МагъчIваялъе рес

Мухъалъул полициялъул бетIер валагьулев вуго ФСБялъ


МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIаялъул нухмалъулев Шакир ГIумаровасда тIад цIидахъан такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рехалъул идарабахъе хасал тадбирал тIоритIизе кодове щвезе чIун гьечIо гьев ГIумаров, гьединлъидал гьез цIех-рехалде лъазавун вуго гьев.

Исана 9 октябралда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ жиндир хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда бан, такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана Шакир ГIумаровасда тIад. Гьеб иш рагьиялъе гIиллалъун букIана гьес жиндирго хIалтIухъанасда кьабун букIин, амма гьеб иш республикаялъул прокуратураялъул хIукмуялда рекъон къан букIана. Гьеб къаялъе ругел гIиллабиги мухIкан гьарулел рукIинчIо прокуратураялъ.

Гьелдаса хадуб хасал идарабаз хал-шалги гьабун цIидасан 19 октябралда рагьана гьебго лъугьа-бахъиналда бан Советский мухъалъул полициялъул бетIерасда тIад иш. ГIумаров цIех-рехчагIаздаса вахчарилев вугелъул Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъги, ФСБялъги гьев 21 октябралдаса нахъе цIех-рехалде лъазавун вуго. Талат къоялъ гьесул хIалтIулеб рокъоб чIухьги бан буго хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз, гьелъул хIасилал жеги баян гьарулел гьечIо гьез.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Расул Темирбековас бицухъе ГIумаровасда тIасан гьесул хIалтIухъанас хъвараб гIарзаялда рекъон, I4 сентябралда полициялъул бутIаялъул азбаралъув цойгидал хIалтIухъабазда цадахъ такъсир гьабураб бакIалде цIех-рехалъулал тадбирал гьаризе ине хIадурулев вукIарав жиндиде мун дурго хIалтIулеб бакIалда вукIинчIого гьаниб щиб гьабулев чийилан ахIдезе лъугьун вуго гьев Шакир ГIумаров.

ХIалтIи гьабизе ине вугин живилан гьес абурабго полициялъул минаялде жанивеги ахIун гьенив чорокал, къабихIал рагIаби абун гьев инжит гьавизе лъугьун вуго ГIумаров гьелдаса хадуб гьурмалъ жоги кьабун буго гьесда. Нухмалъиялъул рахъаладсан жиндехун гьеб рокьукълъи бижиялъе гIиллабиги загьир гьарулел гьечIо гьев низам цIунулес. Гьединго Темирбековас бицана жидехъе гьев ГIумаров Шакирида тIасан гIарза тIоцебесеб нухалда бачIанилан.

Расул Темирбеков: «Нижехъе жеги гьев ГIумаров Шакирида тIасан гIарзал рачIун рукIинчIо гьесул хIалтIухъабазул рахъалдасан яги цойги низам цIунулезухъан. Советский мухъалъул полициялде ккун рукIараз яги гьезул гIагарлъиялъ хъван рукIун ратизе бегьула гьесда тIасан гIарзал, гьеб иш мухIкан гьабун гьаб сагIат бажаруларо дихъа. Россиялъул къануналда рекъон, гьев ГIумаровас гьабураб такъсиралъухъ тамихI гьабун гьев I0 гIан соналъул болжалда туснахъ гьавизе бегьула».

Гьединго Темирбековас бицана жидехъе гIемер рачIинчIониги цо-цониги камуларила тIадвугесдаса ва гьес гьарурал ишаздаса разигьечIел низам цIунулезул гIарзал, амма цониги гьел гIарзазда рекъон рагьараб такъсиргьабиялъул ишалъул ва гьел нухмалъулесе тамихI гьабиялъе мисал бачинчIо гьес.

Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул лъидаго бачIеб профсоюзалъул бетIер Шамилов МухIамадил рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул кьерулъ гьенир тIад ругез жидерго хIалтIухъаби рухи ва инжит гьари гьеб гIадатлъун лъугьараб иш буго, амма гьел рухараз нухмалъиялъукьа хIинкъиялъ, гIемерисеб нухалда. Гьезда тIасан гIарзал хъвалел гьечIо. Гьеб кинабгоги бичIчIун, жидее тамихI гьабугутIиялда ракIгичIун жидее бокьа-бокьараб гьабулел, хIаладаса ун гьел тIадчагIиги ругин бицана Шамиловас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

Шамилов МухIамад: «Гьаб Дагъистаналда, тIад хасаб ретIелги ретIун, полицияйин прокуратурайиланги абун гIадлу гьабизеги, къанун цIунизеги гьеб бихьизабизеги тарал идарабазул цIакъ гIемерал хIакимзаби руго жидер хIалтIухъаби рухулел, кьабулел инжит гьарулел. Гьеб кинабго къулчIун, гьеб хIехьон чIун руго гьел хIалтIухъабиги. Нагагьа-надир рукIуна гьеб киналдаго тIасан гIарзал хъвалел. Гьев Советский мухъалъул полициялъул бетIерас жив вуханин абун гIарза хъван рагIула гьесул хIалтIухъанас, гьев чи вуго бихьинчи.

Гьес гIадин гьабулеб букIарабани киназго гIадамал рухулелги гьезие зулму гьабулелги хIакимзаби лъугIизе рукIана. ХIалтIухъанасда кьаби гьеб лъачIого ккараб жо гуро, гьел ишал гьарун ругьунаб, кидаго гьелъие хьвадулеб квер буго гьеб. Гьеб ГIумаровасда тIад гьабураб иш рагIалде бахъинги цIакъ щакаб жо буго. Къуваталъул идарабаз гIамал гьабула гьединал ишал гьоркьор инаризе, гьеб гIарза хъварасеги лъикIаб мацI бицуна, хъулухъ кьола гьесие гьеб иш лъугIизе тейилан абун».

Дагъистаналъул полициялда 35 соналъ хIалтIарав ва республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда бугеб коррупциялдаги цойгидал гьез гьарулел тIекъал-мекъал жалазда данде вахъиналъ хIалтIудаса вахъарав полковник СалихI ХIажиевасул пикруялда рекъон къуваталъул системаялда гIадлу букIине ккани бищун цебе гьелъул нухмалъи хисизе кколеб буго.

Гьес абулеб буго кинабго Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул системаялъул тIалъиялъе махщалилаб рахъ тIатинабулеб ва психика кинаб хIалалда бугебали бихьизабулеб хасаб аттестация гьабизе кколин. Гьелъул хIасилазда рекъон гурони гьел хIалтIизеги риччазе бегьуларилан.

XS
SM
MD
LG