МагъчIваялъе рес

Рогьоялдаса хIинкъун рукIарал дагьалги цIакъ сурана


Рехун тараб лъимер
Рехун тараб лъимер

Гьавурабго къоялъ жиндирго ясалъул лъимер Хасавюрталда Дилималъулилан абулеб сверуда къотIнов реххун тарай Казбек мухъалдаса 48 сон барай гIадан ккун йиго республикаялъул къуваталъул идарабаз.

Гьез гьей гIаданалъул цIар бицунеб гьечIо, «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал мухIканал гурел баяназда рекъон гьелда цIар буго ГIалиева Аминат. Россиялъул къануналъул гIадан захIматаб ахIвал-хIалалда реххун тейилан абураб бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго гьелда тIад. Къануналда рекъон гьей цо лъагIалиде щвезегIан туснахъ гьайизе бегьула.

Гьелъ къад къоялъ къотIноб лъимер реххун толеб куц бахъун буго къватIир рукIунел видео камерабаз. Гьез бихьизабулеб буго гьелъ цIураб кIудияб чIегIераб къвачIа гIодобе нухлул ракьанда лъолеб. АскIосан унев чиясда лъимадул гьаракь рагIун, гьес нахъе бачун буго гьеб. Гьаб сагIат гьев вас Хасавюрталъул азарханаялъул реанимациялда вуго. Ригьнада гьечIей ясалъ гьеб лъимер гьабураблъи бахчизелъун, гьей суричIого йикIине щвезабун букIанила гьеб лъимер къотIнобейилан лъазабун буго гьей гIаданалъ цIех-рехчагIазда.

Гьебго Хасавюрталда 2014 соналъул риидал кьищни-къул реххулеб бакIалда аскIоб ракьуде реххун ватун вукIана гьединго гьанжего-гьанже гьавурав вас. ЗахIматаб хIалалда вукIарав гьев вас тохтурзабаз кумек, хъулухъ гьабун сахлъана.

Гьев лъица реххун таравали чIезабун бажаричIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан Темирбегов Расулица. Гьесул баяназда рекъон ахирал саназда лъагIалида жаниб цо-яги кIиго лъугьа-бахъин кколеб буго улбуз жидерго лъимал хвезарурал. ЗахIматаб ахIвал-хIалалде лъимер реххун тараб 3-4 ниги хIужа букIунеб буго.

Дагъистаналда лъагIалида жанир чан лъимер реххун тарабали мухIканаб статистика «Эркенлъи» радиоялъухъе щвечIо. Амма республикаялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул тIубан мухIканал гурел баяназда рекъон ахираб заманалда, лъагIалида жаниб реххун тарал лъималазул къадар 50 ялдегицин бахине бегьулеб буго. Амма 10 гурони гьединаб хIужжа ккечIеб заманги букIун буго, масала 2011 сон букIун буго гьединаб.

Гьел лъималазул 95 процент шагьаразда реххун толел руго. Гьеб статистика мекъаб букIунилан бицана «Экренлъи» радиоялъе цебе МахIачхъалаялъул цо мухъалъул администрациялда бесдал ва реххун тарал лъималазул тIалаб-агъаз гьабулеб бутIаялда хIалтIулей йикIарай Эльмираца.

Гьелъул гьариялда рекъон цIар хисизабун буго нижеца. Гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана МахIачхъалаялда гьедин улбуз реххун тарал лъимал лъимал гьарулеб рукъзабазул хIалтIухъабаз ричулилан. Гьединлъидал реххун тарал лъималазул хIакъалъулъ хIакъикъиял баянал кидаго гурила гьез кьолелилан. Гьел такъсириял ишазул хIакъалъулъ Эльмирада лъайдал хIалтIудаса нахъе реххун йиго гьей ва кIалги данде бачун йикIайилан хIинкъиги кьун буго гьелъул нухмалъулес.

Эльмира: «Лъимал гьарулеб рокъоб реххун тараб сахаб лъимер бугони гьез бичула гьеб. Хьихьизе бачине лъимер бокьарал гIемер гIадамал рукIунелъул. Къануналда рекъон гьездехун гIемерал тIалабал рукIуна, лъагIалабаз ракIаризе ккола документал, гьединги социалиял хъулухъазда гьел гIадамазда чIвазе багьана батула.

Гьединлъидал лъимал гьарулеб бакIалъул хIалтIухъабазулгун ригьтIаго къотIи-къайги гьабун, гьезие гIарацги кьун гьеб лъимер бачине бокьарай гIаданалъ жинцаго гьабунила гьебилан абун документалги хIадурула гьез, гьедин ричула лъимал. Гьанже дида кигIан гьез тIалаб гьабулебали лъаларо, амма дун хIалтIулеб мехалда чанго соналъ цебе 400 000 гъурущ кьезе кколаан гьез.

Цойги къагIидаги букIуна гьениб. Масала лъимадаса инкар гьабизе ракIалда бугей къинай гIаданалъулгун ва лъимал гьарулеб бакIалъул хIалтIухъабазулгун къотIи гьабула гьеб лъимер бачине бокьарай чIужуялъ. Гьел кIиялго цадахъ лъимал гьарулеб бакIалде рачIуна, лъимер бачине бокьаралъул документазда рекъон лъимер гьабизе йигейги къабул гьаюла гьений, гьеб лъимерги гьеб хьихьизе бачине бокьаралъул букIинарищха».

Гьедин гъоркьисала Хасавюрталдаса чачаналълъе лъимал ричулел рукIун кIиго хасалюрталъулай тIад ккун йикIана ФСБялъул хIалтIухъабаз Грозныялда. Гьез васасухъ 500 000 ясалъухъ 350 000 гъурущ босулеб букIун буго. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун гьабулеб цIех-рех жеги рагIалде бахъун гьечIо.

XS
SM
MD
LG