МагъчIваялъе рес

Къурбан ИсхIакъов: «Дица Алагьасде тIамун толеб буго…»


МахIачхъалаялда бугеб лъимал гьарулеб кIиабилеб рокъоб,  араб соналъул  январалда лъимер хвеялда бан рагьараб такъсир гьабиялъул иш  къазехъен буго цIех-рехчагIаз. Хвараб лъимадул улбуз лъимер тохтуразул гъалатIалда хванин рикIкIунеб буго, амма цIех-рехчагIаз ишалъе гIурал хIужаби гьечIин чIезабулеб бугила. Гьелда тIадеги, лъимал гьарулеб кIиабилеб рукъалъул нухмалъиялъ  лъимер хвараб ИсхIакъовазул хъизам диваналде кьезехъен буго, жидеде бугьтан лъунилан.

Такъсирияб ишалъул материалазда бихьизабухъе, 2015 соналъул 8 январалда унтун лъугьун Наида Коселова ячун ячIун йиго МахIачхъалаялда бугеб кIиабилеб лъимал гьарулеб рокъое. Цереккун гьарурал халгьабияз ва УЗИялъ бихьизабун буго кинабго лъикI бугин ва лъимер гьабизе заман тIаде щун букIин, нахъияб къоялъ, 9 январалъул къаси гьелъие хвараб лъимер гьабун буго.

Тохтур Татьяна Мусаевалъ лъазабун буго кесаревасул операция гьабиялде ккезе бегьулин. Гьей Мусаева йикIун йиго гьеб къоялда дежурнияй тохтурлъун. ЧIужу лъимал гьарулеб рокъое щвезайидал, бихьулеб букIанала гьелъул хIал хисулеб букIин, квешлъулеб букIин. Амма Мусаевалъ абунила, гьелъул хIал ликIаб бугин ва лъимер гьабизе гьелда жиндаго кIвелин, кесаревасул операция къваригIине гьечIилан ракIалде щвезабулеб буго хвараб лъимадул эмен Къурбан ИсхIакъовас.

Дагъистаналда цебеккун гьабун букIинчIеб лъимадул къаркъала ссузе разилъун вуго. Гьес абулеб букIана жинца гьеб иш рагIалде бахъинабизе бугин, цогидал улбузде гьединаб къварилъи бачIинчIого букIине, амма гьесда гIемерал квекIенал дандчIан руго. Гьеб такъсиралъул ишцин гIицIго моцI лъимер хун байдал гурогон рагьичIин ЦIех-рехалъул идараялъ, лъимер хвеялъул хIужа батизе кIолеб гьечIин абун гIилла бачунеб букIанила гьезин баян гьабуна ИсхIакъов Къурбаница «Эркенлъи» радиоялъе.

Къурбан ИсхIакъов: « ТIубараб моцIалъ цIех-рехчагIаз балагьулеб букIана лъимер хун букIиналъул хIужа, амма гьелдаса цебе гьелго цIех-рехчагIаз направление кьун битIун букIана лъимадул жаназа ссузе, экспертиза тIобитIизе. МоцI араб мехалъги гьез иш рагьулеб букIинчIого адвокатги ккун гьеб рагьизабуна. ТIоцебего гьабураб экспертизаялъ бихьизабуна лъимер кислород гIечIогон хун букIин, хадубго Дагъистаналъул экспертазул къокъаялъ гьабураб экспертизаялъ чIезабуна тохтуралзда щибго гIайиб гьечIин, гьезул гIайибалда хвараб кколарин лъимер. Гьелдаса хадуб Росздравнадзоралъ гьараб экспертизаялъ бихьизабуна тохтуразул ишал ритIарал рукIинчIолъи, гьеб ахIвал-хIалалда ва гьезда цо буIта гIайидалъу букIин. Гьеб хIасилалда дун рази вук1инчIо. Гьелдаса хадубги дица тIалаб гьабуна Ростовалда экспертиза гьаби, амма гьезул жаваб бачIунарогон бана бащдаб лъагIалидаса цIикIкIун заман. Гьенже гьенисан бачIана жаваб, тIубанго Дагъистаналда гьабураб халгьабиялъул хIасилазда релълъараб, тохтуразда щибго гIайиб гьечIилан абун».

Гьеб экспертизаялъул хIасилазда тIасан цIех-рехчагIаз хIукму гьабун буго иш къазе. Къурбан ИсхIакъовас абулеб буго жиндир сурсатал ва рес гьечIин хадубккун гьеб системаялде данде къеркьезе. Гьеб лугьа-бахъиналъ жиндир тIубан ракIчIанила, гьаниб ритухълъиялъул махIцин гьечIолъиялда. Адвокат ккун хадубккун иш халат бахъинабизе жинда кIоларила, амма азарханаялъул нухмалъиялъ жив диваналде кьунани гьелдаги жинда щибго гьабизе кIоларин бицана гьес.

Къурбан ИсхIакъов: «Дир чIужу, гьеб азарханаялдаса йиччараго жеги унтун йикIана ва ниж ине ккана Ростовалде гьелъие дару-сабаб гьабизе, гьелда тIадеги, тIубараб къоялъ лъимер гьабизе кIоларогон йикIиндал, гьелъул беразде хIалккун, канлъукълъи лъугьана гьелъул ва Уфа шагьаралде ун, гьениб чанго беразе операция гьабизеги ккана. Гьеб заманалда, гьеб киналъего гIайибиял тохтуразе шибго тамихI гьабичIо, гIицIго цо тохтур цогидаб хIалтIуде ячун йиго, Мусаева абуни шагьаралда ругел хIукуматалъул гурел поликлиникабазда хIалтIулей йигин рагIана дида».

Жиндир мисал кколеб бугин мисаллъун гIадатияв чи, нилъер ругел къануналгун системаялда данде къеркьон бажарунгутIиялъул, ккаралде бералги къанщун чIанани гуронийилан абулеб буго ИсхIакъовас.

Къурбан ИсхIакъов: «Дир хIалбихьиялъухъ балагьун абунани, щибго магIна гьечIо тохтураздасан гIарз гьабиялъул, цIуну-къаялъул идарабазда гIицIго иш цуцазухъе кьун гурого кколеб куцалда цIех-рех бачун бажаруларел хIалтIухъаби рукIаго. Дир ресги бажариги гьечIо, гьел тохтуразул гIадин, кIи-кIи адвокатал кквезе. Нилъер гIадинал къанунал гIумруялде рахъинаригун кидаго ритIухълъи букIинаро, дида гьеб бихьана кинабго жанисан. Дица Аллагьасде тIамун толеб буго гьеб».

ИсхIакъовасул хъизамалда тIаса льугьаян гьериялъул бакIалда, уголовияб иш къазехъен букIин лъайдал, МахIачхъалаялул кIиабилеб лъимал гьарулеб рукъалъул нухмалхиялъ жидер цIар хвезабиялъухъ ва бугьтанал лъеялъухъ ИсхIакъовасда тIасан диваналде кьезе гIарза хIадурулеб буго. Гьединго ИсхIакъовас бицана азарханаялъул хIалтIухъабаз харбал риччалел ругин жинца хвараб лъимадухъ 600 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб букIанилан абун.

XS
SM
MD
LG