МагъчIваялъе рес

Алкоголалде данде вагIзабигун


Буйнакскиялъул аслияб мажгиталде хьвадулел гIадамазул цо къокъаялъ байбихьанин шагьаралъул тукабазде, баразде, рестораназде хьвадун гIаракъи-чагъир бичизе бегьуларин вагIзаби гьаризеян бицана ЭР-ялъе гьеб мажгиталъул имам ГIабдукаримица.

Амма гьелъул магIна кколарила жидеца гьезда цере чIванкъотIарал тIалабал лъолел рукIин. ГIицIго бичIчIизабулила гьеб жо диналда данде кколареб жо букIин.

ГIабдукарим: «Щибаб бакIалде уна, бичIчIизабула гьеб жоялъул халкъалъе зарал гурого гьечIолъи. Аллагьасда цебеги кутакалда нахъегIанаб жо бугин гьеб. Бегьулеб батани, бичугейин, цебеса нахъе босейин. Гьедин малъа-хъвай гьабун гурони, нижеда кIоларо цониги чиясда хIал гьабун, гьеб гьукъа-къазе. Бицун бичIчIизабула нижеца. ХIинкъизаризеянги ниж лъугьунаро. Малъараб гьабулеб гьечIони, гьеб гьев чиясул яхIалда бараб букIинаха. ШаргIалъ хIалал гьабураб жо хIалалаб букIуна, хIарам гьабураб – хIарамаб букIуна. Гьедин батани, болъонил гьан кванагеян абиги цогидабги санги гьабичIого, дие бокьараб куцалда вукIинилан абун чIаха. Бокьараб гьабе, амма хIарамаб букIин бичIчIизабизе нижеда тIадаб буго».

Диниял чагIи дунялалъул гIумруялда гъорлъе лъугьунел ругин абураб пикру бижулеб буго гьелдалъун цо-цо чагIазулъ.

Гьелда бан ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна Гъуниб мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан Муртуз МухIамадовасулгун.

Муртуз МухIамадов: «Нилъеего бокьараб мехалда цо-цояз абулаха светияб хIукумат бугила, эл энире гьоркьоре щайила лъугьунел. Цо-цо мехалда клубазда хIалтIулел чагIиги рукIуна дида диниял чагIаз жидеда абулила кьурдугейин, кечI ахIугейин… Дица гьикъула гьезда нужеда цониги имамас абулищин хIалалаб гуреб харж босизе бегьулилан. АбичIила. Гьедин батани, нужеца хIалтIиги теха, мунагьазукьа хIинкъулел чагIиги гьенире риччай. Гьелдалъун ишги лъугIилин. Гьединго тукабазда батаниги, киб батаниги цо пикруялде рачIине ккеларищха росабалъ ругел жамагIаталги цогидалги. ХIакъикъаталда дида чанги абулеб рагIана имамазабазул аслияб ярагъ бугила кIалдиб бугеб берцинаб мацI. Берцинго вагIза-насихIатги гьабун, гьалъул пайдаги букIунаро, гьалъул заралги гьаб буго ян бицине ккола».

Гьедин гьабуниго пайда цIикIкIун букIинин абураб пикру буго Муртуз МухIамадовасул. Гурони тукабазе ун, рейдал гьарун, гIаракъи къватIибе бан жо кколарила. ТIадеги диниял чагIазда данде чIезаризе бегьулила гIадамал.

Муртуз МухIамадов: «Гъоб босарал чагIазе тату бахъи гьабун... Гьелдасаги, вагIзаги гьабун, иш къануналъ тIубазе тезе ккола. Гурони гIемер питна ккола. ГIемерал мухъаздаги ккана гьединаб питна. Кин бугониги, хIукумуталъги биччалеб бугелъул гъоб, магъало бакIаризеги къваригIун. Диниял вакилзабазда цебе абичIониги, гьезда нахъасангIаги абулеб бугелъул, гьезда дандечIезарулел ругелъул цо-цо чагIаз гIадамал. Масала, хъулухъазда ругел чагIаз, алкоголалдаса яшав гьабун ругел чагIаз.

ГIемерал чагIи руго аслияб хайир хъалияналдасаги гьекъолеб жоялдасаги букIунин абулел. Гьеб гьечIони, тукадул мунпагIат щибин абулелги рагIанаха дида чанги чагIи. Амма тIубанго гьелдаса инкар гьабуралги ругоха тукаби. Масала, Гъуниб мухъалъул ХIотIочIиб гьечIо гьеб кибниги бичулеб. Амма росулъа босизе щвечIониги, цогидал росабалъе унги гьеб босичIого толарел гIадамалги руго».

Советияб заманалда модаялда букIанин гьекъолдиян бицуна чIахIияб гIелалъул гIадамаз. Гьекъолеб жоялъул махI-кIачги гьабун рачIунеб гIадатгицин букIанила къватIире, гьелдалъун гьез бичIчIизабунила жидер гьеб босизе рес бугеблъи. Гьанже дин гьабизе заман кьедал, Дагъистаналда къанагIатги рихьуларо мехта-тирхарал чагIи, берталъ, яги цо кIудиял тадбиразда гурони рукIунаро берда рихьун гьекъолел чагIиги.

Гьекъолеб жо бича-хисизе хIарамаб букIиналъул лъазабиял диниял чагIаз Буйнакскиялда гуребги, цогидал шагьараздагун росабалъги гьарула церегоялдаса нахъе. ТIубарал дармилал комплексал кьвагьизарурал хIужабигицин руго. Абула гьеб бугин гьезул бетIергьабаз гIаракъи-чагъир бичизе инкар гьабунгутIиялъ лъицаялиго кьвагьизарурал жал.

Буйнакскиялъул централияб мажгиталъул лъазабиялдаса хадуб гьеб шагьаралда ккараб хиса-баси лъаларин жиндаян бицана ЭР-ялъе гьениса журналист МухIамад МухIамадовас. ГIицIго хабзалалда аскIоб букIараб бильярд хIалеб бакI къанила. Гьебги ремонт гьабизе къан батилила.

Гьекъолеб жо бича-хисиялда бан кIиго соналъ цебе бахъараб къанун буго Дагъистаналда. Гьелда рекъон, гьеб бичизе гьукъун буго къаси сагIат микьгоялдаса радал анцIго тIубазегIан. Гьединго байрамкъоязги кIалккул моцIалъги.

XS
SM
MD
LG