МагъчIваялъе рес

Гьукъулел нигIматал, гуккарал гIадамал...


Араб анкьида Россиялда гьукъун рукIана Калифорниялъул чагъирги Франциялъул гьанги. Гьанже ирга щвана Википедия ва къватIисел улкабаздаса чурулел жал гьукъизе.

Россиялъул тIадтараз гIаммал гьабуна дунялалда цIар араб Википедия абулеб сайталде нух къазе. Хадуб, 25 августалда улкаялъул киналго тукабазда тIад къан бугоан къватIисел улкабазул чурулел химикиял жал рищни гIадин къватIире рехизе.

Кремлалъ гьединаб ищ гьабулеб буго жавабияб тадбир хIисабалда Цолъарал Штатаздеги Евроцолъиялдеги жидерго санкциял лъазарун.

24 августалда Россиялъул бакI-бакIалда гIадамазда кIвечIо Википедия сайт рагьизе. Роскомнадзоралъ провайдеразе буюри кьуна Википедиялде нухал къазе. ГIиллалъун лъазабун букIана рехсараб сайталда гашишалъул хIакъалъулъ макъала загьирабун бугеблъи.

Цо чанго сагIат ун хадуб Роскомнадзоралъ гьеб жиндирго гьукъи нахъе бахъун, Википедиялде нух рагьун букIана Россиялда. Роскомнадзоралъ лъазабухъе, гашишалъул хIакъалъулъ загьирабураб макъала битIизабун бугин ва къануналде данде кколарел баянал гьелдаса нахъе росун ругин.

Гьебго мехалъ Роспотребнадзор абулеб цогидаб агентлъиялъ лъазабуна Clorox , Procter & Gamble ва Colgate-Palmolive абулел дунялалда цIар арал компаниязул чурулел химикиял жал Россиялда ричизе гьукъанин жидеца. Россиялъул кочIохъан Елена Ваенгаца гьелда бан лъазабуна, Россиялдаги ругин гIемерал чурулел жал.

Persil, Vernel ва Fairy абулел химикиял препаратал гьечIого жий холарин. ГIаксалда, жий ва релъараб бербалагьи бугел цогидал россиялъулал гьечIони, гьединал препаратал гьарулел компанияби хвезе рес бугин.

ХIакъикъаталдаги, Fairy Platinum ратичIони гIадамал хвезе гьечIо, амма Тульск ва Гъоркьияб Новгород икълимазда ругел Procter & Gamble компаниялъул фабрикабазда хIалтIулев аза-азар чи гьанжеялдаса хIалтIи гьечIого чIезе вуго. РакIалде щвезабизин: гъоркьисала Макдоналдс абулеб цо чанго ресторан къан букIана. Гьезул гIемерисел гьанжелъизегIан рагьун гьечIо ва дора хIалтIулел рукIарал гIадамал хIалтIудаса махIрумлъана.

24 августалда Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагIаз рохалилаб къагIидаялъ лъазабуна гIаммаб къадаралда тIолго улкаялда кванил сурсатазул 600 тонна тIагIинабун бугин. Гьебго заманалда гьабураб жамгIияб гьикъа-бакъиялъул хIасилалда рекъон Россиялда 16 миллион чияс мискинаб хIалалда гIумру гьабулеб буго. Гьале хасго гьел кколин хIукуматалъ гуккарал гIадамал, ян абулеб буго ихтиярал цIунулез.

ВЦИОМ-алъийн лъазабулеб буго къватIисел улкабазул кванил сурсатал тIагIинариялда разияб бугин гьикъа-бакъиялда гIахьаллъаразул 46 процент.

Бищунго гIадалаб жигарлъун гIемерал россиялъулаз рикIкIула хIукуматалъул хиял къватIисел улкабазул медикиял алатал ва дараби гьукъизе.

Магърибалъул нигIматал гьечIони халкъалъе гьедегIан кIудияб зарал щоларин, амма дарабиги гьукъани – гьелъ гIадамазул сахлъиялъе кIудияб зарал гьабизе буго, ян абулеб буго жамгIияб гьикъа-бакъиялда гIахьаллъарал гIадамазул цIикIкIараб бутIаялъ.

XS
SM
MD
LG