МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда ккараб ГIабдулатIиповас къалмиде босун буго


МухIмадова Узлипатил эбел
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:20 0:00

МухIмадова Узлипатил эбел

Хасавюрталъул лъимал гьаруле азарханаялда араб соналда кколеб кумек гьабичIого инвалид лъугьарай МухIмадова Узлипатил эбелалъ абулеб буго жидер ишалда сверун жеги такъсир гьабиялъул иш рагьун гьечIин ва гIарац босун жидеца рекъел гьабунин абураб гьереси бугин.

Хасавюрталъул лъимал гьарулеб азарханаялда чIужу-гIадан хвеялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъ. Гьебго заманалда, лъагIел данде щваниги такъсир гьабиялъул иш рагьулеб гьечIин жидер ясалъул лъимер хвеялда ва гьей инвалид гьайиялда банилан абулеб буго араб соналда гьебго азарханаялда лъимер хварай ясалъул эбелалъ.

4 февралалда Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъ лъазабуна Хасавюрталда бугеб лъимал гьарулеб азарханаялда лъимер гьабурай гIадан хвеялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьун бугин. Иш рагьун буго тIадаб хIалтIи кколеб куцалда гьабичIолъиялъул хIасилалда зарал ккун букIиналда бан.

Цебеккун, хваралъул гIагараз лъазабуна жидеца анкьил заман кьолеб бугин гIайибийал тамихIалде цIазе, гьеб заманалда жидер тIалаб тIубачIони, жал нахъеги ракIаризе ругин, дагьабги кIудияб къадар гIадамазул бакIарун, нухал къазе ругилан.

Хваралъул яс, ГIайшаца федералиял каналазе баян гьабуна, жидер эбел Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ тIибитIизабулеб баяналда хъвавухъе захIматаб хIалалда йикIинчIин. Гьелъул кIалъай хъвараб вотсаппалда тIибитIизабулеб бугеб видеоялда гьадин бицунеб буго ясалъ.

ГIайша: «Гьез абулеб буго, нижер эбел захIматаб хIалалда йикIанин, амма гьеб гьедин букIинчIо. Гьей рокъой йелъа-йохун йикIана, гьелъул гьаюраб къоялъ, 24 январалда ячана гьей азарханаялде. Нижеца абулеб букIана гьей цо кIиго къоялъ йегун тейилан, амма кинабго лъикI бугилан абун, гьей рокъое йитIана азарханаялдаса. Лъимал гьарураб къоялъ нижехъе ункъгIалалъ ахIун бачIана васги ясги гьаюнин, кинабго лъикI бугилан. Нижги кинабго лъикI батиилин рукIана».

Хваралъул рос Рамазаница бицухъе, нахъияб къоялъ радал гьелие нахъеги операция гьабизе кканин ахIун буго ва цо хIажатаб дару, коагил босизе кколин абун буго. Гьеб босизе Чачан республикаялде ун вуго гьев, амма дару бачIаниги гьей хвасар гьаюн гьечIо.

Митингалда гьединго гIахьаллъана 9 моцIалъ цебе, гьебго ахзарханаялда лъимер хун ва тIончIорукъ нахъе босарай Узлипат МухIамадовалъул эбел Айгьанат МухIамадова. Цебеккун, гьез лъазабун букIана жидерго щибго тIадкIалъай гьечIин гьеб бакIалъул хIалтIухъабаздехун. РукIана харбал гьезие тохтураз гIемер гIарац ва квартира кьун бугин, яс Германиялде сах гьайизе йитIун йигилан. Амма Айгьанатица ва ясалъул якьадалъ лъазабуна гьеб гьереси бугилан. ЛъагIел данде щолеб бугила жидер ясалъул лъимер хвеялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьуларого бугелдаса.

Айгьанат МухIамадова: «Кинаб букIаниги нижер тIалаб тIубачIо, гIарацги кьечIо нижее, нижее гьединго лъимер хванилан справкацин кьолеб гьечIо. Руго харбал, нижее квартира щванин, амма гьеб кинабго гьереси буго. Дица жеги-жеги тIалаб гьабизе ккола дирго ясалъул, гьей жеги тIуян сахлъун гьечIо. ГьабсагIатги, гьез нижеда абулел рукIарал жал абулел руго, щибго жо хисичIогон. Цого жо буго бицунеб Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъги. Гьаб азархана буго гьезул кваналеб бакI. Гьале, ичIго моцI ана, амма жеги дир ясалъул лъимер хвеялъул хIужа тасдикъ гьабулеб кагъат щвечIо дихъе, диваналдасан тIалаб гьабуниги».

Узлипат МухIамадовалъул якьадалъ абулеб буго, жидее гьел тохтурал хIалтIудаса нахъе ритIи гурин хIажат букIараб, жидее гьел диваналде кьей хIажат букIанин. Жакъа къоялдеги, ясалъе сакъатлъи чIезабун пенсия бахъизе документалцин кьолел гьечIила жидехъе.

4 февралалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас жиндирго Instagramалда хъвана гьеб азарханаялда ккаралда хадуб жинца халккун бугин ва кIвар буссинабулеб бугилан. Гьединго республикаялъул нухмалъулес ахIана протесталъулал ишал гьаричIогон теялда ва рокьукълъи бижизабиялде буссинабичIогон тезе гьеб лъугьа-бахъин.

XS
SM
MD
LG