МагъчIваялъе рес

Полициялъулазе тамихI тIалаб гьабулесул гIарзаби


Жив вухарав ва хIакъир гьавурав полициялъулазе тамихI тIалаб гьабулеб буго МахIачхъалаялдаса Арслан Хайруллиница.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьев хIалтIудаса рокъове унев вукIана ва гьесие нух къана полициялъулас. 19 сон барав Харуллинил адрес, хIалтIи-пиша щибали гьикъун буго низам цIунулес. «Наркотикал ругищ цадахъ?» - ила гьикъун буго гьес гIолиласда. Гьесул чвантиниб квер биччан буго низам цIунулез ва щибго батичIеб мехалда абун буго живгун цадахъ ине кколин Хайруллин. Гьесухъа лъутизе хIалбихьана Арсланица, амма гьенире рачIарал полициялъул цойги лъабго хIалтIухъанас ккун вуго гьев. «Гьез хъахIаб «Приораялде» жаниве къазавуна, телефон бахъана ва вачун ана квартираялде», - ян бицана Хайруллиница.

Квартираялда гьев вухун вуго, гьесие хIинкъаби кьун руго. Гьел полициялъулазул фамилиял Арсланида лъалел гьечIо, амма цIарал ракIалде чIун руго. «Формаялда кIиго полициялъулав вукIана ва гьезул цIарал руго ГIали ва Руслан. Гражданияб ретIел ретIарасул цIар букIана Арсен», - илан бицана Арсланица.

Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъулаз гьесда абуна гьев жидеца нахъе виччазе вугин, амма гьес жидеца абураб гьабизе кколин. ТIоцебе гьез абун буго цо чиясда тIаса гIарза хъваян. Гьелдаса инкар гьабидал, Арсланида чанги нухалъ кьабун буго полициялъулаз.

Арсланица бицухъе, тапанча битIун буго гьесул рахъалдехун Арсен цIар бугев полициялъулас ва абун буго жинца абурабщинаб гьабичIони, гьесда речIчIизе бугин. «Нахъе виччаян гьарулеб букIана гьезда, амма гьариязда жаваб кьолеб букIинчIо гьез, вухулев вукIана», - ян бицана Арсланица.

Ахир-къад, гьесда абун буго гьесул рес бугин жинда гIунтIизабизе бугеб гIайиб тIаса бищизеян. «Кинав такъсирчилъун вукIине бокьун бугебали гьикъана гьез ва лъабго вариантги рехсана: вагьабия, педофил, наркоман. Квешго хIинкъун вукIана ва разилъана наркоманлъун вукIине», - ян бицана Арсланица.

Гьес абухъе, Руслан цIар бугев полициялъулас хадуб чвантиниса гьитIинаб къвачIа бахъун буго, гьениб жаниб букIараб гIурччинаб кьералъул порошокалъул гьитIинабго бутIа гIарцул купюраялде бан буго ва купюра сокIкIун буго. «Гьаб жогун мун нижеца полициялъул бутIаялде щвезавизе вуго. Гьениб кIиго-лъабго къо бала, цIех-рех рагьила, хадув рокъове виччазе вуго», - ян абун буго низам цIунулез Арсланида.

Полициялъулаз хадуб видеоялда вахъун вуго Арслан. Гьес бицухъе, гьез гьев хIинкъаби кьун тIамуна камераялда абизе жив педофил вугин. Гьесда бичIчIизабун буго, жидеца абураб жо гьабичIони, гьеб видео тIибитIизабизе бугин.

Хадув Арслан гIарза хъвазе тIамун вуго. Гьес хъван буго жив спайсгун цадахъ ккунилан полициялъулаз. МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул полициялъул идараялде щвезавуна гьез хадув Арслан. «Гьенив камераялда цо къо бана. Квенни щиб, гьекъезе лъим кьечIо гьениб. Эбел-инсухъе ахIизе телефон кьуна гьенив хъаравуллъиялда вугев полициялъулас», - илан бицана Арсланица.

Гьесда хадур рачIарал гIагарлъиялдаса чагIаз гьев нахъе вачун вуго. Арсланида хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул иш – гьебги «къануналда рекъечIого наркотикал цIуни» илан абураб къануналдалъун.

Нахъисеб къоялда гьесул телефоналде ахIун буго дол полициялъулаз. «Дов Арсенихъа бачIана СМС, гьес дандчIвазе ахIулев вукIана. ИнчIеб мехалда, гьез байбихьана телефоналде ахIизе ва хIинкъаби кьолел рукIана. Цодагьаб заман индал гьудуласухъа воцапалдаса хъван бачIана «мун педофил вугеблъи лъан букIинчIин». Полициялъулаз доб видео тIибитIизабун буго воцапалдаса ва гьединго интернеталда лъун буго», - ян бицана Арсланица.

Гьеб проблемагун Арслан инсанасул ихтиярал цIунулезухъе вачIана. «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъ гьесие адвокат вихьизавуна. Адвокатасул кумекалдалъун Арсланица полициялъулазда тIаса гIарза хъвана. Гьес абулеб буго, цIех-рех чагIаз низам цIунулезда хурхун такъсир гьабиялъул иш ургъунго рагьулеб гьечIин. Живго Арсланида хурхунни цIех-рех унеб буго: гьев лъабцIун ахIана РОВДялде гьикъа-бакъи гьабизе.

Жив вухарав ва хIакъир гьавурав полициялъулзда тIаса цIех-рех рагьулеб гьечIин гIарзаби ритIана Арсланица прокуратураялде ва ФСБялда, амма гьениса жавабал гьесие щвечIо.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул нухмалъулев Олег Орловасул абухъе, гьединал ишазда тIаса къанагIат гурони байбихьуларо цIех-рех.

Олег Орлов: «Хьулни букIуна кидаго, гьел такъсирал гьарурал къануналда цебе жаваб кьезе цIазе кIвелин, амма гьединал хIужжаби гIемер ратизе бегьуларо. Низам цIунулезул системаялъе бокьуларо гьеб системаялда гъорлъ ругезе тамихI гьабизе. Гьелдалъун гьел гIадинал гIемерисел ишазда тIаса цIех-рех гьабичIого тана».

МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул РОВДялда киналгIаги баянал кьечIо Арсланил рагIабазда тIаса. РОВДялъул цIех-рехалъул бутIаялда абухъе, Хайруллинил гIарзадул хал-шал гьабун хадуб балагьила рагьизе бугищ яги гьечIищ уголовияб иш.

XS
SM
MD
LG