МагъчIваялъе рес

Санкциязул данжерижи гIадатиял гIадамазда рагIизе буго


Туркиялъулгун Дагъистаналъул дармил гьоркьолъаби 2015 соналда 30 миллион долларалде рахун руго. Амма 2016 соналъул 1 январалдаса Россиялъ лъазарурал санкцияби сабаблъун гьукъараллъун лъугьине руго Туркиялъан рачIунел кванил нигIматал ва къайи - къоно. ГьабсагIатго Дагъистаналда ричарухъабазузъа Туркиялъ гьабураб къайи нахъе бахъулеб бугин абурал лъазариялги руго.

Цебесеб соналда данде ккун, 2015 соналда Дагъистаналъулгун Туркиялъул дармил гьоркьолъаби цIикIкIун рукIун руго цо проценталъ ва бащалъун руго 30 миллион долларалда, амма Туркиялдасан бачIунеб къайи-къоно цогидал бакIаздаса бачIунелъ хисиялъул квекIенал рукIинарин лъазабулеб буго республикаялъул тIалъиялъ.

Дагъистаналде Туркиялъан аслияб куцалда баччулеб буго къайи: мебель, халичаби, ххам-кIач, ретIел-хьит. Гьеб кинабго къайи хисизе бегьулин, Италиялдаса, Китаялдаса, Беларуссиялдаса, Казахстаналдаса ва цогидал улкабаздаса къайиялъин лъазабулеб буго Дагъистаналъул Промышленносталъулгун дармил ва инвестициязул министерлъиялда.

1 январалдаса Туркиялъан Россиялде баччизе гьукъарал нигIматазул ва къайиялъул сияхIазда буго 17 хIужа, аслияб куцалда кванил нигIматал, амма цогидаб къайи баччиялъулъги жакъаго бугин квал-квалин лъазабулеб буго гIадамаз.

Жакъаго МахIачхъалаялъул базаразда лъалеб буго гьел рукIинесел санкциязул данерижи. Масала, МахIачхъалаялда бугеб №2 базаралда гIагар бугеб цадахъго къайи босулеб «Миарсо» абураб пихъ-мичIалъул базаялъул хIалтIухъан Салманица абулеб буго Туркиялъан бачIунеб пихъ складаздаго 20-30 гъурщица хиралъун бугин. ЦIияб тIаде бачIунеб къайиги гьечIогон, складазда хутIараб жо бичулеб бугила багьаго.

Салман: «Туркиялъан бачIараб перец, помидор, охцер, нилъерго гьаниб бижулебги лъугIун босизе байбихьула. Гьаниб, МахIачхъалаялъул базаразда ричулел мандаринал, гIеч, цогидал нигIматазул 90 процент ккола Туркиялъан бачIунеб.

Туркиялъан рачIарал мандаринал, масала, учузал рукIана Абхазиялдасан, цогидал бакIаздаса рачIараздаса. Гьенже гьел складаздасанги лъугIулел руго, цогидал бакIаздаса рачIинеги байбихьун гьечIо, гьелъ хираго буго.

Исана ЦIияб соналде столалда лъезе пихъ босизе саламатго гIарац харж гьабизе ккезе буго гIадамаз, жакъаго, гъоркь моцIалда данде ккун, 20-30 гъурщица хиралъун руго гьел».

Араб анкьалда рукIана лъазариял, Хасавюрталда ричарухъабазухъа Туркиялдаса бачIараб къайи бахъулеб бугин полициялъулазин, амма гьеб информация мухIканлъичIо. Щиб хIал бугеб МахIачхъалаялда ретIел-кун бичулеб аслияблъун рикIкIунеб «Восточный» абураб базаралдаяли хал гьабуна «Эркенли» радиоялъ. Гьениб бичулеб къайи аслияб куцалда ричарухъабаз баччулеб буго Туркиялъе жалго ун, яги Азербайджаналдасан.

Амма гьанже Азербайджаналъул гIорхъотIасан нилъер рахъалде къайи биччачIогон рачIунел ругин, гьединлъидал жеги бичIчIулеб гьечIин, кисан ва кин гьеб босизе бугеб хадубккунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Восточный» базаралда хIалтIулел йичарухъан Сумиятица.

Сумият: «1996 соналдаса нахъе уна дун Стамбулалде, гьенисан баччулаан дица къайи. Амма гьанже щиб гьабизе бугебали лъаларо. Гьал къояз Азребайджаналдаса ячIуней цо йичарухъаналъухъа бахъун ун буго Туркиялъ гьабурабилан тIад хъвай-хъвагIай бугеб кинабго къайи.

ГьабсагIаталда бищун лъикIаб даража бугеб ва багьа цIакъго кIудияб гьечIеб къайи ккола Туркиялъ гьабураб: ретIелги хьиталги. Амма гьанже, цо кIиго анкьица цебе букIаралдаса бахун буго гьелъулги багьа. Хасалил хьитал жакъа 10 азарго гъурщидаса гъоркье росизе щоларо гьанир, лъикIаб даража бугел. ХIукуматалъ щай гьабулареб гьелъул агъаз. Нижеца щиб гьабизе кколеб, хадубккун кин хIалтIизе ругел лъаларо, тIалъиялде гьари буго, нижеде кIвар кьейилан».

Нилъерго гьаниб биччалеб къайиялъ хьезарилин, щибго квекIен букIинарин санкциязулин абулелги ккана гIадамал, амма гьаниб лъазе ккола нилъер гьаниб гьабулеб къайиялъе хIажатаб гIала-гъважа цогидал улкабаздаса рачIарал рукIунеблъи.

Масала, МахIачхъалаялда цIакъ гIемер ругел хьитал гьарулел цехазул цоялъул хважаинас баян гьабуна, хьитал гьаризе хIажатаб гIала-гъважа Ростовалдаса баччулин, гьенибе гьеб бачIунин Туркиялъан, амма гьенже гьеб къотIизе тун бугин, кисан гьеб хадубккун бачIинебалиги лъале гьечIила, гьединлъидал, баккун бугила спекуляция. Бищун тIоцебе гьеб киналъулго кьабиги гIадатиял гIадамазул чунтбузда щвезе бугила.

XS
SM
MD
LG