МагъчIваялъе рес

ВагIза сабабалъун цIех-рехчагIаз гIужие восун вуго имам


Унсоколо мухъалъул ХарачIи росулъа имамасда сверухъ цIех-рехалъул тадбир байбихьун буго къуваталъул идарабаз. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго экстремизм ритIухъ гьабураб магIнаялъул вагIза гьабун бугин гьес росуцоязеян. Амма гьелда рази гьечIо имамасул хIалтIиги лъалел, гьевги лъикI лъалел гIадамал. Гьес абурал рагIаби магIнаги хвезабун щвезарун ругин цIех-рехчагIазухъе.

ХарачIи росдал имам Абдураев Адамиде цIех-рехчагIаз гьединаб гIайиб гIунтIизабиялъе гIиллалъун ккун буго хварав чи вукъулеб бакIалда гьес гьабураб вагIза. Чанго соналъ цебе гьезул росулъа кIиго гIолохъанчи чIван рукIун руго щалали лъазе кIвечIел чагIаз.

Гьел рукъулеб бакIалда имамас вагIзаялда гьоркьоб гьабураб калам хиса-сверизеги гьабун рехун бугин гьев вокьуларел чагIаз интернеталдеян бицана «Эркенлъиялъе» Буйнакск шагьаралда гIумру гьабун вугев ХарачIиса адвокат МухIамадов НурмухIамадица.

МухIамадов НурмухIамад: «Дунги вукIана гьел рукъулеб бакIалда гьес вагIза гьабулеб мехалъ. Экстремизмалдегун терроризмалде халкъ ахIулеб магIнаялъул кIалъай гьес гьабичIо, гIаксалда хIукуматалъул рахъги кколев, Конституцияги лъалев чияс гьединаб вахIшияб иш гьабуларин, гIолохъаби чIваразда ццим бахъун кIалъалев вукIана гьев. Я хIукуматалде, я политикаялде данде вахъун гьес гьениб щибниги рагIи абичIо.

Гьевги рихарав, нижер мухъалда хIалуцин цIикIкIаралдаса, гьеб гIодобцине бокьичIел чагIаз добе-гьанибе цIацIан буго гьесул кIалъай. Гьесда киданиги ракIалде ккун букIун батиларо, жиндирго ракьцояз гьеб кIалъай интернеталдеги рехун тIибитIизабилилан».

Гьеб лъугьа-бахъин ккун букIун буго 2012 соналъул маялда. КIиго-лъабго къоги гьоркьоб ун кIиго гIолохъанчи вачIанин жидер росулъе чIван. Мажгиталдеги хьвадулел, имамасда лъикIги лъалел гIадамал рукIанин гьелилан абуна МухIамадов НурмухIамадица

Абдураев Адам Дагъистаналъул рухIияб идараялъ тасдикъги гьавун тарав имам вукIанин росулъилан бицана МухIамадов НурмухIамадица хадубги.

МухIамадов НурмухIамад: «Гьесул рахъалдаса кинабниги квешлъи гIадамазда лъаларо. ГIадамазда иман-исламги малъулев, берцинлъиялда рукIине кколилан халкъалда абулев чи вукIана гьев. Террористазулги гьес киданиги рахъккун букIинчIо, гьезие гьевги цIакъ рихарав вукIана».

ВагIзаялда имамас абурал рагIаби сабаблъун гьесде гIайиб гIунтIизабизе ккани цин гьев рагIа-ракьанде щун гIараб гIелмуги, къануналги лъалев чи вукIине кколилан абулеб буго НурмухIамадица.

МухIамадов НурмухIамад: «Мисалалъе Загьид абураб рагIул магIна буго дунялги тун ахираталъул пикруги гьабун гIибадаталде вуссарав чи абун. Гьединго «шагьид» абураб рагIул магIнаги бичIчIизе рес буго кIиго батIайиса. МагIна хисизабизе бокьарав чияс добе гьанибеги цIацIан бокьадухъе бачуна гьеб.

Гьедина гьабизе бегьуларо. Гъолъие къимат кьезе ккани рухIияб идараялъ тарав хасав эксперт вукIине ккола. Динияб экспертизаги тIобитIун гьабизе кколаан гьев чияс имамас гьабураб вагIзаялъул магIна. Гьедин гьабичIелъул гьез».

Абдураев Адам гьабсагIиги росулъ жиндирго имамаул хъулухъ тIубалев вугилан бицана НурмухIамад МухIамадовас. ЦIех-рехчагIаз гьесда тIад рагьараб уголовияб иш Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханаялде битIун буго. БукIине кколеб хIалалъ цIех-рехги тIобитIун къануналда рекъон диван тIобитIани гьесде гIунтIизабулеб гIайиб нахъе бахъизеги рес бугилан абулеб буго адвокатас.

XS
SM
MD
LG