян абуна Чачан республикаялъул бетIерас.

«Чачаназул хасаб къукъаялъул гуреб – федералиял къукъабазул бицен гьабизе кколя», - ян абуна Дмитрий Песковас журналистазде.

XS
SM
MD
LG