МагъчIваялъе рес

РахIму-цIобалъул гIуцIиял гIемер руго Дагъистаналда ...кагътида


Ахирал саназда Дагъистаналда хIалтIизе лъугьун буго гIолилаз гьабураб чанго рахIму-цIобалъул гIуцIи. Лъиениги цIар гьабичIого, жидерго бажариялдалъун гIарацги бакIарун рескъотIаразе, унтарал лъималазе кумек гьабулеб буго гьел гIолилаз. Цере киданиги рукIинчIел рахIму-цIобалъул аукционги, базаралгицин тIоритIизе лъугьун руго республикаялда.

Дагъистаналъул регистрационная палатаялъул ахирисел баяназда рекъон республикаялда хъвай-хъвагIай гьабун буго 3 азарго жамгIияб идараялъул. Гьезда гьоркьоб документазда рекъон 50 ялдасаги цIикIкIун рахIму-цIобалъул фондниги гIуцIиниги буго.

Амма кагътида рахIму-цIобалъул идарайилан хъвай гурони букIунеб хIалалъ хIалтIулеб, гIадамазе кумек гьабулеб I0 цин идара гьечIин абизе бегьула гьаб сагIат. ХIалтIулелин абулел фондалги гIемерисеб нухалда цониги рес бугев яги хъулухъ ишалда вугев чиясе цIаруе, рекламаялъе хIалтIулин абизе бегьула. Руго гьединго гьазда дозда гьардон гIарацги балагьун жал хIалтIи гьабулел ругин чIарал гIуцIабиги.

Амма лъиениги цIаруе гуреб, жидехъаго бажарухъин гIадамазе кумек гьабизе бокьилин абун лъугьарал гIолилазул гIуцIаби рахъун руго ахираб замналда Дагъистаналда. Гьезда гьоркьоб бищунго кIудияблъун ккола «Благосфера» абураб гIуцIи. Гьел данделъаралдаса нахъе ана кIиго сон. Гьеб заманалда жаниб гIолилаз кумек гьабун буго 500 гIан чиясе. Къойидаса къойиде жидер кьерулъе лъугьине бокьаразул къадар цIикIкIунеб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Благосфераялъул» гIахьалчIужу Эмирова Лайлаца.

Эмирова Лайла: «Жакъа къоялде нижеда гъорлъ вуго 400 гIан чи. Щибаб къойил гьел дагьалги цIикIкIунелги руго. Гьевгощинав чиги данделъун гьабщинаб хIалтIи гьабизе кIвелин киданиги ккунго букIинчIо дида. Нижер къокъа ракIалдаго гьечIого данделъана. ТIоцебе «Одноклассники» сайталда гIуцIун букIана дир гьалмагъалъ интернатазда ругел унтарал лъималазе сайгъаталги росун, гьел руссинаризе, роххизаризе рилълъине бокьарал чагIи ругищинги абун.

Дагь-дагьккун гьединазул 30 чи гIуна. Гьедин бугес бугебги босун ниж унаан гьел лъимал роххизаризе. Хадуб гъорлъе рачIунел чагIиги гIемерлъизе лъугьана, гьанже нижер гьеб буго цо тIубараб гIолилазул багъа-бачари гIадаб жо. Ниж лъиданиги аскIоре гьардезе унаро нижее гIарац кьейилан абун. Кинабго жо нижерго бажариялдалъун гьабун, тIоритIула батIи-батIиял акциял, концертал, экспозициял.

Нижецаго рахъарал суратал, хьухьа-угьарал жал ричула гьел экспозициязда. ГIемерал артистал рачIуна чIобого нижер концертазде кучIдул ахIизе. Нижер гIуцIиялъул кинабгIаги хъвай-хъвагIайги гьечIо. Лъиданиги тIаде баччизабураб жо гьечIо гьениб, кинабго буго жидеего бокьун гIадамаз гьабулеб хIалтIи. Ахираб заманалда республикаялда ругел тIадегIанал цIалул идарабазул жамгIиял хIаракатчагIи журана «Благосфераялде» гъорлъе, гьезги цIакъ кIудияб кумек гьабула. Кин бугониги кумек гьабизе лъимал гIемер ругелъул дайги гIадамаз нижер рахъ кквезе ва нижер кьерулъе лъугьине бокьилаан дие».

ГIолилазул гурониги диниял рахIму-цIобалъул фондалги хIалтIизе лъугьун руго Дагъистаналда. Гьединазул бищун кIудиял ругин абизе бегьула «Инсан» фондги, «Надежда» фондги. «Инсан» фонд гIуцIун буго МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевасул бажариялдалъун. Гьеб фондалъул чагIаз гIемераб хIалтIи гьабула садакъа бикьиялъе, батIи-батIиял росабалъ ругел ресукъал гIадамазе кумек гьабиялъе. Гьединго гьеб фондалъул бажариялдалъун исана кIиабилеб сон буго Рамазан моцIалъ МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул кIалтIа гIадамазе кIалбиччазе санагIалъи гьабуралдаса. Цо къоялъ 200 гIан чи кваназавула гьез чIобого.

«Надежда» фондалъ кваназе квен чIезабиялдаса бахъараб рукъ-бакI къачIаялде щвезегIан кумек гьабулин ресукъал гIадамазейилан бицана гьелъул бетIер Тимур ХIажижараевас.

Тимур ХIажижараев: «Нижер фонд буго кумек къваригIараздаги кумек гьабизе бокьараздаги гьоркьор гьоркьохъанлъи гьабулеб гIуцIи. Нижер фондалде рачIуна балъго садакъа кьезе бокьарал яги лъие букIаниги кумек гьабизе бокьарал чагIи. ГIезегIан руго гьединал чагIи, гIемерисел гьел руго бизнесчагIи. Нижер рукIуна кумек хIажатал гIадамазул сияхIал. РескъотIарав кумек хIажатав чи вугин абун нижехъе ахIун бачIарабго фондалъул хIалтIухъаби уна гьесухъе, щиб къварилъи гьесие бугеб, кинаб кумек бищун цебе гьабизе кколебали халгьабула. Цониги кумек гьарун вачIарав чи нахъчIвачIо я гIинтIамичIого течIо нижеца. Дагъистаналъул батIи-батIиял бакIаздаги МахIачхъалаялдаги киса-кирего гIадин нижер фондалъул номер хъварал игIланал чIван руго къватIахъ. Бокьарав чияс ахIизе бегьула. Кванил нигIматаздалъун, дарабаздалъун партал-хьиталдалъун кумек гьабула нижер фондалъ. Рукъ-бакIалъул хIал квеш батани, гьенибги щиб кумек гьабун бажарулебали халгьабула».

Гьединго Тимурица бицана фонд гIуцIараб лъабго соналда жаниб жидеда 5000 чиясе кумек гьабизе кIванилан.

Гьединал гIуцIабазул бицунаг рехсезе ккола Дагъистаналда тIоритIизе лъугьун ругин рахIму-цIобалъул аукционал ва базарал. МахIачхъалаялдаса Салимова Эльвираца инстаграмм абулеб социалияб сайталда хIалтIизе биччан буго гьеб аукцион. Бокьарав чияс гьениб бичизе лъезе бегьула бокьараб жо. Аукцион гьабун гьеб бичун араб гIарац гьез гIемерисеб нухалда унтарал лъималазе кьола. Масала, ункъго моцIида жаниб лъабго унтараб лъимадуе хириял дараби росизе гIарац бакIарана гьеб аукциналъул гIахьалчагIаз. Гьединго RD абулеб дизайнстудиялъ тIоритIизе лъугьун руго рахIму-цIобалъул базарал.

XS
SM
MD
LG