МагъчIваялъе рес

Памятникал рала пачазабазе...


Нажмудин Самурский
Нажмудин Самурский

Н.Самурскиясе гIарас (памятник) лъеялда тIаса

Ахираб заманалда интернеталда ва социалиял гьиназда гIемерлъана Нажмудин Самурскиясе памятник лъеялда сверухъ бахIсалги дагIбаялги. 1930 - абилел соназда Дагъистаналъул ВКП (б) ялъул вукIарав тIоцевесе секретарь (республикаялъул бетIер дол соназда) Нажмудин Самурский абурав чиясе МахIачхъалаялда памятник лъезе кколин республикаялъул бетIерас бахъараб хIукму цIаларабго цIоро-гъорон хутIана цIакъ гIемерал чагIи. Дагъистаналда тарихалда тIокIабги къадараб рухI бижун букIун батиларин абизе бегьула гьесул ишазухъ балагьун. Бидулал лъеберабилел соназда гьадингоги Сталинил зулмуялъул бидулаб гьабица халкъ ххенолеб мехалда гьев иманги, инсапги гьечIев къадарав чи нухмалъиялде ккеялъ азаргояз дагъистаниязул рухIал рахъана.

Сибиралъул цIорорал бараказда ва гIаздалал рохьазда гIумруялъул ахирал къоял тIамуна азаргояз гъаримал магIарулаз. ГIанжиялъул подвалазда диваналъул тройкаялъ чIвайги къотIун Каспиялъул салулъ рукъана гIадатиял гIухьби ва рекьарухъаби, гIалимзаби ва цIаларал чагIи. Цо букIуна зулмуялдаса живго ва хъизан агьлу цIунизе гIоло гьабураб такъсир, гьединал гIемер ккана дол соназда. Гьав малгIунас ЦКаялда цеве живго тIокI гьавизе ва жиндир цIоко цIунизе чIвазаруна азаргояз гIайиб гьечIел гIадамал, пайда щиб хвасарлъичIо живгоцин гьеб хиянат гьабуниги. ТIадегIанав Аллагьас жаза гьабуна ракьалдаго, гьелго чIвадарухъабазул къорикье ккана живго Самурскийги.

The secret document from Najmudin Samursky (a head of Dagestan in 1930's) to Stalin, illustration
The secret document from Najmudin Samursky (a head of Dagestan in 1930's) to Stalin, illustration

Жакъа киналго архивал халкъалъухъе щварабго рагьана гьеб хияналъи. 1937 абилеб соналъул сентябралда улкаялъул бетIер И.Сталинихъе хъвалеб буго Самурскияс: "НКВДялъул ва цIех-рехалъул идарабазул бихьизабиялда рекъон антисоветчиказул ва лъутарал кулаказул къадар цIикIкIун буго, гьелда бан лъикIаблъун бихьулеб буго кIиябго категориялъул лимит цIикIкIинабеян. Дагъистаналъул ВКП (б)ялъ гьарулеб буго тIоцебесеб категориялъул (чIвазе къотIизе) лимит 600ялдаса 1200ялде щвезегIан цIикIкIинабеян, кIиабилеб категория (ссылкаялде ритIизе) 2478 ялдаса 3300ялде щвезегIан. Дагъобкомалъул секретарь Н.Самурский."

ХIисаб гьабеха, гьав гIащтIичиясе республикаялъул тахшагьар бакьулъ гIарас (памятник) лъуни гьеб щиб гIаламат, ишара букIинеб гIун бачIунеб гIелалда цебе? ЧIвадарухъанлъи гьунарлъун гьабийищ, хиятанатчилъи кIодо гьабейищ, хIалихьатлъи ва Дагъистаналда цебе гьабураб такъсир ритIухъ гьабийищ? Ялъуни гьев чи битIахъе малаикасул даражалдейищ вахунев республикаялъул бетIереасул тахбакIида вукIанин? Нилъер гIемерисезда гъорлъ тIибитIараб пикру буго хварал арал чагIазул хIакъалъулъ лъикIаб гурони калам гьабизе бегьуларин абураб?

Гьеб кутакалда заралияб ва мекъаб пикру дир хIисабалда. Хун хадуб кинабго жоялда тIаса лъугьин кколеб буго бокьарав хIалихьатие такъсирал гьаризе нух рагьи, изну кьей, такъсир ритIухъ гьаби. Хасго тIаса лъугьине бегьуларо тIурарал халкъазул ва гьезул къисматазул кверщел кодосел чагIазда, республиказул, пачалихъалъул бутIрузда.

ХIалихьатида хIалихьат ва бахIарчиясда бахIарчи абураб хIакъикъияб къимат кьоларебгIан мехалъ нилъеца нухал рагьизе руго иргадулаб хIалихьатлъиялде. Рамазан ГIабдулатIиповас Самурскиясе памятникалъе хIукму гьабун батила гьев хутIараздаса ватIа гьавиларин, гьеле гьеб миллиял суалазулъ ращад гьаризе кколин абураб хIисабалда. РукIина гьеб пикруялъул рахъ ккурал чагIиги, хасго лезгиязда гьоркьор. Амма миллияб суал гьаниб бачIине ккола ахирисеб иргаялда. Жиндир гIумруялъе хIинкъи букIаго Дагъистаналъул халкъ зулмуялъул нухда республика тун гочинабиялдаса цIунарав ГIабдурахIман Данияловасеги, жиндир цIоко цIунизеян аза-азар чи туснахъ гьарурав ва чIварав Самурскиясеги кIиясего памятник лъеялъул магIна щиб?

Гьедин батани бахIарчилъиги хIинкъиги, гьунарги рогьоги, гIакълуги жагьлуги, берцинлъиги суриги цохIого жойищха кколеб ракьалда? Гьеб цого жо батани гьалгощинал вагIзаялги, тарбиялги, малъа-хъваялги щайха гIаламалъ цоцаде гьабулеб?

Жакъа республикаялъул интеллигенциялъ, магIарулазги, магIарулал гурезги, хасго Сибиралъул туснахърокъор умумузул рухIал рахъаразул наслабазулги бихьинчилъи гIезе ккола хитIаб гьабизе республикаялъул бетIерасухъе, гьев гIащтIичиясе ва хиянтчиясе памятник лъезе гьабураб хIукму хисизабеян. Халкъалъул тIалабалда рекъон гьеб хисизе рес буго гьесул, Къуръаналъул аят гьеб указги гурелъул.

Живго ГIабдулатIипов нилъ "лагълъиялдаса тархъан гьарурав" эркенлъигун канлъи-лъайги босун вачIарав чиги вугелъул. Гьедин гурищ гьес жинцаго абураб халкъалда цебе? Щай нилъ хIинкъизе кколел нилъ эркен гьарурав чиясдаса, гьес рагьун диалогалдеги, жиндиргун пикраби гIахьал гьаризеги ахIулеб мехалда? Ялъуни гьаб щиб хIисаб, биял тIунагIанищ азул къадру бахунеб бугеб?

"Памятникал рала пачазабазе,

Гьаб ракьалда биял гIодор тIуразе.

Жеги рагъ гьабичIев пача ватани,

Гьесие лъелаан дица памятник..." - ян гурищ букIараб поэтасул?

Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG