МагъчIваялъе рес

Цин къан, нахъеги рагьараб такъсир гьабиялъул иш


Лъимер хвеялда бан рагьараб такъсир гьабиялъул иш

МахIачхъалаялда бугеб лъимал гьарулеб кIиабилеб рокъоб, араб соналъул январалда лъимер хвеялда бан рагьараб такъсир гьабиялъул иш къазе хIукму гьабун букIана цIех-рехчагIаз. Хвараб лъимадул улбуз лъимер тохтуразул гъалатIалда хванин рикIкIунеб буго. Гьез Россиялъул президентасухъе кагъат хъван хадуб, Дагъистаналъул цIех-рехчагIаз ишалъухъ цIидасан халгьаби байбихьун буго.

Цебеккун, 2015 соналъул 30 декабрялда, Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялда лъазабун букIана цIех-рехалъул такъсир чIезабиялъе гIурал хIужаби гьечIолъиялда бан Наида КIоселовалъул МахIачхъалаялъул КIиабилеб лъимал гьарулеб рокъоб лъимер хвеялда бан рагьараб такъсир гьабиялъул ишалда хурхун цIех-рех къалеб бугин.

Такъсирияб ишалъул материалазда бихьизабухъе, 2015 соналъул 8 январалда унтун лъугьун Наида Коселова ячун ячIун йиго МахIачхъалаялда бугеб кIиабилеб лъимал гьарулеб рокъое. Цереккун гьарурал халгьабияз ва УЗИялъ бихьизабун буго кинабго лъикI бугин ва лъимер гьабизе заман тIаде щун букIин, нахъияб къоялъ, 9 январалъул къаси гьелъие хвараб лъимер гьабун буго.

Тохтур Татьяна Мусаевалъ лъазабун буго кесаревасул операция гьабиялде ккезе бегьулин. Гьей Мусаева йикIун йиго гьеб къоялда дежурнияй тохтурлъун. ЧIужу лъимал гьарулеб рокъое щвезайидал, бихьулеб букIанала гьелъул хIал хисулеб букIин, квешлъулеб букIин. Амма Мусаевалъ абунила, гьелъул хIал ликIаб бугин ва лъимер гьабизе гьелда жиндаго кIвелин, кесаревасул операция къваригIине гьечIилан ракIалде щвезабулеб буго хвараб лъимадул эмен Къурбан ИсхIакъовас.

Дагъистаналда цебеккун гьабун букIинчIеб лъимадул къаркъала ссузе разилъун вуго. Гьес абулеб букIана жинца гьеб иш рагIалде бахъинабизе бугин, цогидал улбузде гьединаб къварилъи бачIинчIого букIине, амма гьесда гIемерал квекIенал дандчIан руго. Гьеб такъсиралъул иш цин гIицIго моцI лъимер хун байдал гурогон рагьичIин ЦIех-рехалъул идараялъ, лъимер хвеялъул хIужа батизе кIолеб гьечIин абун гIилла бачунеб букIанила гьезин баян гьабуна ИсхIакъов Къурбаница «Эркенлъи» радиоялъе.

Къурбан ИсхIакъов: « ТIубараб моцIалъ цIех-рехчагIаз балагьулеб букIана лъимер хун букIиналъул хIужа, амма гьелдаса цебе гьелго цIех-рехчагIаз направление кьун битIун букIана лъимадул жаназа ссузе, экспертиза тIобитIизе. МоцI араб мехалъги гьез иш рагьулеб букIинчIого адвокатги ккун гьеб рагьизабуна.

ТIоцебего гьабураб экспертизаялъ бихьизабуна лъимер кислород гIечIогон хун букIин, хадубго Дагъистаналъул экспертазул къокъаялъ гьабураб экспертизаялъ чIезабуна тохтуралзда щибго гIайиб гьечIин, гьезул гIайибалда хвараб кколарин лъимер.

Гьелдаса хадуб Росздравнадзоралъ гьараб экспертизаялъ бихьизабуна тохтуразул ишал ритIарал рукIинчIолъи, гьеб ахIвал-хIалалда ва гьезда цо буIта гIайидалъу букIин. Гьеб хIасилалда дун рази вукIинчIо. Гьелдаса хадубги дица тIалаб гьабуна Ростовалда экспертиза гьаби, амма гьезул жаваб бачIунарогон бана бащдаб лъагIалидаса цIикIкIун заман.

Гьанже гьенисан бачIана жаваб, тIубанго Дагъистаналда гьабураб халгьабиялъул хIасилазда релълъараб, тохтуразда щибго гIайиб гьечIилан абун».

Къурбан ИсхIакъовас баян гьабуна, жиндир сурсатал ва рес гьечIин хадубккун гьеб системаялде данде къеркьезе. Амма ритIухълъи чIезабичIого тезе рес букIинчIила, гьединлъидал, Улкаялъул цIех-рехалъул нухмалъиялде ва Россиялъул президентасул цIаралда хъванила кагътал. Гьезул хIассилги кканила. Гьедин, гьаб соналъул январь моцIалъул ахиралда Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъ цIидасан байбихьун буго гьеб ишалъул халгьаби. Ишалъухъ халгьабулеб бугила МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул ЦIех-рехалъул бутIаялда.

Цебеккун, Росздравнадзоралъ гьабураб халгьабиялъ бихьизабун букIараб тохтуразул гъалатI букIин гьел гIайибияллъун ругин абулеб жо кколарин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялда. Гьеб заманаялда, ИсхIакъовасул лъади, тохтураз кколеб куцалда дару-сабаб гьабичIогон нахъе йитIун йикIиналъ азарханаялдаса, гIемераб дару-сабаб гьабизе ккун буго Дагъистан тун къватIиб.

Къурбан ИсхIакъов: «Дир чIужу, гьеб азарханаялдаса йиччараго жеги унтун йикIана ва ниж ине ккана Ростовалде гьелъие дару-сабаб гьабизе, гьелда тIадеги, тIубараб къоялъ лъимер гьабизе кIоларогон йикIиндал, гьелъул беразде хIалккун, канлъукълъи лъугьана гьелъул ва Уфа шагьаралде ун, гьениб чанго беразе операция гьабизеги ккана.

Гьеб заманалда, гьеб киналъего гIайибиял тохтуразе шибго тамихI гьабичIо, гIицIго цо тохтур цогидаб хIалтIуде ячун йиго, Мусаева абуни шагьаралда ругел хIукуматалъул гурел поликлиникабазда хIалтIулей йигин рагIана дида».

Гьанибго абизе ккола, Дагъистаналда цереги рагьун рукIана лъимер хвеялда бан такъсир гьабиялъул ишал, амма гьел рагIалде рахъун гьечIо.

XS
SM
MD
LG