МагъчIваялъе рес

МацIал лъаларел лъимал гIезе рес буго


КъватIисел пачалихъазул мацIазе ахир лъезе рес  буго Россиялъул школазда.

Школазда къватIисел пачалихъазул мацIал малъи нахъе бахъизе бегьула кватIичIого. Гьеб пикруялъул рахъ ккуна Владмир Путиница, 23 декбаралда Лъай кьеялъул суалал гьоркьоб лъураб Пачалихъалъулаб Шураялъул данделъиялда. Кинаб бугеб гьелда тIасан жалго мугIалимзабазул ва цогидазул пикру?

Россиялъул школазда къватIисел пачалихъазул мацIал кьеялъул суал Пачалихъияб советалъул данделъи тIобитIилалдего борхулеб букIана Россиялъул хIакимзабаз ва Пачалихъияб Думаялъул депутатаз. Гьедин 20I4 соналдаго гьелъул бицен гьабун букIана ЛДПР партиялъул нухмалъулев Владимир Жириновскияс. ГIелин, заман щванин школазда къватIисел мацIалги, гединго миллиял мацIалги малъи къотIизабизеян абун букIана гьес. 23 декабралда Пачалихъияб Советалъ тIобитIараб данделъиялда нахъеги борхана гьес гьеб сула президент Владимир Путинида цебе. Сундуе къвариIгурал жалин гьел пачалихъиял мацIал, гьале жинда лъалин лъабго ункъониги батIияб мацI, амма гьелъул жинде щибниги пайда гьечIин абуна ЛДПР партиялъул нухмалъулес. Гьелъул бакIалда интернаталги, инсанасе тарбия кьеялъул дарсалги рагьизе кколин школазда бихьинчи бихьинчилъун вукIине куцалел дарсал хIажат ругин.

КъватIисел мацIал малъиялдалхун хIинкъ бугин нилъеца гIун бачIунеб гIелалда гьоркьор нилъеего оппозиционарл куцазеян аблеб буго Жириновскияс. Владимир Путиница рагIи кьун буго гьеб суалалда тIад ургъизе.

Жакъа Россиялъул регионазд ругел цIикIкIунисел школазда къватIисел пачалихъазул мацI малъулеб буго. 90 –абилел соназда хадуб цо-ца бакIалда гьелъул шататал къаниги гьел жакъа малъула школазда. Дагъистаналъул шагьараздагун росабалъги гIемерисеб бакIалда гьелъул дарсал кьола жакъаги. Щибиланха абулеб бугеб гьелда тIасан къватIисел мацIазул мугIалимзабаз. Мисалалъе Казбек мухъалъул Гуни росулъ анцIгоялдасаги цIикIкIун соналъ ингилис мацIалъул дарсал кьолей йигей Ильясова Балица гьадин загьир гьабуна жиндирго пикру.

Ильясова Бали: « Дица рикIкIуна Жириновский гьеб бакIалда кутакалда мекъи вугилан. КъватIир пачалихъалде ккани гурони гьезул мацI къваригIунарин абураб жо битIун гьечIо. Чан чи къватIиса пачалихъалде унев мацI камил гьабизе гIололъунги. Шекспирил, Джек Лондонил, Гетел асарал щвалде щун цIализе гIологIаги къваригIуна гьеб мацI, гьеб цо.

КIиабизе бугони, нилъ гIумру гьабун руго нанотехнологиязул гIасруялда. Инсанги техникаги кутакалда церетIун руго. Интернеталъ пачалихъазд гьоркьоб букIараб гIурхъи нахъе бацIцIун буго. Гьелъул хIасилалдаги чиясе чара гьечIого хIажалъулеб жо бугин рикIкIуна дица цоги пачалихъазул мацI. Гьединго хIалтIуде росулеб мехалъги чара гьечIого кьолеб суал букIуна къватIир пачалихъазул мацI лъалиш дудаян ва гьеб лъалеб батани дур цогидазад цебеги тIокIлъи букIуна. Нилъерго махщалил хIалбихьиги цоцае рагьизе, гъозул гьечIеб нилъедаги бицине кIиябго пачалихъалъе цIакъ кIвар бугеб жо буго цоцазул мацIал лъалел ругони».

Нижеца гьединго лъазабуна гьеб суалалда тIасан цIалдохъабазул кинаб пикру бугебали. ХIажат бугиш жакъа Дагъистаналъул школаз къватIиса пачалихъалъул мацI абураб суал кьуна нижеца гьезие ва гьале гьез кьурал жавабалги:

-КъватIисеб пачалихъазул мацI къваригIунеб жо буго ва гьеб букIине ккола. Мисалалъе босани гьеб хIажалъула бухгалтериялда яги программированиялда. Цогиги, къватIисел хIукуматазде индал гьенибги гьеб къваригIунеб жо батула, щай гурелъул гьенир гIемерисезда лъала ингилис ва гьелъ бигьалъизе гьабула гьенив вукIа-вахъин.

-Дир пикруялда ингилис мацIалъул дарс бищун къваригIунеб дарсазул цояб буго школалда. Щайгурелъул, киве мун аниги дуе кумекалъе батулеб жо буго гьеб лъай. Дир имгIал Испаниялда вукIаго жиндирго гIагарав чиясул рукъ балагьулев вукIана кивехун инеяли бичIчIуларогун. цояс аскIовеги вачIун цIехон буго гьесда ингилис мацIалда дуе кумек къваригIун бугищалин. Гьесда ингилис мацI лъалеблъи бихьарав дир имгIалас цIехон буго гьесде нух ва гьедин гьесда жиндирго гIагарав чи ватана. цогиги мисалалъе программистасе къваригIунеб мацI буго гьеб. киналго программаби цин ингилис мацIалда гьарула ва цинги гIурусалде таржама гьабула. Ва гьеб гуреб цогиги гIемерал профессиязда цIакъ къваригIуна ингилис мацI.

-Ингилис мацI нахъе бахъиялде дир квешаб бербалагьи буго. Гьеб къваригIунеб дарс буго. КъватIисел хIукуматазде ккани гьенибги батулеб жо буго мацI лъай.

ЦIех-рех гьабуразда гьоркьосан МахIачхъалаялда микьабилеб классалда цIалулев МухIамадарсуалица рикIкIунеб буго хIажат гьечIин жакъа къватIиса пачалихъалъул мацIазул дарсалилан.

МухIамадрасул, 8-б классалда цIалулев «КъваригIунеб жо гуро гьеб ингилис мацI гьаниб.? Щибизе гьеб нилъее Россиялда, Махачхъалаялда ругел чагIазе. Гьаниб гьеб мацIалда гIаданцин гаргадуларо. Диеги бокьуларо гьеб мацI. Гьелъул бакIалда гIараб мацI букIарабани бегьилаан. Гьединго цогидазеги ихтияр кьолеб букIарабани школалда дуе бокьараб мацI тIаса бищизе, цIакъаб букIинаан.

Дагъистанлда къватIисел мацIазул мугIалимзаби хIадур Дагъистаналул Пачлаихъияб ва педагогикияб университеталъул къватIиел мацIазул факульеталда. Мисалалъе Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталда къватIисел мацIазул факультет рагьаралдаса гьез къватIиве виччан вуго 10 азариддаса цIикIкIун къватIисел мацIазул мугIалим. Махщел камил гьабизелъун гьезул чангиял цIалун руго къватIисел хIукуматаздаги. Гьединго МахIачхъалда рагьун руго «Лингва +» «Английский для всех» ва гьел гурелги къватIисел мацIал малъулел хасал школалги.

XS
SM
MD
LG