МагъчIваялъе рес

В.Нуланд: "Россиялде лъазарурал санкциял кьваризаризе рес буго"


Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарасул кумекчIужу Виктория Нуланд ва Украиналъул президент Петр Порошенко
Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарасул кумекчIужу Виктория Нуланд ва Украиналъул президент Петр Порошенко

Америкалъул Цолъарал Штатаз лъазабуна Россиялде данде лъазарурал санкциял кьваризаризе рес бугин Украиналъул машликъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIал нахъеги хIалуцинабизе бугони.

Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарасул кумекчIужу Виктория Нуландица шамат къоялъ Шустер-Live телевизионияб программаялда абуна, лъазарурал санкциял хIалтIизаризе ругин Минскалда гьабураб къотIи-къаялъул шартIал тIуразаризегIан.

Нуландица ракIалде щвезабуна - Цолъарал Штатаз Украиналъе рагъулаб кумек гьабулеб бугин, Украиналъул рагъулал хъулухъчагIи хIадур гьарулаго.

XS
SM
MD
LG