МагъчIваялъе рес

Тохтуразул иргадулаб  гъалатIалъ гIадамазул сабур лъугIизабун буго


Хасавюрталда митингалде ракIарарал ва полициял, 3Фев2016
Хасавюрталда митингалде ракIарарал ва полициял, 3Фев2016

Лъабабилеб февралалъ радал сагIат ичIго тIубалелдего ракIаризе лъугьана Хасавюрталда бугеб лъимал гьарулеб азарханаялъул рагьде гIадамал.

Хасавюрталъул лъимал гьарулеб азарханаялда 34 сон барай Далиева Залина хвей ккана гьениб арбагI къоялъ митинг бакIариялъе гIиллалъун. Гьелъул гIагаразул пикруялда рекъон, гьей хун йиго тохтуразул гIайибалдалъун. РакIарараз тIалаб гьабулеб букIана гIайиб бугел жавабчилъиялде цIазе. Жидер эбел тIадюссинаейин ахIулеб букIана Далиевалъул ясалъ. Жал гьелъул анлъабго лъимер гьелда хадур хIакъдилел ругин. Гьеб тIоцебесеб хвел гуро кколеб бугеб Хасавюрталъул гьеб лъимал гьарулеб азарханаялда.

Лъабабилеб февралалъ радал сагIат ичIго тIубалелдего ракIаризе лъугьана Хасавюрталда бугеб лъимал гьарулеб азарханаялъул рагьде гIадамал. Митинг тIобитIиялъе гIиллалъун ккун буго 29 январалда азарханаялда кесарево операция гьабулаго 34 сон барай Залина Далиева хвей. Далиевалъул кIиго цадахъ гьабураб лъимер чIаго хутIун буго, кIиябго лъимер жеги азарханаялда буго. Гьей тохтуразул гIайибалда хварай йигин, операция гьабулей йикIарай ва бетIерай тохтур тамихIалде цIайин тIалаб гьабулеб букIана ракIарараз. Дагь-дагьккун митингалда ракIараразул къадар цIикIкIана ва азариде бахана. РакIарараз «ЧIвадарухъаби, чIвадарухъаби!», -йилан ахIулеб букIана. Митингалда ракIарарал нахъе рачахъизе рачIана чанго «Урал» автомашина цIурал низам цIунулел. Гьез нахъе къазарулел рукIана хварай Залина Далиевалъул нахъе хутIарал лъимал, митингалда кодор плакаталги ккун рукIарал. КIудияй яс ГIайшаца ахIулеб букIана, жидер эбел тIадюссинайейилан. Хваралъул нахъе хутIун руго анлъго лъимер. Далиевазул хъизан кколеб буго Чачанал.

ГIайша: « Гьез чIвана нижер эбел. Ниж, анлъго лъимал тана эбелги гьечIогон. Нижее квеш бугеб куц Аллагьасда лъала. ГIарац тIалаб гьабулеб букIун буго гьелъухъа. Гьенже гьейги хвезаюн рахчун чIун руго, тохтурал.КидалъагIан хIинкъун рахчун нуж рукIинел».

Хваралъул рос Рамазан Далиевас баян гьабухъе, гьезухъе тIоцебесеб февралалъ Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялдаса вакилзаби рачIун рукIун руго рокъоре ва гIайибиязе кьварараб лъазаби гьабизе рагIи кьун буго, хадубккун суал диваналдасан тIубайилан абун. Митингалда ракIарараз гьедино ахIулеб букIана гьеб тIоцебесеб лъугьа-бахъин гурин, лъимал гьаризе регарал руччаби тохтуразул гIайибалда гьеб ахарханаялда холел. Гьелда тIадеги, регараб бакIалъухъцин гIарац тIалаб гьабулеб бугин тохтураз.

Митингалъул гIахьалчIужу: «ГьабсагIатги гьений йегун йигей, Кесарево операция гьабурай ясалъухъа гIарац тIалаб гьабулелеб буго 12 азарго гъурущ. Гьебжо гьабсагIат лъугьунеб жо буго. Гьелда тIадеги йегараб бусадухъцин гIарац тIалаб гьабулеб буго. Гьезие ургъел гьечIо, гьанир нилъ ракIарун рукIиналъул. КидалъагIан гьеб хIехьелеб, чан чIужу жеги хвезе кколел гьел гIадамал тамихIалде цIазе рукIине. Нилъ кирего инчIого тIалаба гьабизе ккола гьеб тамихI».

Далиева Залина
Далиева Залина

Бакъанидехун, азарханаялде вачIана Сахлъи цIуниялъул министерлъиялдаса вакил. Гьебго заманалда, гьениб ахIвал-хIал хIалуцунеб букIиналъ ва ОМОНалъул хIалтIухъабаз сверун ккун гурого гIадамал ккун бажарулеб букIинчIолъиялъ, лъимал гьаризе регарал руччаби азарханаялдаса къватIире риччана. Гьел Гъизилюрталъул лъимал гьарулеб рокъоре ритIун руго. Гьединго риччана къватире чанго хIалтIухъаби. Азарханаялъул бетIерай тохтур Алжанат ХIажиева ва чанго хIалтIухъаби гьенирго руго. РакIарараз ганчIал рехун жагъал гьарун руго чанг нуцIа ва горду. Гьединго рекну руго гордал гьарурал лъимал жанир ругел палатаялъул. АхIвал-хIал цIакъго хIалуцунеб букIин бихуьн, хваралъул гIагарлъиялъ гьарана рикьа-риххейилан гIадамазда, амма гьезухъ гIин тIамулеб букIинчIо ракIарараз. ГIадамазул ццим бугин, тохтураздайин ахIулеб букIана гIаламалъ, гьел халкъияб диван тIад гьабизе кьезе кколин къватIире.

Гьанибго абизе ккола, араб соналда гьебго азарзанаялда гьабураб лъимер хун ва тIончIорукъ нахъе босун букIана МухIамадова Узлипатил. Тохтуразул гIайиб букIанин гьенибин чIезабулеб букIана гIагарлъиялъ, амма хадубккун гьез жидерго рагIаби нахъе росана, тохтурал хIалтIуда хутIана. Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ кьураб официалияб баяналда, Далиева Залинал унтул хъвай-хъвагIаял ва киналго кагътал ритIун руго экспертизаялде. Хасал экспертаз халгьаби тIобитIун хадуб гIайибиял тIатинарун, тамихIалде цIазе ругин лъазабулеб буго баяналда.

XS
SM
MD
LG