МагъчIваялъе рес

Россиялъул хиял буго гIурус мацI дунялалда тIибитIизабизе


Гьалкъоязда гIемерал макъалаби къватIире рахъана Россиялъул интернет сайтазда рахьдал мацIазул проблемаялда тIаса хъварал. Гьеб гуребги – гIурус мацIалъе жеги цIикIкIараб кIвар кьолел макъалабиги интервьюялги загьирарун руго.

«Россотрудничество» абулеб идараялъул бетIер Любовь Глебовалъ «Известия» газеталъе кIудияб интервью кьуна. Гьелда гьелъ абулеб буго жиндир идараялъул хиял бугин гIурус мацI дунялалда гIатIидго тIибитIизабизе.

Гьелъул рагIабазда рекъон исана Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабуна «ГIурус мацI» абулеб федералияб программа. Гьеб хIалтIизе буго 2016 соналдаса байбихьун 2020 сон щвезегIан. Ва гьелъул мурадазул цояб – гIурус мацI къватIисел улкабаздаги тIиритIизари.

Цебе хIалтIизабураб гьадинабго программаялде данде ккун, цIияб программаялъе бюджеталдаса кьолеб гIарац лъабго нухалъ цIикIкIараб буго, ян лъазабуна Любовь Глебовалъ.

Гьале хасго гьеб сабаблъун дагьалъ цебе нижер хасаб программаялъе интервью кьолаго, Илиял цIаралда бугеб Гуржистаналъул университеталъул профессор Олег Панфиловас абулеб букIана Россиялъул тIадтараз гIурус мацI кидаго хIалтIизабулаанин идеологиялъул ярагъ хIисабалда улкаялда ругел цогидал миллатазул мацIал сан гьаричIого тун. Ва гьелдалъун гIемерал миллиял мацIал дагь-дагь ккун тIагIунел ругин.

Любовь Глебовалъ абулеб буго жидее бокьилаанин цебесеб Совет Союзалъул республикабазул ва Машрикъалъул Европаялъул улкабазул халкъазда бичIчIизабизе гIурусазул гIамал-хасияталъул берцинлъи, жал агрессивиял гIадамал гьечIин, жал ритIухъал ва интересиял ругин абун.

ГIурус пачаясул заманалда гьединалго масъалаби батIайисеб къагIидаялъ тIуразарулел рукIана чиновниказ, ян абулеб буго Олег Панфиловас:

Олег Панфилов: «ГIараб мацIалъ дарсал кьолаан аслияб къагIидаялъ мадрасабазда. Ва цин ГIурус пачаясул администрация, цинги Советияб администрацияги хIинкъулаан гьелдалъун гIадамазе динияб асар щвеялдаса. Хасго гьеб сабаблъун гьез хIукму гьабуна Шималияб Кавказалда миллиял мацIал церетIезаризе, гIараб мацI кIочон тезарун. Амма абизе ккараб буго гьадинаб жо: советияб ва пачаясул заманалъул лъай кьеялъул системабазда гьоркьоб кIудияб батIалъи буго.

Централияб Азиялда ва цогидал икълимазда пачаясул хъулухъчагIазда тIадаблъун гьабун букIана бакIалъулал мацIал лъазаризе. Тажикистаналда гьавурав, гIурав ва гIелмияб хIалтIи гьабулев вукIарав инсан хIисабалда дида лъикI лъалаан гIемерал мисалал. Гьале гьезул цояб: ХIоджен мухъалъун бетIер полковник Кушакевичасда лъим гIадин лъалаан парс ва турк мацIал.

Гьедин пачаясул администрациялъ хIаракат бахъулаан бакIалъулал гIадамазулгун гьалмагъ-гьудуллъиялъул бухьенал щулалъизаризе. Цого мехалъ халат бахъулаан динияб лъай-кьеялъул хIалтIиги, амма гьелда тIад кьварараб контрольги букIана».

Щайха гьанже гIурус мацIалъул хIаракатчагIи Европаялде руссарабали? Любовь Глебовалъул ва гьелъул ишцоязул хIисабалда Европаялъе толерантлъи гIолеб гьечIин, Европаялда бичIчIуларин киндай гIемер миллаталъулаб дунялалда гIумру гьабизе кколебали. Ва жидер аслияб мурад бугин – добехун жидерго хIалбихьи щвезабизе.

Амма толерантлъиялъул бицен гьабулаго, жиндир иргаялда Европаялъ гьанжесеб Россиялъул тIалъиялде гIунтIизабулеб буго ксенофобиялъул гIайиб. ТIоцебесеб иргаялда жибго Магърибалда бан.

Мисалалъе босани гьалкъояз «Россия-1» телеканалалда бихьизабураб документалияб фильм. Гьелъул автораз ракIалде щвезабулеб буго 1968 соналда Чехословакиялде Совет Союзалъул танкал рачIиналъул хIужа.

Гьез абулеб буго Чехословакиялде кIиазаргогIан танк ва щуазаргогогIан солдат рачIун рукIанин гъоркьан гьабураб къотIиялъ кьолеб хIинкъи цебеккунго нахъ чIвай мурадалда.

НАТО-ялъул хиял букIанила Чехословакиялда пачалихъияб хиса-свери гьабизе. Чехиялъул ва Словакиялъул тIадтараз Россиялде гIунтIизабуна тарих мекъса бихьизабиялъул гIайиб. Доб букIинчIин гьудуллъиялъул гали, доб ишалъул хIасилалда нусгогIан чи чIвана Чехословакиялда.

Чехиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялде ахIун вукIана Россиялъул илчи ва гьесде официялияб протесталъул нота гьабун букIана. Словакиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ Россиялдаса тIалаб гьабуна тIаса лъугьин гьаре.

XS
SM
MD
LG