МагъчIваялъе рес

Цо хъизаналдаса - цо хIаким


МугIалимзабазул махщел камил гьабулеб институталъул ректор Шагьрудин Шагьов хъулухъалдаса вахъун вуго. Гьесул вац ШагьгIабас Шагьов ккола лъай кьеялъул министр.

Гьединлъидал къануналъ изну кьоларо гьев нухмалъиялъул хъулухъалда вукIине. Амма прокуратураялъ гьеб хIужаялде кIвар буссинабунин гIицIго жидеца чанцIулго хитIаб гьабунин хадусаян бицана ЭР-ялъе «Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас.

Лъай кьеялъул министрасул вацго гIадин къануналда данде кколареб куцалда жеги республикаялъул ветераназул госпиталазул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовги вугин хъван бугоан гьеб газеталъ прокуратураялде кIиабилебги гIарза. Щайин абуни гьесул вас Танка Ибрагьимов сахлъи цIуниялъул министрасул ккола. Гьелъул магIна ккола цо идараялда цо хъизаналдаса кIиго нухмалъулев вукIине бегьуларин абураб.

Гьедин гIезегIан мех бан буго сахлъи цIуниялъулги лъай кьеялъулги министрлъабаздаса журналистазе жаваб кьоларого.

Гьединаб бербалагьиялъе гьадинаб къимат кьолеб буго ХIажимурад Сагитовас ЭР-гун букIараб гара-чIвари.

ХIажимурад Сагитов: «Гьел министрлъабазул рахъалдасан хIалихьалъи ккола гьеб. Гьединго хIалтIизе лъангутIиги, газеталдехун (гьеб цIалулел чагIаздехун) адаб гьечIолъиги. Нижеени, газеталда хIалтIулев 25 чиясе, гьелъул – идарабаз жаваб кьунгутIиялъул - гьедигIан кIудияб кIвар букIинароан. Нижеца гIицIго абулеб букIана гьадал суалазе жавабал кьейин: бегьулищ дол кIиялго – Шагьовги Ибрагьимовги – хъулухъазда рукIине, бегьуларелищ? Бегьуларел ратичIони, сундуе гIоло бегьуларел?».

Гьелдалъун сахлъи цIуниялъулги лъай кьеялъулги министрлъабаз хвезабунин информация тIибитIизабулел алатазул хIакъалъулъ бахъараб федералияб къануниланги тIаде жубана «Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас, гьез жаваб кьезе бихьизабураб хасаб болжал букIунелъулила.

ПалхIасил, гьелдаса хадуб газеталъ гIарза республикаялъул прокуратураялде битIун буго. Гьеб мехалда гурони чIаголъи бихьизабун гьечIо гъол идарабаз. Гьедин гьебго къоялъ редакциялде жавабги бачIун буго. Сахлъи цIуниялъул министрлъиялдасан бачIараб жавабалда гIажаиблъи гьабулеб буго гьеб газеталъул журналистаз. Масала, гьениб хъвалеб буго республикаялъул ветераназул госпиталалъул нухмалъулев, гьединго сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимовасул эмен Ибрагьим Ибрагьимов хъулухъалдаса вахъилищ, вахъиларищин абураб суал жидеца республикаялъул бетIерасухъе битIун бугин, гьенисан жаваб бачIинегIан балагьун чIун ругин жал.

ХIажимурад Сагитов: «Нухмалъулев хIисабалда Ибрагьимов лъикIавищ вугев, яги квешавищин абураб суал гьечIо гьениб. Гьесдехун гьеб рахъалъ лъицаниги тIадкIалъай гьабулеб гьечIо. Иш батIайисан буго. Къануналъ тIалаб гьабулеб буго цо идараялда нухмалъулеллъун цо хъизаналдаса чагIи рукIунгутIизе. Гьединлъидал гьеб идараялда гьединанго тани, цогидал бакIаздаги хадуббехъерхъун хутIизе буго. Щайин абуни сахлъи цIуниялъул министерлъи ккола республикаялда бищун кIудияб идара. Гьенисан бихьизабизе ккола мисал. Нухмалъулев хIисабалда живго гьев Ибрагьимовасул рахъалъ бицани, киназго абулаха гьев лъикIав нухмалъулев вугилан».

МухIканлъи гьечIел баяназда рекъон, гьев, ай Ибрагьим Ибрагьимов, хъулухъалдаса нахъе унев вуго.

Гьанже жиндирго вас гIадин, советияб заманалда гьев живгоги вукIана республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрлъун. Гьелде щвезегIан ЛъаратIа мухъалда азарханаялъул бетIерав тохтурлъунги вукIана. Гьенив Ибрагьимовасда цадахъ хIалтIулев вукIун вуго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги (медбратлъун). Гьединлъидал гьезул кIиязулго лъикIал гьоркьорлъаби ругин абула.

XS
SM
MD
LG