МагъчIваялъе рес

Лъимер хвеялъе гIайибиял тохтурзабазе тамихI гьабизехъин буго


Исана марталда Каспийскалъул азарханаялда лъабго сон бараб лъимер хвеялда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун буго цIех-рехчагIаз. Тохтурзабаз заманалда букIине кколеб кумек гьабичIолъиялъ хванин гьеб лъимер, гьеб лъугьа-бахъиналъе гIайибиязе тамихI гьабизабичIого тезе гьечIин жидецайилан лъазабулеб буго хвараб лъимадул эбел-инсуца.

16 июлалъ Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ такъсиргьабиялъул иш рагьун буго исана марталда Каспийскалъул азарханаялда лъимер хвеялда бан. Гьеб лъимер хвеялъул гIайиб тохтурзабазда бугин рикIкIунеб буго хварав лъабго сон барав васасул гIагарлъиялъ.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъе гьесул эбел Исламова Дианаца бицун букIахъе къаси кьижараб бакIалда унтун лъугьун вуго гьелъул вас, квешаб, хIапдолеб гIадаб хъегIиги, бахараб цIа-канги букIун буго гьесул.

Рокъор кьурал дарабаз кумекги гьабичIого хехаб кумек ахIун буго гьелъ, амма нужехъе битIизе автомобиль гьечIинги абун кумек гьабизе инкар гьабун буго гьезги. Жиндирго бажариялдалъун азарханаялде щвараб мехалдаги жиндихъги унтун холеб бугеб лъимадухъги гIинтIамичIин гьенибилан бицун букIана Дианаца.

Гьелъул рагIабазда рекъон жиндир вас холев вугин кумек гьабейилан гьей ахIдезе лъугьараб мехалда, цин гьелъул васасул бахунеб унти бугин, гьесие къваригIунел дараби гьечIин абун азарханаялъул цояб бутIаялдаса цойгиялде ритIулел рукIун руго гьел.

ЗахIматаб хIалалда вугониги, гьез кьурал дарабазги кумек гьабулеб гьечIолъи бихьаниги тохтурзабаз унтарал регулеб рокъоре жалги ритIун, тIокIаб гIинго тIамичIилан, гьел кьижун рукIанила, медсестраги жидеде регIун йикIинчIилан абулеб буго Диана Исламовалъ.

Гьедин къаси 8 тIубаралдаса радакь 5 тIубазегIан азарханаялда букIине кколеб кумек щвечIолъиялъ гIанкъун хун вуго гьелъул лъабго сон барав вас. Гьев хун хадуб тохтурзаби Дианада гIайибал чIвазе лъугьун руго. Гьез жидедаго гIайиб бугин рикIкIунебго букIун гьечIо. Дуца гьев цIакъго кватIун вачIанин азарханаялде вачун, гьедин захIматго унтарав чи рокъов сах гьавизейищила хIалал рихьулелин абун тIаделъун руго гьел васасул эбелалде.

Гьев хун хадуб, гьеб сордоялъ хIалтIуда вукIарав гIицIго цохIо реанимациялъул тохтур ун вуго жиндиего бокьун азарханялдаса нахъе. ХутIарал церего гIадин хIалалъ хIалтIулел рукIун руго.

Дианаца абулеб букIана гьел чагIи жидеда ккараб гIайибалъе мукIурлъун рукIаралани ва жалго хIалтIудаса нахъе ун рукIаралани жиндица уголовияб тамихI гьабейин гьезиейилан лъазабилароанилан, амма гьезул нич бахъиялъ ва жидедаго ракIчIеялъ ццин бахъинабун хъванила жиндица гьезда тIасан гIарзилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Диана Исламова: «Дица гIарза цохIо прокуратураялдеги, цIех-рехалъул идараялдеги гурониги, страхование гьабулеб фондалдеги, сахлъикьеялъул министерлъиялдеги, Дагъистаналда йигей лъималазул ихтиярал цIунулей Интизар Мамутаевалъухъеги, бажараралщинал идарабазде хъвана. Гурони гьеб иш гьоркьоб инабизехъин букIана гьеб азарханаялъул нухмалъиялъ. Гьезие гьеб ахIи-хIур къваригIун букIун батилищха.

Марталъ хвана дир вас гьеб мехалдаго абун букIана гьез гьев хвеялъе гIайибияв щивали чIезабизе бугила жидеца, гьев хIалтIудаса нахъе гьавизе вугилан. Щив гьез чIезавулев, щивниги гьавуларо, гьезие заман инабизе къваригIун буго. Гьезда ккун батила гьоркьоб заман ун хадуб дунги гIодой йиччалин, гьеб ишги гIадамазда кIочон телин абун.

Гьезул цIех-рехал къваригIун гьечIо гьеб бакIалда, цIар-цIарккун рицана дица гьеб сордоялъ хIалтIуда рукIарал ва дир васасе кумек гьабичIел тохтурзабазул цIарал. Щайха гьезие гIадлу гьабулареб? Щай гьел жаваб кьезе тIамуларел азарханаялъул нухмалъиялъги сахлъикьеялъул министерлъиялъги? Щай гурелъул гьезие хварав дир васасулги цойгидал лъималазулги ургъел гьечIогоха. Гьезие цохIо жидер азарханаялъул квешаб цIар иналъул ургъел буго.

БетIералдаго гьез жидеда гIайибги кканин абун, гIадамазул нухда рилълъун рукIаралани дица гьабщинаб ахIи-хIур бахъинабулароан. Жидедаго бугеб гIайибалъеяли щай гурин гьел тохтурзаби мукIурлъиларел, дун гIайибияй гьайизе, инжит гьайизе лъугьана гьел.

Гьанже дун гIодое йиччазе гьечIо, дица гьел букIине кколедухъ тамихIалде цIазаризе руго. Хваралъуса дир вас вахъинаро, амма тIокIаб гьединаб лъугьа-бахъин ккечIого букIиналъе кIвараб хIаракат бахъизе буго дица. Гьел гIадал тохтурзаби тIокIал киданиги хIалтIун бажарулареб хIал гьабизе къваригIун буго дие».

ЦIех-рехалъул идарабаз баян гьабулеб гьечIо гьеб такъсиргьабиялъул ишалде гъорлъе чан тохтур ккун вугевали, амма гьеб ишалъе гIайибиял рукIин чIезабурал тохтуразе къануналъ киданиги жидерго пишаялда рекъон хIалтIизе рес кьезе гьечIин баян гьабулеб буго гьез.

Тохтурзабаз жалго гIайибиял ругин рикIкIинчIониги Каспийскалъул азарханаялъул бетIерав тохтур Жамалудин МухIамадгIалиев жиндирго хIалтIухъабазда Диана Исламовалъул вас хвеялъул гIайиб букIиналъе мукIурлъулев вуго.

«Аргументы и Факты» газеталъе кьураб баяналда гьес лъазабулеб буго гьеб ишалъе гIайиб букIиналда щаклъи бугелщинал тохтурзаби, цIех-рех лъугIизегIан хIалтIудаса нахъе гьарун ругилан. Гьезда гIайиб чIезабуни гьел азарханаялдаса тIубан нахъе реххизеги ругилан.

Тохтурзабазул гIайибалдалъун Дагъистаналда лъагIалида жанир хварал лъималазул мухIканал баянал кьолел гьечIо цохIониги сахлъицIуниялъул идараялъ. «Эркенлъи» радиоялъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда тохтурзабазул гIайибалдалъун гъоркьисал ва исана Дагъистаналда хун буго дагьалдасан 6 лъимер.

МухIанго гьединал баянал щвеялъе квалквал гьабулеб буго буго гIемерисел гIадамаз гьединал лъугьа-бахъиназул къватIиб лъазабунгутIиялъ. Гьединго нижер баяназда рекъон ахирал саназда Дагъистаналда лъимер хвеялъе гIайибияв цохIониги тохтурасе уголовияб тамихIги гьабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG