МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда чIван вуго салафиязул имам


ТIоцебесеб декабралъул къаси Хасавюрталъул мажгиталъул имам Сулейманов Сулейман чIваялъе щиб гIилла букIарабали чIезабун гьечIин лъазабулеб буго къуваталъул идарабаз. ЧIварав имам лъалез абулеб буго Дагъистаналъул цойгидал мухъазде дандеккун Хасавюрталда салафиязул чIаголъи къо бахъанагIан цIикIкIунеб бугелъул гьеб гIодоцинабизе чIван ватизе бегьулин гьевилан.

Талат къоялъул бакъанида Хасавюрталда чIван вуго гьеб шагьаралъул азарханаялда аскIоб бугеб мажгиталъул имамлъун вукIарав Сулейманов Сулейман. Гьесул автомобилалде Калашниковасул автоматалъусан щалали лъаларел чагIи кьвагьдон руго. Гьел II5 номерал ругеб цIахIилаб «Приора» автомобилалдаги рекIун тIурун анин, гьел ралагьиялъе хасал тадбирал тIоритIулел ругин гьаб сагIатилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ. Гьеб лъугьа-бахъиналда бан Россиялъул къануналъул лъабго бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго цIех-рехчагIаз. Сулеймановасул букIун буго 22 сон, гIадамазда гьев Кокрекалдаса Сулейман абун лъалевги вукIун вуго. ГIолохъанаб ригьалъул чи вукIаниги гIезегIан лъикIаб лъайщварав вас вукIанила гьев, имамлъи гьабиялдасаги, аслияб къагIидаялъ исламиял гIелмабазда тIасан дарсал кьолев вукIанин гьевила бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьев чIварав Имам лъикI лъалев вукIарав Хасавюрталдаса МухIамадица.

МухIамад: «КIигогIан соналъ цебе имамлъун вищун вукIана, амма гьесие цохIо мажгиталда имамлъиги гьабун вукIине бокьун букIинчIо. Гьев батIи-батIиял мажгитазде унаан рузман къоялъул хутIбаби гьаризе, лекциял цIализе. Нижеца гьев исламиял гIелмабазда тIасан аслиял дарсал кьолев чилъунги вищун вукIана. Гьединлъидал гьес гIадамаз азарханаялъулабилан абулеб мажгиталъул имамлъун жиндирго бакIалда цойги чиги тун гьев мажгитазда тIадсверулев вукIанин абизе бегьула.

Документазда рекъон Сулейман вихьизавун вукIана гьенив имамлъун. Хас гьабун гьесда хадур рилълъунел чагIи рукIанин абизеги бегьуларо. Амма гьев вукIана гIемерчияс адаб –хIурмат, къимат гьабулев чи. Гьевгун дандразе гIемерал суалалги рукIунан гIадамазул. Гьев лъан хадуб, киназулго рекIелъе вортулев чи вукIана гьев Сулейман. Гьев кутакалда нечарав чиги вукIана, гьес живго цевехъанлъун киданиги рикIкIунароан ва вихьизавулароан. Гьединлъидал хасгьабун гьесда хадур рилълъарал гIадамалги рукIинчIел».

Гьединго МухIамадица бицана цере-цере гьесие лъица букIаниги хIинкъалаби кьолел рукIаралищали лъаларила жиндида. Гьес киданиги гьелъул хIакъалъулъ щибниги бицунеб рагIун букIинчIила жиндида. Лъилнигун дандеккунгутIабиги рукIинчIила гьесул, къуваталъул идарабазулгунги кинаб букIаниги конфликт букIинчIила гьесул. Гьедин батани , дур пикруялда рекъон, сундуе гIолони ва лъицайин гьев Сулейман чIвара вилан «Эркенлъи» радиоялъ цехараб мехалда МухIамадица гьадинаб жаваб кьуна:

МухIамад: «Дида ракIчIун абизе кIолаго гьеб иш къуваталъул идарабаз гьабун батилин абун, амма тIокIаб гьеб гьабизе бегьулел чагIиги, гьесул тушбабиги нижеда рихьулел гьечIо. Киназдаго лъала гьес гIолохъаби ярагъ кодой босизе ахIулел рукIинчIеллъи, гьев вукIана хас гьабун гIелмуялда тIад чIарав, диналде гIадамал ахIулев, дин тIибитIизабиялъе кIудияб хIалтIи гьабулев чи. Гьеб рахъалъ кутакалдан жигаралда хIалтIулев вукIана гьев. Гьедин салафиязул иш цебебилълъиналъе гьес бахъулеб бугеб жигар бихьун, гьелдаса разигьечIел къуваталъул идарабаз чIван ватизе бегьула гьев. Гьединал салафиязул церехъаби тIагIинаризе рукIине нилъер гьанир цоязе наркотикал, цойгидазе ярагъ реххун, ургъун рахъун гIиллабиги ратун туснахъ гьарун тIагIинарула гьев. Сулейман гьеб къагIидаялъ тIагIинавун бажарулареблъи бичIчIун батула гьезда. Щайгурелъул гьесул эмен вуго гIемер лъай-хъваялги, ресги, шагьаралда гIадамаз рикIкIунев бажари бугев чи.

Гьединав чиясул вас кидаго низам цIунулез гьабулеб схемаялда рекъон жанив тIамун хутIулароан, гьезие гьеб иш гьабизеги толароан гьесул инсуцаги гьесда нахъа ругезги. Гьединлъидал ракIчIараб хIасил букIунеб къагIидаялъ речIчIун жогун чIвана гьев. ШаригIаталъул гIелмабазул доктор ТIелекьа МухIамадов МуртазгIалиго гIадин чIвана гьевги. Гьесда автоматалъул кIиго магазин лъугIизегIан гьесде кьвагьдеялъги бихьизабулеб буго гьев хIинкъизавун тезе гурев, чIвазелъун гьабураб тIадекIанцIи букIин гьеб. Шагьаралдаго диниял дарсал кьеялъул иш гьабулев вукIарав гьев чIвай гьеб салафиязда щвезабураб кутакаб кьаби буго».

Ахираб заманалда МахIачхъалаялъул салафиязулин абулел мажгитазда сверун Динияб идараялъул вакилзабазулги салафиязулги бугеб дандеккунгутIиги хIалай ккун, суфиязулги салафиязулги гьоркьоблъи дагьабги цIакъ хIалуцинабизе чIванадай гьев Сулейманилан абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна гьевго МухIамадица:

МухIамад: «Нижецаги пикру гьабулеб букIана салафиялги суфиялги цоцаде гьусизелъун гьабураб иш бугебдай гьебилан абун, амма гьесие гIоло тунка-гIусиги, рагъ-кьалги багъаризабилев гIадав чи вукIинчIо Сулейман. Ай, гIалаб хадуб бахъунев чи вукIинчIо гьев. Дагъистаналъул цойгидал мухъаздаги шагьараздеги дандеккун жигаралда хIалтIулел салафиязул мажгиталги, диналде гIадамал ахIиялъул хIалтIиги унеб буго Хасавюрталда. Цойгидал бакIазда гьеб ишалда сверун бичIчIулареб ахIвал-хIал батаниги гьаниб гьеб иш нухда ккун буго. Цебехун бицахъе гьеб иш цебебилълъиналъе аслияб хIалтIи гьабулезул цовлъун гьев Сулейман вукIиндал, гьеб нахъбегизабизелъун, гьеда сверун бугеб жигарчиги гIодобцинабизелъун чIванин гьевилан кколеб буго нижеда».

ЧIварав Сулейманов Сулейман вукIун вуго Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул Хасавюрталда бугеб филиалалъул бетIерасул вас. Гьев цеве-цевеги салафиязул цевехъан Сасикьа Абу-ГIумарида цадахъ Африкаялъул бусурбабазе, Сириялдаса тIурун рачIаразе кумек гьабизелъун тIоритIулел рахIму-цIобалъул акциязул гIахьалчилъунги вукIун вуго.

XS
SM
MD
LG